Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Кин гьабун лъикI?

Студентлъун вукIаго нижер нухмалъулес хIалтIуде вачана дун. ХIалтIул гIемераб жо малъана гьес, хIатта лъикIав махщелчилъун вахъана. КIудияб баркала буго гьесие. Гьелдаса нахъе гIемераб заманги ана, гьанже бугеб махщелалъ цогидаб, ай лъикIаб хIалтIуде инеги рес буго. Гьал къоязда цо лъикIаб компаниялъ ахIана жидехъего хIалтIизе. Гьаб хIалтIиги тун дун ани, нухмалъулесда квеш бихьилин хIинкъунги вуго. Кин дица гьаб хIалтIи телеб, дир нухмалъулесда квеш бихьиларедухъ?

Пахрудин, МахIачхъала.

ГIалимчиясул жаваб

Гьабгощинаб мехалъ дуе лъикIлъи бокьарав нухмалъулесда мун батIияб хIалтIуде инги квеш бихьиларин ккола. Дур цеветIеялдаса вохизе рес буго гьев. ЛъикIаб букIина ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун, батIияб хIалтIуде иналъул хIакъалъулъ гьесулгун дандбани ва рекIел мурад бицани. Унго-унгояв муъминчияс лъикIлъи гьабулаго дандежо тIалаб гьабуларо ва гIицIго Аллагьасе I гIоло квербакъула ва Гьесие I шукруги гьабула.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Жидеца Аллагьасул нухда боцIи кьолел гӀадамал, цинги кьураб жоялдалъун бадибчІвай гьабун яги цогидал гIадамазда бицун дица пуланасе боцIи кьунин абун, гьев чиясе зарал гьабуларел: гьал гӀадамазе ажру-кири буго БетIергьанасда аскӀоб, гьел къиямасеб къоялъ хӀинкъараллъунги рукIине гьечÍо, гьел щибго пашманлъизеги гьечIо.

Дунялалда кодоса араб боцIи-мал ахираталда гӀемерлъун, кӀодолъун гьезие хайиралъе батизе буго», - ян (суратул «Бакъарат», аят 262). Абу Заридасан бицана хирияв Аварагас r абунин: «Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагь лъабгоялгун кIалъазе гьечIо. Кутакаб гIазабги хIадурун буго гьезие», - ян. Абу Зарица абуна: «Бичасул Расулас гьел рагIаби лъабцIул такрар гьаруна ва тIаде жубана: «Гьел талихIкъаралъун ва чIорого хутIаралъун рукIине руго», - ян. «Щал чагIи гьел кколел?» - илан гьикъидалги, Аварагас жаваб гьабуна: «РатIлил рагIаллъаби ракьалде щвезегIан риччалел (чIухIун), жиндирго лъикIал гIамалал цогиязда бадибчIвалел, гьересияб гьедиялдалъун даранбазар гьабулел», - илан. (Муслим)

Психологасул жаваб

Квеш бихьуларев чияс квеш бихьаниги гьеб бахчула, амма квеш бихьи загьир гьабулев чи ккола дандиясда живго гIайибавлъун вукIин бихьизабулев, ай гьеб буго психологиялда жаниб бугеб цо къанун. ТIад вугес гIадан хIисабалда дур къимат гьабулеб батани, гьесда бичIчIизе буго дур пикру ва къабул гьабизе буго дуе бокьараб.

ТIадеги, гьеб хIалтIул профессионал гьев ватани, гьесда бичIчIила дуца гьабулеб хIалтIиялдаса махщел цIикIкIун букIин ва цIияб жеги захIматаб хIалтIуе мун хIажатавлъун вукIин. БитIараб буго, лъикIав хIалтIухъан аскIоса ине гьесие бокьиларо, амма гьединал жал гIумрудулъ рукIуна. Гьелде тIаде, гьабгощинаб мехалъ гьесул компаниялъ дудаса гIемераб пайдаги босана ва гьениса мун иналдалъун цогидав хIажатав чиясе хIалтIул бакIги эркенлъула.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...