Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ИмгIалас толей гьечIо

Инсул вацас хIалхьи толеб гьечIо. Эбел-эмен рокъор гьечIеб мехги балагьун вачIуна нижехъе ва диде кверал регьула. Гьесукьа хIинкъун нахъарокъое кIанцIула дун, нуцIаги рахала. Цо къоялъ дица гьесул хIакъалъулъ кIодода бицана. Амма гьей дида божичIо. Дида ракIалде ккола гIагарлъиялъул цониги чи дида божиларин, эбел-инсуцаги юхизе ятилин абун. Дун йиго 15 сон барай яс. Щиб дица гьабилеб?

 

СалихIат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ГIукъбат ибн ГIамиридасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Руччаби ругеб рокъоре лъугьунге», - ян. Цинги ансарияс гьикъанила: «Я Бичасул Расул ﷺ, росасул цебесеб гIагарлъи гьеб бугони?» - ян. Аварагас ﷺ абунила: «Цебесеб гIагарлъи – гьалаглъи (хвел) буго», - ян. (Муслим)

Росасул гIагарлъийин абураб жоялъ жанибе бачуна кинабго гIагарлъи: эмен, кIудияв эмен ва лъимал хутIун.

Цебе рехсараб хIадисалъе баян гьабун имам Нававияс абуна: «Цогидаздасаги росасул рахъалдасан гIагарлъи сабаблъун питна-балагь, чIужуялъе хIинкъаби (гьей зинялде ячин) цIикIкIун букIуна. Щайгурелъул, гIагарлъи бугилан абун жалго цохIо хутIизе рес буго ва цонигиясда гьеб гIантаблъунги бихьизе гьечIо», - ян.

Къази ГIиязица хъвалеб буго: «Росасул гIагарал бихьиналгун чIужу халваталда чIей питнаялде бачунеб ва дин гьалаг гьабулеб жо буго. Гьединлъидал гьеб пиша хвалда релълъинабун, хIинкъи кьеялъе бачана», - ян.

Кин бугониги гьаниб бицунеб буго имгIаласул хIалихьатаб гIамалалъул хIакъалъулъ. БотIролъа жагъалав чияс гурони гьединаб къабихIаб пиша гьабуларо. Гьесул гIамалалъе бачине гIузруги гьечIо. Гьес гьеб гIамал тунгутIиялъе тIоцебесеб гIиллаги буго дуца лъиданиги гьеб бицунгутIиялда гьесул ракIчIун букIин. Дуда щибго гIайиб гьечIо, божуларин абун хIинкъизеги кколаро. Гьединлъидал хехгьабун, тIоцебесеб иргаялда, эбел-инсуда бице. Дур рагIиялда щаклъи ккечIого букIине, телефоналде видео бахъизе ялъуни аудио гьабизе бегьула, ай имгIаласул гIамалги бихьизабун.

 

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, гьениб дуда щибго гIайиб гьечIо ва мун нечезегун хIинкъизе ккараб жоги гьениб бихьуларо.

ИмгIаласул гьеб гIамал къойидаса-къойиде квешлъизе буго, ай жиндие тамихI гьабунгутIиялда гьесул ракIчIун бугебгIанасеб мехалъ. Дуца цогидазда бицунарин гьесда ракIалде ккеялъ вуго гьев жеги къабихIал пишабазде гьесизавулевги.

Эбел-эменги цере тун, кIодода бицинги дагьаб мекъаб буго. Мун жеги гьитIинай йикIиналъ дуца бицаралъул лъикI пикру гьелъ гьабун батуларо ялъуни васас гьединаб пиша гьабилин абун божун ятуларо.

Бищун лъикIаб букIина дурго эбел-инсуда бицани. ИмгIал, инсул вац вукIиналъ, инсуда бицаралда жаниб цIикIкIун маслигIат букIина. ЦIакъ ццин бахъунеб гIамал инсул батани, гьесда бигьаяб хIалалда бичIчIизабе имгIаласул гIамал бокьулеб гьечIолъи ва гьел рокъор гьечIел мехалда гьев гьоболлъухъе вачIун, рекъечIеб гIамал гьес бихьизабулеблъи. Гьеб гIела инсуда кколеб бугеб бичIчIизе ва вацасулгун кIалъай гьабизе.

 

хIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...