Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Хъизам биххизехъин букIана

 

Росасе йокьизе ккани цин мунго дуего йокьизе кколин малъун букIана дида психологас. Ва тIадеги жубан букIана кинабго гьабизе кколин диего рохел щвеялъул мурадалда. Амма росас дир хIаракаталъул къимат гьабичIо ва гьанже гьес дун эгоистлъун рикIкIуна. Кин дица росасул божилъи тIадбуссинабилеб?

 

ХIава, Гъизляр район

 

ГIалимчиясул жаваб

Дида кIоларо психологазе, гьезул махщалие къимат кьезе. Амма цо-цо мехалда психологаз гьединал насихIатал гьаризе бегьула, ай кумек гьабиялъул бакIалда ахIвал-хIал хIалуцинабуледухъ. ГIажаиблъизе ккараб жо, психологасда хъизамалъул масъалаби тIураялъул нух кин бихьизабизе кIолеб, рослъун яги лъадилъун гьел ратичIони.

ЧIужугIаданалъ жиндирго тIалаб-агъаз гьабизе, росасдехун берцинго йикIине хIаракат бахъизе ккола. Амма дуего гIоло гIумру гьабулеб батани, хIаракат бахъизе ккола ТIадегIанав Аллагьасул тIадкъаязда, росасда ва лъималазда цебе тIадал ишал тIураялда рекъон гIумру тIамизе. Росасги жиндирго ургъел гьабун гIумру тIамуни, лъадуда ва лъималазда цебе бугеб тIалабчилъи кIочани, щибдай ккезе бугеб? Гьединаб хъизам биххулеблъи хIакъаб буго.

Росасул божилъи нахъбуссинелъун, тIоцебесеб иргаялда, ракI-ракIалъ мукIурлъизе ккола гьесда цее мун мекъи йикIиналда. Тавбу гьабизе ва росасда тIаса лъугьаян гьаризе ккола. ХIаракат бахъе хадубккун росасда цадахъ, рохалилаб куцалда гIумру тIамизе.

 

Психологасул жаваб

Дур психологасе асар гьабун бихьула халкъалда гьоркьоб машгьурал пикрабаз, ай цин мунго йокьизе кколин абурал. Гьел пикраби ритIухълъула гIицIго мунго йокьиялдалъун инсан лъикIавлъун, къиматавлъун вахъине, цогидазда цадахъ санагIалъи бугевлъун вукIине хIаракат бахъулеб бугони. Нужецайин абуни, дагьаб батIияб нух тIаса бищун бугин ккола.

Гьанже гIемераб жо бараб букIуна ахIвал-хIал битIизабизелъун нужеца цадахъ лъугьун бахъулеб хIаракталда. ЦIакъ къваригIуна росасе йокьулей лъадилъун яхъине дургоги гъира букIине.

Байбихьуда рехун тезе ккола цебе букIараб хурхен гьабиялъул къагIида. ХIаракат бахъизе ккола нужерго хасият лъикIлъизабизе. Росасда кIалъай ракIбацIцIадго ва гьесда гьикъе жиндирго хьолбохъ кинай чIужугIадан йихьизе бокьилебин абун.

Баркала кьолей лъадилъун йикIа. Росасул рагIабаз ва ишаз дуе гьабулеб асар гьесиеги гIахьал гьабе. Гьелдаго цадахъ хIадур рукIа цо-цо дагIба-рагIи ккезе букIиналдеги. КигIан лъикIай хъизанлъун йигониги цо-цо мехалда дагIба-рагIи ккеялдаса цIунараллъун цониги чи вукIунаро. Аслияб жо ккола гьеб дагIба-рагIи берцинго нухда бачине кIияздаго лъай.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...