Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьабе цо диеги малъа-хъвай!

КъанагIат гурони ццин бахъунаро дир. ГIадамаз гьабураб квешлъиги бихьичIеб ххвел гьабун тола. Гьединаб гIамал букIинги лъан, сверухъ ругез миллатго гьабуларо дир. Дун тIаса лъугьуневлъиги лъан, дида аскIоб рекъечIел жал гьарулелги камуларо. Киндай гьеб гIамал дица телеб? СалихI, Дербент

ГIалимчиясул жаваб

Бокьаниги бокьичIониги цо-цо рекъечIел ишал ккечIого чи хутIуларо. ГIадамазда гьоркьор ругеб мехалда щивас хIаракат бахъизе ккола гьезие зарал гьабичIого тезе. Амма, кигIан лъикI вугониги, чияр заралалдаса цIунун цонигияв вукIунаро. ГIадамал батIи-батIиял ругелъулха. Цо-цоязда жидеего гьабураб квешлъи хехго кIочона, цогидазда гIемераб мехалъ рекIелъ къан букIуна.

Инсанасул тIабигIатазул бищун лъикIаздасан ккола тIаса лъугьин. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагасде ﷺ хитIаб гьабун Къуръаналда абуна (магIна): «Дуца гIадамазулгун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище, МухIаммад, дуца жагьилал гIадамал сан гьаричIого те, гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб жо гьабуге ва гьезул рагIигун гIамалги гIадахъ босуге, гьездехун гурхIел ва хIалимлъи гьабе», - ян. (Суратул «АгIраф», аят 199)

Кинаб къварилъиялде кканиги, кIочене бегьуларо гьеб кинабго Аллагьасдасан бугеб хIалбихьи ﷻ букIин. ЗахIмалъабазде сабру гьабиялъулъ Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб ажру-кириги буго. Амма гIадамаз нилъер лъикIлъи загIиплъилъун рикIкIунеб бугони, гьединаздаса руссине ккола, цебехун рехсараб аяталда бицарбго гIадин, жидерго гъалатI гьез къабул гьабун лъикIаб рахъалдехун гьел сверизегIан.

ХIалимлъи кидаго гуро лъикIабги букIунеб. Квешав чиясдасан чIухIи, хIалихьалъи бихьидал, гьеб бакIалда вуцIцIун чIун, хIелму бихьизабизе рекъараб букIунаро. РуцIцIун чIеялдалъун гьезулъ квешаб тIабигIат жеги лъикI бессула. ГIакъилал чагIаз абула: «ЛъикIал чагIаздехун хIалимавлъун вукIин садакъа ккола, чIухIарав чиясда аскIоб чIухIи бихьизабиго гIадин», - илан.

Психологасул жаваб

Дур суалалъулъ гIемер ричIчIуларел жал руго. Дуца хъвалеб буго абурабгун гьабураб квеш букIунарин ва гьелдаго цадахъ суалги кьолеб буго кинин гьеб гIамал телебин абун. Гьеб суал баккун бугелъул, гIадамаз абураб жо кин бугониги дур рекIелъ хутIулеб буго. Квеш бихьулареб букIарабани гьединаб суалго бижилароан. ГIадамазе лъикIавлъун вукIине бокьиялъ тIамулев вуго мун сабру гьабизе ва гьезул ракIал къварид гьарунгутIизе. Гьелдаго цадахъ, психологиялъул тIахьазда хъван букIуна, гьединаб гIамал бугел чагIазе цогидазе инкар гьабизе захIмалъулин абун. РакIчIун абизе кIола, дуего зарал кканиги, цогидазул къваригIел тIубан дуда гьезие инкар гьабизе кIоларин абун. Гьелъие дур кIиго гIилла буго: гьезда квеш букIиналда хIинкъи ялъуни дур рагIабазе гьез инкарги гьабун, цIидасан гьелда тIад мун рекъезе ккей.

Лъазе ккола, кинавго чиясда аскIов лъикIавлъун вукIин бажарулеб жо гуреблъи. КигIан лъикI мун вугониги, ратула гIадамал гьелдаги рази гьечIел. Гьединаб бугелъулха инсанасул хаслъиго.

Гьабизе бокьичIеб ялъуни бажарулареб жоялде бажаруларин абизе кIвезе ккола. Дандияс унго-унгоги нилъер адаб-хIурмат гьабулеб батани, гьесда гьеб бичIчIизе ккола ва квеш букIине бегьуларо.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...