Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 

Щибдай гьабун лъикI?

 

Якьадалъ дун рикIкIинего рикIкIунаро. Дун гьечIеб мехалда чипсал ва гьезда релълъараб квен кьун батула дир лъималазеги. Дагьал къояз цебе лъана дир ясги ячун палихъаналъухъеги гьей ун йикIин. Кие кIанцIилеяли лъаларого ццимги бахъун дунги йиго. Гьезул тухумго буго как-диналда тIадчIей гьечIел. Паризаяб какцин гьез баларо. Киндай гьел мухъде рачинел, щибдай гьабун лъикI?

 

Хадижат, Южно-Сухокумск

 

Психологасул жаваб

Цо-цо бакIал рукIуна нилъерго гIамал бихьизабизе ккараб. ГIамал бихьизабичIого цогидазул ишазулъе лъугьине бегьулареблъи бичIчIуларел гIадамал гIемер рукIуна. ГIемерисезда ккола жидеца лъикIаб жо гьабулеб бугин абунги. Гьединлъидал цIакъго-цIакъ гIайиб гьезде гьабизеги бегьуларо. Гьел божараллъун рукIуна гIагарал-гIунтIаразе лъикIлъиялъе гьабула бугин кинабгойин абураб жоялда. Чияр чагIи рукIаралани хъачIго абун чIезаризе рес букIана, амма дур масъалаялъулъ гьей йиго якьад, росасул эбел ва лъималазул кIодоэбел. Гьейгун хъачIго йикIинеги бегьуларо ва гьелда квеш бихьулеб жоги гьабизе рекъараб букIунаро. ТIоцебесеб иргаялда, якьадалъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабун, гьелъие рокьулел жалазда тIасан хабар бицун, гьуинлъи цIунизе ккола. Цинги, рекъараб заманги батун, ясалъе тарбия кьеялъулъ гьелъул букIунеб кутакаб кумекин абун баркала загьир гьабила. Гьеб мехалда, берцинаб мацIалдалъун бичIчIизабила заралияб квен ясалъе кьезе бегьунгутIи ва палихъабазухъе бусурбаби ине бегьулареблъи. Гьединги мацI бичIчIулеб гьечIони, гьеб хабар росасда бицине ккола. Гьесда бицунелъулги, гьев эбелалде данде вахъинави мурадлъун букIине бегьуларо. Аслияб мурад буго лъималазе ва нужер хъизамалъе зарал кколеб жоялдаса цIуни. Росасда бичIчIизабе гьесул кумекалде мун хIажатай йикIин.

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда тIадаблъун гьабун буго эбел-инсул адаб-хIурмат гьаби, гьел рокьи.

Нилъерго эбелалдехун рокьиги адаб-хIурматги гьабизе кIваниги, росасул эбелалдехун гьеб загьир гьабизе дагьаб захIмалъула.

Хъизамалда дагIба-къец ккедал бищун тIоцебе бачунеб гIузру букIуна «гьей (якьад ялъуни нус) батIияй гIадан йигин» абураб. Щивав чиясе бокьула цогидал жиндаго рекъон рукIине. Амма жидерго гIамалалъухъ балагьулел чагIи дагьал руго. Цинги нилъее бокьухъе гьел гьечIеб мехалда байбихьула хIажат гьечIеб хабарги, ракI хвейги, разилъунгутIиги.

Къиямасеб къоялъ инсанасул цIех-рех гьабизе буго жиндирго гIамалалъухъ, цогидазул гIамалалъухъ гуреб. Гьединлъидал, битIараб букIина цин нилъго лъикIаб рахъалдехун хисизе гIамал гьабуни.

Дур суалалъе жаваб кьолагоги абизе бокьун буго, кIиябго рахъалъухъ гIенеккичIого чIванкъотIараб жаваб кьезе рес букIунарин абун. Амма палихъабазухъе хьвади шаргIалъ хIарам гьабураб жо буго. Гьединлъидал тIоцебе росасда бичIчIизабизе ккола гьединал чагIазухъе бусурбаби ине бегьулареблъи.

Хъизамалъе хIалалаб ризкъи балагьиялъул иш лъималазул инсуде тIаде ккола. Гьединлъидал гьеб суал росасда дандбани лъикIаб букIина. Дандбалелъубги якьадалда гIайибал чIвазе бегьиларо. Эбелалдаса хирияб жо инсанасе букIунарелъулха. Ккара-тараб гьесда берцинго бичIчIизабе. Лъималазе берцинаб, динияб тарбия кьезе эбел-инсуда тIадаб борч букIиналъулги бицен гьабе. 

Лъималазул гIумрудулъ эбелалъул гIахьаллъи букIине ккола бищун цIикIкIун. КIвар кьечIого лъимал тоге ва дугIа гьабун Аллагьасда ﷻ гьаризеги кIочонге.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...