Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Балъго магьари лъезе бокьун буго...

ЛъагIалица цебе социалиял гьиназдасан цо гIолиласулгун лъай-хъвай ккана дир. Гьев вуго кутакалда диналда тIад чIарав чи. Гьесул баракаталдалъун дицаги как базе байбихьана ва хIижабги чIвана. Гьал къоязда гьес бакка-бахъи гьабуна лъадилъун ячине бокьун букIиналъул хIакъалъулъ. Амма гьесул цо шартI буго, магьари лъиданиги лъачIого лъей, ай дир эбелинсудацин лъачIого. Гьесул нияталъул бацIцIалъиялда гьанже щаклъи ккана дир. Щиб дица гьабилеб?

Марьям, Гъизилюрт.

ГIалимчиясул жаваб

Нилъее бокьанигибокьичIониги социалиял гьинал нилъер гIумруялъулъе лъугьун руго. Гьезул кумекалдалъун гIемерав чиясул лъай-хъваялги ккола. Социалиял гьиназдасан кIалъаялдасан байбихьула инсан мунагьалде вачунеб нухги. Чияр руччабигун социалиял гьиназдасан бихьинал лъикIаб мурадгун кIалъазе байбихьаниги, гIемерисеб мехалда гьелъул ахир мекъи ккола.

Дур мисал босани, тIоцебе бичIчIизе ккола дуда диниявин ккарав гIолилавгун кIалъай хIарамаб иш букIин. Динияв чи гьев вукIаравани, чияр, ай махIрамияй гурей гIадангун социалиял гьиназдасан гьев кIалъалароан ва гьелде тIадеги хIарамаб, ай балъгояб магьари лъезе ячIайинги абилароан.

БитIараб буго, мунагьаздаса цIунизе напсалъе захIматаб жо буго, мунагьал кколарев чиги, хасго гьаб заманалда вукIунаро. Амма лъан, бокьун мунагьалъулъ даимлъизе бегьуларо. Мунагьалде рачунел нухаздасаги, мунагьалдаса рикIкIалъулев гIадин, рикIкIалъизе ккола.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нуж зина гьабиялде аскIорего къаге: зина гьабиялде напс гьетIулеб гIамалго гьабуге. Зина гьаби къабихIаб пиша ва жужахIалде рачунеб квешаб нух буго», - ян (сура «Ан-Нисаъ», аят 32).

Гьаб аяталъул тафсиралда хъвалеб буго «аскIоре къаге» абураб жоялъ магIна кьолин зинаялде рачине рес бугебщинаб жоялдаса рикIкIалъейин абураб, ай балагьи, кIалъай, чIужугIадангун живго хутIи ва гьелда релълъарал пишаби. Гьединлъидал хехго кIалъабасай гьоркьоб къотIизабизе ккола нужеца, гьесдаги абизе ккола кIалъайги мунагь бугин. Как базе гьес малъаниги, Аллагьасда цебе ракI-ракIалъ тавбу гьабизе тIадабги буго. Гьесие мун гьаризе бокьун батани, эбел-инсуде аскIове айилан абе.

Аллагьас кумек гьабеги.

Психологасул жаваб

ТIаде балагьун инсанасул хьвада-чIвади лъазе кIоларо. Жакъа лъикIал чагIийин ккаралги ратулел руго гIамал мекъал. ЛъикIаб, берцинаб калам гьабулелги ратула жидецаго бицунелде гIамалго гьабуларел. Гьединлъидал гьес бицунелъухъги гIенеккун, гьесда тIубанго божизе бегьуларо. Психологиялда рекъон гьелда абула «эффект ореола» абун. Гьебги ккола инсанас цогидасул гIамал къабул гьабиялъе риччалел цо-цо гъалатIал.

Масала, тIоцебесеб нухалда вихьулев чияс нилъедехун цо лъикIаб гIамал гьабуни, ракIалде ккола гьев цIакъав чи вугин абун. Гьебго жо ккун батизе рес буго дуеги. Гьесулгун лъай-хъвай ккедал ва гьес бицунелъухъ гIенеккидал дуда ракIалде ккун буго гьев кутакалда лъикIав гIолилав вугин. ЦIакъ кIвар кьезе ккола гьесул квешал рахъал ралагьиялдеги ва хIаракат бахъила кинабго шаргIалъул цIадирабазда лъезе.

Рес буго гьевги мекъи ккун ватизе. Гьединлъидал дуца гьесда абе балъго магьари лъезе рачIайин абураб жо дуда кутакалда квеш букIанин. Ният бацIцIадаб батани, дур ракI бакъвалеб жо гьес гьабуларо ва мун гьаризе эбел-инсуда аскIовеги вачIуна. Гурони, гьев вуго мун махсараде кколев чи. Гьединасдасан рикIкIалъизе ккола.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...