Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 

Лъимал гьаризе бокьун гьечIо...

Чанго моцIалъ цебе хъизан гьабуна дица. Нижерго рукъ гьечIо. Чияр бакIалдаги рукIун лъимал гьариларин чIун йиго чIужу. Ниж кIиялго хIалтIулелги руго. ХIисаб гьабидал рукъ базе 3-4 сон хIажалъизехъин буго. Гьебщинаб заманалъ чIезе дие бокьун гьечIо. Кин лъадуда гьеб бичIчIизабилеб?

 

Салман, Буйнакск

 

ГIалимчиясул жаваб

Анасидасан бицана: «Цо къоялъ Авараг ﷺ дихъе вачIиндал, дир эбелалъ гьесда гьарана дие дугIа гьабун Аллагьасда ﷻ гьареян. Аварагас ﷺ дие лъикIаб дугIа гьабуна ва дугIаялъул ахиралда абуна: «Я, Аллагь ﷻ, гьасул боцIи-малги лъималги цIикIкIинаре ва баракатги лъезабе», - ян. Аллагьасдалъун гьедулев вуго, дир боцIи-малги цIикIкIана ва лъималазулги гьезул лъималазулги къадарги нусилъе бахана», - ян. (Муслим)

Имам ал-Мунавияс бицана: «Инсанасул рикъзиялъул гьарзалъи гьесул хъизамалъул ва лъималазул къадаралда бан букIуна, кигIан рикъзи къваригIаниги, гьелда рекъон букIуна кумекги», - ян.

Лъимал ккола эбел-инсул берзул канлъаби. Лъималаздалъун хъизан щулалъула, эбел-эмен цIикIкIун жавабияллъун лъугьуна, лъималазе гIоло, гьел хIатIазда лъезелъун жигар бахъун гIумру гьабула.

Суалалъе жаваб кьун абизе бокьун буго, рос-лъадул цоязе лъимер гьабизе бокьун гьечIони ялъуни нахъбахъулеб бугони хIакъикъияб гIиллаялъухъ балагьизе ккола. ГIилла боцIи-мал батани, чарагьечIого бищун дагь къваригIунеб къадаргIаги чIезабизе ккола эбелалъ жиндиего ва лъимадуе хъулухъ гьабизе букIине. БатIалъи гьечIо, ккураб квартира букIа ялъуни жидерго рукъ букIа. Гьебги росасул борч буго.

ЧIужуялда бихьизе ккола росасул бугеб жигар.

Жакъа нилъер улкаялда лъимал гьаруразе гIезегIан лъикIал ресал чIезарун руго. Абизе бегьула, 18 сон базегIан гIарцулаб рахъалдасан лъимер хьихьизе хIукуматалъ тIаде босун бугин абун. Гьебги лъикIаб кумек гьечIищ!? Ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вуго ва щивав инсан гьавилалдего гьесие кколеб къадар ризкъиялъул хъванги буго.

 

Психологасул жаваб

Росасе арай гIаданалъ лъимер гьаби нахъбахъиялъул гIилла гIемерисеб ригьин щулияб бугищали балагьизелъун букIуна. Гьез халгьабула аскIов вугев росасда бажаризе бугищали кколеб рокьиги хинлъиги чIужуялда аскIоб чIезабизеяли.

Гьеб сабаблъун къацандизе дуца байбихьани, гьей данде яхъиналъе гIиллалъун чIезе рес буго. Гьелъ пикру гьабизе буго, жакъа гьесда дун йичIчIичIони, хадубккун йичIчIи щакаб жо бугин абун. Гьеб сабаблъун хъизамалъе зарал ккезе рес буго.

Гьединлъидал гьеб суал ццидакье тIубазабизе бегьуларо. Бищун руччабазе бокьулеб ва шаргIалъги беццулеб жо хIеренлъи буго.

Бищун ракIчIараб далил ккола, кинаб бугониги хIалтIи дуца гьаби, метерисеб къоялда тIад ургъи, хъизан лъикI букIиналъе гIоло къвалал гури.

Гьелдаго цадахъ. чIужуялъул ракIчIеялдаги гIемераб жо бараб букIуна. РекIелъ иман батани, гьелъие далиллъун гIола щивав чиясе Аллагьас ﷻ бихьизабураб ризкъи букIунин абураб жо. Амма, гьел хIужаби гIолел ратичIони, дагьаб захIмат букIине буго. Кин бугониги, бихьинчияс берцинаб гIамал гьабун, жигар бахъун бичIчIизабила, гьелда аскIов бокьараб мехалъ гьелъул ва лъимадул жавабги кьолев, гьелги цIунулев чи мун вукIин.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...