Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 

Росасда телефон бихьана...

 

ГIагарав чиясе росасе кьуна дун. Гьев дидаса гIезегIан кIудиявги вуго. Доб мехалъ росасе ине бокьун букIинчIониги, эбел-инсул рагIи нахъчIвазе кIвечIо.

Гьал къоязда, цадахъ цIалулев чиясулгун, дир телефоналда жаниб бугеб хъвай-хъвагIаялде тIаде ккана гьев. Гьениб бегьулареб жо гьечIониги, гьесда ракIалде ккана дунгун ватIалъизе. Гьелде тIаде, дир гIагарлъиялда цебе чияр бихьиналгун хъвадарулин абун суризайизе йигинги абун гьес. Щиб гьабилебали лъаларо. Инсуда гьеб лъани, лъикIаб къо дида бихьуларо. Хьул буго нужеца кумек гьабилин абураб.

 

Х., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас бихьинчи ва чIужугIадан рижун руго цоцадехун гьетIулеллъун ва ракI цIалеллъун. Гьелъул хIикматги хъизан-лъимал гьарун, наслу нахъе хутIи буго.

Росасе ин чIужугIаданалъе, эбел-инсул рокъоса, гIумрудул гьудуллъунги цIунилъунги вукIине вугев росасул къайи-свериялде ин буго. Гьелъул ракI гьесичIев чиясе гьей кьейги, гьелдехун гьабулеб ритIухълъи гьечIолъи ккола.

Абу Гьурайратица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Росасда йикIарай чIужугIадан, гьелда дандбан гурони, росасе кьезе бегьуларо ва гьединго жиндир разилъи гьечIого яслъиялда йигейги кьезе бегьуларо», - ян. ГIадамаз цIехана: «Гьелъул разилъи букIин кин лъалеб?» - илан. Аварагас ﷺ абуна: «ЮцIцIунчIей гьелъул разилъи ккола», - ян. (Бухари)

ГIемерисел эбел-инсуца бечедаб бакI бачIани, ясалда цIехечIого, васасул гIамалалъухъ балагьичIого кьола яс. Гьеб сабаблъун ригьнал риххиги ккола.

Амма махIрамияв гурев чияр бихьинчигун кIалъазе дур ихтияр букIинчIо, цадахъ цIалулев ватаниги. РатIалъиялъе гIиллаги гьеб гуро, тIокIаб батIияб гIилла батичIони. ЛъикIаб букIина росгун кIалъани. БичIчIизабе, ккаралдаса ракIбухIун букIин ва Аллагьасе ﷻ хIелун тавбу гьабе. Гьеб мехалъги жиндиргояб ккун гьев чIани, дурго эбел-инсуда, вац-яцазда лъазабизе бегьула духъаго ккараб гъалатI, гьез рекъел-маслихIат гьабизе букIине. Гьединго бегьула гьеб суал берцинго тIубайин абун росдал имамасухъе инеги.

Зина гьаби ва гьелде рачунебщинаб хIарамаб буго бихьиназеги руччабазеги. ГIадатлъун билълъун буго чIужугIаданалъ цо мунагь гьабидал гьеб гIочIода чIвалеб ва гьебго мунагь васас гьабуни, бихьинчи вугиланги абун, тIаса-масаго толеб. Гьайгьай, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда, тIоцебесеб иргаялда, бихьиназде гьабулеб буго хитIаб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МухIаммад ﷺ, хIарамаб бакIалде ралагьиялдаса берал цIунейин абун, хIарам-хIалалда хIалтIизабиялдаса жидерго гIавратги цIунейин абун. Гьедин хьвади гьезие лъикIаб буго ва гьел къабихIаб, хIарамаб жоялдаса цIунулебги буго. ХIакълъунго, Аллагь лагъзадерица гьабулеб гIамал жинда лъалев вуго. Гьез балъго гьабулебги, загьирго гьабулебги жо, щибго батIалъи гьечIого, Жинда лъалев вуго. Гьедин бугелъул, нуж Аллагьасукьа хIинкъа кинабго хIалалъулъ ва Гьесдаса балъго хутIилин абун ракIалде ккун, шаргIалъул гIурхъаби хвезаруге», - ян. (Сурату «Нур», аят 30)

