Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадалда йичIчIулей гьечIо

 

Росасул эбел-инсуда цадахъ гIумру гьабулеб буго нижеца. Дун институталъул ахирисеб курсалда цIалулейги йиго, буго гьитIинаб лъимерги. Гьелъ рукъ-бакIалда рацIцIалъи гьабизе регIулейги гьечIо. Дагьаб цебе гьез гIанкIаби ва гIачиял росана. Якьадалъе кутакалда бокьун букIана хIайванал росизе. Дида ккун букIана гьелъ гьабизе батилин гьезда хадуб хъулухъгиян. Дир заманги гьечIо ва хIайваназукьаги дун хIинкъула. ТIоцебесеб заманалда щибго къварилъи букIинчIо. Ахираб заманалда якьад зигардулей йиго дица кумек гьабулеб гьечIин абун. БичIчIуларо, щиб гIайиб дида бугебали. Дие боцIи къваригIун букIинчIо, гьезде хIажалъиги гьечIо. Дун квешай нусищха кколей?

 

Салимат, Буйнакск район

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьаб дунялалда нилъеда тIаде рачIунел захIмалъаби, къварилъаби руго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIалбихьилъун ритIарал. Сабруялда гьел раччани, хадуб гIезегIан бигьалъила. Гьел руго гIумрудул дарсал. ТIадегIанав ﷻ Аллагьасдасан ажру-кири гьелъухъ щвеялде хьулалгун раччизе ккола нилъеца гьел.

Гьеб суал росасда дандбани лъикIаб букIина. ГьесдагIан лъикI лъидаха лъалеб жиндирго эбелалъул гIамал-хасият. Нуж кIиялго разияб нух гьес балагьичIого теларин абураб хьул буго.

Кин бугониги, дир пикруялда, дуе лъикIаб букIина якьадгун рекъон, гьелда лъалеб дуца тIалаб гьабуни дудагоги лъазе букIине. Кумек гьабизе дур жигар бихьидал, гьелъ гьеб иш дуде тIамизеги гьечIо. Гьелъул зигарди батула дур щибго кумек гьабизе гъира бихьунгутIиялъ.

ЦIали сабаблъун регIулей ятиларо мун, амма эркенаб заман щварабго бихьизабе якьадалда къайи-свериялда хIалтIи гьабизе дурги бугеб гъира.

Мун божа, лъикIаб рагIи, аскIор нилъ рукIин, захIматаб мехалъ квербакъи чIахIиял чагIазул кутакалда рекIелъе бортулеб жо буго.

ХIажалъи гьечIин щай абулеб, жакъа тукадаса босулебщинаб жоялда гъорлъе химия жубан букIуна. Амма нилъерго боцIи бугони, нилъ гьелдаса цIунараллъун рукIина.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ЧIахIиял чагIазул, гьезул ригьалъе гIолоцин, адаб гьабулев чиясе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев кIодолъидал гьесул адаб гьабизеги гIадамал ритIула», - ян. (Тирмизи)

 

Психологасул жаваб

Гьайгьай, гIачиял речIчIизейин абун росасе ун йикIун ятиларо мун. Амма кин бугониги гьанже гьеб ишкал тIаде бачIун бугелъул, кин бугониги гьеб тIубазабизе ккола. Дур рахъалдасан битIараб букIинаро рос гьениве гъорлъе цIай, эбел-инсул ялъуни дур рахъ кквезе гьев тIами.

ТIубанго мун хIайваназде юссинайи якьадалъулги мурад батиларо. Гьелда кинабго бихьула ва бичIчIула. Мурад батула къайи-свериялда дуца кверчIвазе ва хIажат ккедал хIайваназе хъулухъалъе кумек гьабизе. ГIачи речIчIизе унгутIиялъе гIиллаги гьезукьа мун хIинкъи бугин абун берцинго бичIчIизабизе ккела. Гьеб сабаблъун дуда гIайибчIвалев чиги вукIинаро. ПалхIасил, хIаракат бахъе якьадгун рекъон йикIине. Кидаго бажаричIони,  зама-заманалдагIаги гьелъие кумекги гьабе.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...