Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ гIуна

 

Дица дирго лъимер ясли-ахалде битIичIо. Гьеб кидаго дида цадахъ букIуна. Ниж цадахъ хIала, цадахъ кванала. Дица лъимер сундасаго цIунула. Гьанжейин абуни вас школалде ине ккола. Дунги гьечIого гьенив вукIине ккола гьев. Гьебин абуни нижее захIмалъизе буго. Щибдай гьабун лъикI? Рокъого вас цIализавулеб къагIида гьабуни, киндай букIина?

 

ГI., Гъизилюрт район

 

Психологасул жаваб

Масъала буго нужеда гьоркьоб цIакъго щулияб гьудуллъиялда букIиналъулъ. Гьедин бугони, кIудияв гIедал, гIумру-магIишат гьабизе васасе захIмалъизе бегьула.

Лъимер ясли-ахалде хьвадулеб букIарабани, тIоцебе чIалгIун, гIодизе лъугьинаан, амма заманалдасан гьеб ругьунлъулаан, гьудулзаби ралагьулаан, цогидал лъималазулгун гьоркьоблъи гьабулаан.

Лъимералда, сверухъ хIинкъи букIин, лъазабичIого тараб лъикIаб буго. Гьединго лъимер божизабиларо кинабго лъикI бугин абураб жоялдаги. ХIаракат бахъила гьоркьохъеб хIал цIунизе.

Гьанже заман щун буго вас дагь-дагьккун школалде ине хIадур гьавизе. Байбихьизе бегьула гьесул гъира бугел кружкабаздасан, масала, шахматаздасан, сурат бахъиялдасан, спорталдасан яги гьесие бокьулеб цогидаб ишалдасан. Гьелъ кумек гьабила жиндаго божилъи бижизабизе ва цогидазулгун гьоркьоблъи цебетIезабизе.

ГIумруялда захIмалъаби гIемер дандчIвала. Гьеб киналдасаго цIунизе ресги букIунаро. ГьитIинал къварилъаби къезаризе тIамиялъул хIасилалда лъимал ругьунлъула жавабчилъи бугеллъун рукIине. Дурго васасда аскIой йикIа, гьесул рахъ ккве, амма гьесие жиндирго цебетIеялъе бакIги биччай.

 

ГIалимчиясул жаваб

Эбел-инсуе лъимал кьун руго аманат хIисабалда цIунизелъун. Гьединлъидал гьез гьабизе ккола гьезул тIалаб-агъаз, кьезе ккола тарбиягун лъай. Лъимералдаги гьитIинаб къоялдасаго бичIчIизабизе ккола эбел-инсул ургъел гьабизе кколеблъи. Нижеда мун йичIчIула. Дуца хIаракат бахъулеб буго вас сундасаго цIунизе.  Амма эбелалъул рокьул цогидаб рахъги букIуна. Гьелдаги абула «цIикIкIун цIуни» абун. Гьеб лъугьуна эбелалъ гьоркьоса къотIичIого лъимер цIикIкIун цIунулеб мехалда, гьелъие лъидаго бачIеб къагIидаялъ цебетIезе, жамгIияб гьоркьоблъи батизе, гIелбащадазулгун гьоркьорлъаби гIуцIизе квалквал гьабулеб мехалда. Гьеб чара гьечIеб жо ккола. Лъималазда гьитIинаб къоялдаса нахъе малъизе ккола сверухъ бугебщиналъулгун, дунялалъулгун гьоркьоблъи гьабизе. Лъимада дунял лъазе ккола жиндирго гъалатIаздалъун ва бергьенлъабаздалъун. Гьединлъидал лъимер дунялалъул хIалбихьизе биччазе ккола. Гьелъул магIна кколаро гьеб жибго жиндаго тезе кколин абураб. РикIкIадасан хадуб халкквезе ккола ва букIинеселде хIадур гьарила. Жидецаго гIумруялъул нухде гали бегьуледухъ куцала. КIвар бугеб жо ккола, гьитIинаб къоялдаса нахъего лъимал дин гьабизе ругьун гьари, Халикъасда божизе малъи, МухIаммад аварагасул ﷺ гIемер бицин, квешаб-лъикIаб батIа бахъизе лъазе букIине мисалал рачин.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзаби рукIана Аварагасда ﷺ цIикIкIун нахърилъарал чагIи ва гьесдаса мисалги босарал.   Нафвал Хузалияс бицана: «ГӀабдурахӀман ибн ГIавф вукӀана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахӀана. Нижеда цебе лъола чед. Цинги гIодизе лъугьуна, хвезегӀан Аллагьасул аварагасги ﷺ гьесул...


ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал Ибрагьимил заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб.   Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе ﷻ тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи рехун...


ТӀабигӀияб балагь – халкъалъул хӀалбихьи

2026 соналъул март-апрелалда Дагъистаналда рарал чвахунцIадазул хIасилалда ккарал лъугьа-бахъинал регионалъе бищун захӀматал тӀабигӀиял балагьазул цояллъун лъугьана.   Республикаялъул цо чанго шагьаралдагун росабалъ гIемерал гIадамал хутIана жанире руссине рукъзал гьечIого, хвезаруна гьезул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ХIинкъаби кьолел руго   Дир росас гьоркьоса къотIичIого хIинкъаби кьолел руго ратIалъизе ругинги абун. Гьев нахъе къаларо лъималазда цеве дун какизеги. Гьес гIемер абула дун эбел-инсухъе йитIизе йигин «цIидасан тарбия кьезе». Дун свакан йиго гьесул къул-къудиялдаса. Росасул...


Лъим кIанцIи

Март моцIалъул къоло ичIабилеб къо, Къаси бачIун щвана Бичасул салам. Сабурго жамагIат къватIиб бахъана, Берцинаб тIабигIат бихьизабуна.   БачIун щун бугелъул, щиб гьабилебан ХасмухIаммадихъе хабар битIана. Гьес «истихфар» гьабун жаваб бачIана Бажарарав чияс росу...