Гьаб аяталда бер цIуни цебе рехсана гIаврат цIуниялдаса. Бер бугелъулха зинаялъул чапар ва къабихIаб иш жиндалъун байбихьулеб бакI. Бер балагьиялдаса байбихьула хIарамай гIаданалъулгун лъай-хъвай гьаби, гьелъул чорхол халгьаби ва гьеб, ай бер нахъбуссинабичIони, Аллагь ракIалде щун, Гьесдаса хIинкъун хIарамаб жоялде валагьи течIони, цIакъ кIудиял балагьал тIаде рачIуна. Жинда Аллагь разилъаяв имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул аварагас ﷺ абуна: «Цо бусурбанчияс чIужугIаданалъул берцинлъиялде бер балагьидал, цинги гьеб бер нахъе босун жив гIодове вуссараб мехалъ, гьесие Аллагьасе гIибадат гьабизе квербакъи ва гьуинлъи кьола», - абун.

Жинда Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабасдасан бицараб хIадисалдаги буго: «Мун валагьуге чIагояв яги хварав чиясул мачIчIалде», - абун.

Гьединго руччабазда хурхунги абун буго (магIна): «Дуца муъминал руччабаздаги абе, МухIаммад ﷺ, жидеца бер цIунейин абун хIарамаб бакIалде балагьиялдаса ва жидерго гIавратги цIунейин абун», - ян. (Сурату «Нур», 31 аят)

 

Психологасул жаваб

Цебегосеб кици буго: «ГIайибалъе мукIурлъараб бетIер хвалчаца къотIуларо», - ян абураб. Гьелдаса босун, мун йитIарай йигин ва цадахъ цIалулевгун хъвадариялъулъ щибго квешаб жо гьечIин дагIба балебгIанасеб мехалъ росасул ццим сасине гьечIо.

Дур рахъалдасан мекъаб букIина росасда халлъараб жоялъе щибго кIвар кьечIого тей. Гьелдалъун гьеб суалги тIубаларо. Цадахъ цIалулев васасулгун букIараб хъвай-хъваялъулъ къадараб, квешаб жо букIун батичIоницин дун мекъи йигинги абун, тIаса лъугьин росасдаса тIалаб гьабиялъ дуе зарал кколаро. ТIадеги, гьев вуго дур рос, гьесул разилъи Аллагь разилъиялъулъ буго. Гьабуралдаса ракIбухIи дур букIин гьесда бихьидал, гьесул ццим чучизе ва тIаса лъугьине рес буго. Амма жеги рес буго мунгун ватIалъизеги цебего бокьун букIун, кIодо гьабун гьеб иш загьир гьаби. Кин бугониги, мун гьевгун кIалъазе ккола ва чияр чигун хъвадари гъалатI букIинги бичIчIизабизе ккела, тIокIаб гьединаб жо ккезе тезе гьечIин мукIурлъизеги тIадаб буго.

Амма бицараб хабар гьесда бичIчIулеб гьечIони, сабруялда йикIине ккела. Инсуда лъаялдасаги хIинкъизе ккеларо. Унго-унгоги мун битIарай ятани, Аллагьас ﷻ кинабго жинди-жиндир бакIалда лъола заманалдасан. Сверухълъиялдаги камиларо гIайибчIвалел гIадамал. Гьелдеги хIадурго йикIине ккела.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Иманалъул бутIа

Сабру ккола инсанасул тӀабигӀаталъул бищун берцинал гӀаламатазул цояб. ЗахӀматаб ахӀвал-хӀалалде ккарал гӀадамазе заман къваригӀуна жидерго ракӀ гIодобе биччазабизе. Гьединаб заманалда сабру гьаби ккола нилъер иманалъул чара гьечIеб бутIалъун.   Аварагас ﷺ Абу-Гьурайратидасан бицараб...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


Мордовиялъул муфти ва волонтерал

Лъим кIанцIиялдалъун къварилъи ккаразе кумекалъе Дагъистаналде вачIун вукIана Мордовиялъул муфти Раил Асаинов ва нусгогIанасев волонтер. ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъеги щвана Мордовиялъул муфти. Гьениб АхIмад-афандица баркала загьир гьабуна гьесие ва гьесда цадахъ рачIаразе...


ХIежалъул хIакъалъулъ цIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго хӀежалъул тIадал ишал тӀураялъул къагӀидабазул бицараб цӀияб тӀехь. Гьеб басма ккола хӀежалде ине хӀадурлъулел бусурбабазе чара гьечIеб мажмугI. ЦӀияб тӀехь ккола «Дир зиярат» абураб сериялъул бутӀа, гьелда гъорлъе уна...


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...