Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

ЧIужу ячин, лъимал гьари...

АнцIгоялдасаги цIикIкIун сон буго дица ватIан тун къватIиб гIумру гьабулеб бугелдаса. Аллагьас кинабго кьун буго. Буго лъикIаб хIалтIи, гьарзаяб боцIи-мал. Амма дица жеги хъизан гьабун гьечIо. Эбел-инсуцаги хъизан гьабейилан къойил абула. Дидаги бичIчIула чIужу ячине заман щун букIин. Дагьаб цебегIан цо унти сабаблъун дие лъимал кьолареллъи лъана. Щиб дица гьабилеб? Ячине йигей ясалда гьеб бицунищ ялъуни бахчун тунищ лъикI?

Малик, Астрахань.

ГIалимчиясул жаваб

Къуръаналда баянго бицана наслу Аллагьас кьолеб нигIмат бугин. ГIицIго Аллагьасда бараб буго рос-лъадуе лъимал кьей ва кьунгутIи. «Аш-Шура» сураялъул 49-50-абилел аятазда ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна):

«Зобалазул ва ракьалъул ханлъи цохIо Аллагьасе буго. Аллагьас жиндиего бокьараб бижула. Жиндие бокьарал гIадамазе ясал кьола Аллагьас , Жиндие бокьаразе васалги кьола. Жиндие бокьарал гIадамазе Аллагьас васалги ясалги кьола, Жиндие бокьарал лъимерго лъугьунарелги гьарула. Гьев Аллагь вуго Жинца гьабулеб жо Жинда лъалев ва Жиндие бокьараб гьабизе. Жиндир хIалги кIолев», - ян.

Къуръаналда ва хIадисазда гIемераб заманаялъ жидее лъимал кьечIел аварагзабазул рехсей гьабун буго. Гьездасан ккола Ибрагьим аварагги. Гьесул хъизан Сараеги гIемераб заманаялъ лъимер кьолеб букIинчIо. Ригьалде рахиндал гьезул хьулго къотIун букIана. Кинниги Аллагьасул рахIмуцIобалдалъун гьезие лъимер кьуна медицинаялъул рахъалдасан кьезе рес букIинчIониги. Абула лъимер кьураб гIужалда Ибрагьим аварагасе 100 ва гьесул лъадуе 90 сон букIанин. Гьединго хъизан гьабун гIемераб заман гьоркьоб индал кьуна лъимер Закария аварагасе.

ГIиса аварагасул эбел Марямил эбел ХIанаеги гIемераб мехалъ кьечIо лъимер. ЦIакъ ракI къваридго йикIана гьей. Цо къоялъ ахикь гIодой чIун йикIаго хIанчIаз тIанчIазе хъулухъ гьабулеб куцалда хадуб халги ккун йикIана. Цинги гьелъ Аллагьасда рак-ракIалъ гьарана лъимер кьейилан абуна. Киналго рухIчIаголъабазул руго тIанчIи, амма цохIо жий йигин лъимер гьечIейин абун дугIа гьабуна гьелъ. Жеги гьелъ къотIи гьабуна лъимер кьуни тIубараб гIумру Аллагьасе гIибадаталда тIамизе бугин абун. Гьелдаса хадуб гьей къинай яхъана ва ТIадегIанав Аллагьас гьелъул дугIаялъе жавабги гьабун, Аллагьасул нух ккурай яс Марьям кьуна.

Гьелъул хIакъалъулъ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца умматалъе вагIзалъун бице МухIаммад , ГIимранил чIужуялъ (гьей йиго ХIанат, Факъудил яс) Аллагьасда абураб гIуж: «Я дир БетIергьан, дица дуе назру гьабуна дир чохьониб бугеб лъимер, тIубанго дуе гIибадат гьабизе ва Байтул Мукъадасалъул мажгиталъе хъулухъ гьабизе. Дуца дир назру къабул гьабе. ХIакълъунго, мун дугIа рагIулев вуго. Лагъзадерил ракIазда бугеб ва гьезул ниятал лъалев вуго», - абун.

Цинги ХIанатица лъимер гьабидал ва гьей яс ятидал абуна: «Я дир БетIергьан, дица лъимер гьабуна цIуяб, Аллагь жинда лъалев вуго щиб лъимер гьабураб ХIанатица, ва бихьинаб лъимерги цIуяб лъимерги цохIого даражаялда гьечIо, ай мажгиталъе хъулухъ гьабизе вас вукIине ккола. Дица гьей ясалда цIар лъолеб буго Марьям абун. Ва дица гьей Марьямги гьелъул зуриятги дуца рахIматалдаса рикIкIад гьабураб шайтIаналъул заралалдаса цIуниги гьарулеб буго», - абун. (Сура «Алу-ГIимран, 35-36 аятал»)

