Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Росасул лъимер рихун буго

Дие кутакалда вокьула рос. Гьесул буго цебесеб ригьнадасан балугълъиялде бахинчIеб лъимерги. Дун гIемер ццидахуна гьеб лъимер бихьидал. Гьеб аскIоб букIиналъ рахIатхун лъугьуна. ГIиллаги лъаларо. Рос аскIов гьечIев мехалъ цо-цо кьабунги уна гьеб лъимада. Дун мекъи ятила, амма гьабизе жо лъаларо. Нужер кумекалда хьул буго. П. ГIалиева

ГIалимчиясул жаваб

Исламияб диналъ нилъ ахIула нилъедехун цогидал лъикI рукIине бокьулебго гIадин, цогидаздехун берцинаб бербалагьи гьабизе. Аварагасул хIадисалда буго: «Нужер иман камиллъуларо жиндиего бокьараб диналъул вацасеги бокьизегIан», - илан. (Бухари, Муслим).

Цогидаб хIадисалда буго: «ГьитIиназда гурхIуларев ва чIахIиязул адаб гьечIев нилъедасан кколаро», - ян. (ТIабарани, Абу Давуд, АхIмад).

Эбел-эмен ратIалъараб гьитIинаб лъимадул бакIалда цо лахIзаталъ мунго лъе, цинги нахъасан хал гьабе. Эбелалъул хинлъи щвечIеб лъимадул рекIелъ кутакаб пашманлъи батиларищ!? Гьеб кутакалда хIажат буго дур кверчIваялде ва тIалабагъазалде. Эбелги аскIоб гьечIого хутIараб лъимадехун мун берцинго йигони, росасул дудехун бугеб рокьи жеги цIикIкIина. Ва гьелъул гIаксалда, лъимадехун квешаб бербалагьи бугони, ригьин биххиялдаги хIинкъи гьечIищ!?

Росасул дудехун бугеб рокьиги ва хъизанги дуца биххиялдаса цIуне, лъимерги къварид гьабуге. Аллагьас бихьугеги, дур лъимерги гьедин хутIизе рес бугелъул. Цинги бокьилаанищ дур лъимадехун квешаб бербалагьи гьабизе? Гьайгьай, лъикIаб, хIеренаб, берцинаб, эбелалъул лъимадехун гIадинаб бербалагьи бокьилаан киназего. Аллагьас I нилъ битIараб нухде ккезареги. Амин!

Психологасул жаваб

Гьединаб бербалагьи дур гьеб лъимералдехун лъугьун буго, лъимералъул дудехун квешаб бербалагьи бугилан дуда ракIалде ккеялъ. Сундасаго цебе, гьединаб куцалъ дуда лъимер рихин росасул цее йикIарай чIужуялдехун бугеб жахIдаялъул (ревность) хIасил буго ва дуда кIолеб гьечIо къабул гьабизе дур росги ва гьесул йикIарай чIужуги гьеб лъимералдалъун хурхарал рукIин.

Лъимералда щибго гIайиб гьечIо. ХIалбихье дагьаб мехалъ гьеб лъимергун лъикI йикIине. Дудаго бихьила, лъалаго нужее кIиязего бигьалъизе буго. Мун квеш йигей мехалъ лъимералда ккола гьелдаги инсудаги гьоркьой чIарай гIадан мун йигин, цинги лъималазул тIабигIатаздасан буго квешлъи жиндиего гьабулеб мехалъ гьелдаса цIунизе хIаракат бахъи.

Бищун хIинкъараб жо буго росасда гьеб лъугьа-бахъин бихьидал, гьес ахир-къадги цоял тIаса рищизе ккей. Лъимералдаса гьев вуссунаро, цинги кигIан бокьичIониги ва кигIан захIмат бугониги дургун ригьин биххизе ккезе рес буго.

БитIараб букIина лъимадехун гурхIалилаб бербалагьи гьабуни, ахIвал-хIал цIехон кумек гьабизе къвалал дуца гурани. ЛъикIлъи гьабун тIоцебесеб гали дуца тIамуни, лъимералъ дуде данде кIиго гали тIамула ва нужер рукIарахъинги берцинлъула.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

СУАЛАЛЪЕ ЖАВАБ КЬУНА ПСИХОЛОГ ГIАЛИАС1ХАБ МУРЗАЕВАС, ГIАЛИМЧИ МУХIАММАД МУХIАММАДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...