Гьединлъидал тIубанго хьул къотIизе бегьуларо нилъер ва хасго гьаб медицина цебетIураб гIасруялъ. Лъимер кьеялъе батIи-батIиял сабабал ва дараби хIалтIизаризе ккела. Рукъалъул агьлуялда гьеб бицинеги хIинкъуге. Аллагьасдасан бугеб хIалбихьи буго гьеб ва гьеб баччизе кумек гьабулелги рукъалъул агьлу ккола. Гьелдаго цадахъ дугIа гьабун Аллагьасда гьаризеги кIочонге. Аллагьасул рахIму-цIоб гIатIидаб бугелъул. Гьоркьехун рехселин лъимер кьеялъе ругел Къуръаналдаса дугIаби:

«Раббана гьаб лана мин азважина ва зурриййатина къуррата агIюнин важгIална лилмуттакъина имаман» (МагIна): «Я нижер БетIергьан! Нижер руччабаздаса ва лъималаздаса ниж рохизарулел, нижер бер ва ракI рази гьабулел лъикIал муъминзаби гьаре. Дуца нижги гьаре нижеда нахърилълъарал муъминзабазе имамзабилъун» «Раббагьума лаин атайна салихIан ланакунанна мина щакирин» (МагIна): «Дуца нижее цо лъикIаб, баракат бугеб, черх сахаб лъимер кьуни, нижеца Дуе щукру гьабила, Дур нигIматалги нижеда кIоченаро». «Рабби гьаб ли мина ссалихIина» (МагIна): «Я дир БетIергьан! Дуца дие кье Мун цо гьавулеб, Дуе гIибадат гьабулеб лъикIаб лъимер».

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, лъазе ккола гьересиялдалъун хъизан гIуцIулареблъи. Нилъеда лъазе ккола гьереси бициналдалъун инсанасе талихI щолареблъи. Медицинаялъги чIванкъотIараб жаваб кьоларо лъимер лъугьиналда тIасан. Гьедин батанигицин хъизан-агьлу букIине рес гьечIин абураб магIна гьелъ кьоларо. Масала, лъимер кьоларин абурал руччабиги гIемер ратулелъул, гьединай ячине бегьула ва ялъуни рукъалдаса ятIалъарай, лъимер бугей чIужугIадан ячине бегьула.

Гьелдехун хIакъикъияб рокьи бугони, гьелъул лъимер хьихьизеги ва тарбия кьезеги захIмат букIинаро. Лъимал кьоларин абураб жоги ракIалда ккун гIодовчIван вукIинеги бегьуларо. Киданиги ракIалде ккоге гьеб сабаблъун хъизан гьабизе квалквал букIинилан. Бищун лъикIаб букIина абурай ясалда гьеб кинабго бицани, хадубккун гьелъие цIияб хабарлъун гьеб букIунаредухъ. Аллагьас кумек гьабеги.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Куркъиялъул пайда

Риидалил заман тIаде щведал базараздагун тукабазда загьирлъула бищунго хириял нигIматазул цояб - куркъи. Гьелъул къимат гьабула лъикIаб махIалъухъ, гьуинаб ва беэнаб тIагIамалъухъ. Амма куркъи ккола тIагIамаб гьуинлъи гуребги, сахлъиялъе гIемерал пайдаял жал гъорлъ бугеб къиматаб кванил...


Нужее баяналъе

Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб сура щиб? – Сура «Тавба» «Табарака» жузалда жаниб чан сура бугеб? – 11 сура Бищун гIемер къокъал сураби кинаб Къуръаналъул бутIаялъулъ бугеб? – «ГIамма» жузалъулъ. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан...


Румазул ханас Абусуфяние кьурал суалал

Жиндаго цевегIанги вачIинавун, румазул ханас Абусуфянида гьикъана: «Аварагилан жинца дагIба балев чиясул нужеда гъорлъ насаб щиб бугеб?» - абун. Абусуфяница абуна: «Насаб бищун бацIцIадаб буго», - ян.   КIиабизеги ханас гьикъана: «Досдаса цеве, дос бицунеб...


Муфти дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» директоргун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» генералияв директор Борис Обносовгун. Гьединго данделъиялде рачӀун рукӀана «Дагъдизель» заводалъул АОялъул генералияв директор Жалилов Рашид; Руслан...


Муфтияталда тӀобитӀана психологазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана психологиялъул рахъалъ церетӀурал специалистазулгун дандчӀвай. Гьениб гьоркьоб лъуна жакъасеб жамгӀияталда психологиялъул бугеб кӀваралда хурхарал суалал. Бицен гьабуна психология кӀвар бугеб ва тӀалаб цӀикӀкӀараб рахъ букӀиналъул, гьеб рахъалъ махщелчагӀаз гьабулеб...