Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Эбелалъулгун бичIчIунгутIи

35 сон баниги эбелалъ жийго толей гьечIо дун. Рихун буго эбелалъул дидехун бугеб гьединаб бербалагьи. Росасе иналъул бицинего бегьуларо гьелъие. Щиб дица гьабилеб? М. Манапова

ГIалимчиясул жаваб

КигIан кIудиял гIуниги эбел-инсуе нилъ кидаго гьезул кумекалде хIажатал лъималлъун хутIула. Гьединлъидал эбелалда гIайибал чIвазе гIедегIуге. Нилъер тIалаб гьабун ургъел гьабизе эбел-инсул тIубараб ихтияр буго.

Росасе ине бокьи загьир гьабиялъулъги щибниги квешаб жо гьечIо. Амма гьединал пикраби битIун загьир гьаризе ккола. Эбелалда гьеб бичIчIулеб батичIони ва мун жеги гьитIинай гIадан йигилан кколеб батани, инсуде ялъуни росдал имамасде борхизе бегьула гьеб суал, гьез эбелалда бичIчIизабизе букIине.

Эбел-инсудаги бичIчIизе ккола балугълъиялде рахарал лъималазе тарбия кьолаго гьезухъ гIинтIамизе ва шаргIалда данде кколел пишабазе жаваб гьабизе хIаракат бахъизе кколеблъи. Мекъаб пикру бихьаниги гьезухъ гIинтIамизе ва берцинал насихIатал гьаризеги лъазе ккола.

Гьайгьай, гьедин гьечIони, ай гьез абуралде гIинтIамичIого рагъизе журани, щиб къварилъи кканиги гьеб бахчизе журазе руго гьел. Цинги къваригIел гьечIел чагIазде ургъелги бикьун, квешав ва мекъаб малъа-хъваялда нахърилълъинеги рес буго.

Аварагасул кьучIаб хIадисалда буго: «Нужерго лъималаздехун гIадил рукIа, гIадил рукIа, гIадил рукIа!» - ян лъабцIул такрар гьабуна хирияв аварагас .

Лъималаздехун гIадиллъиги ккола эбел-инсуца цояб лъимер цогиялдаса тIокI гьабун, сайгъатал кьун ва цогидаб лъимер щибго кIвар гьечIого тей. Лъималаздехун гIадиллъи ккола гьезие лъикIаб, битIараб тарбия кьей, заманалда васасе лъади ячин, яс рукъалда кьей ва лъикIаб тIабигIат, иман бугелгун гьел данде гьари.

Психологасул жаваб

Цо гIилла гьечIого эбелалъул гьединаб бербалагьи букIунаро. Къокъго абуни, эбел-инсул берзукь лъимал кидаго тарбиялде хIажаталлъун рукIуна. Цо-цоязда хехго, цогидазда кватIун бичIчIула лъимал кIудиял гIун рукIин. Гьелъиеги гIемерал гIиллаби руго. Бищун кIудияб гIиллаги жалго лъималазул гIамалалда бараб буго.

Масала, лъеберилъе рахун ругониги цо-цо лъималазе сундулго букIунаро ургъел, бокьухъе эбелинсул гIарацги хвезабула, къойил хIалтIабиги хисула, хIарамал хIаязда заманги инабула. Гьедин иш бугеб мехалда эбел-инсуца жигар бахъиларищ тIалаб-агъаз гьабун лъимал ккун чIезаризе!?

Эбелинсул ургъел кколеб квешаб гIамал бугищали пикруги гьабун, батани гьеб тезе нилъеца къвалал гурани, иш лъикIаб рахъалде сверила. Рес буго дур рахъалдасан гуреб, гIилла эбелалъул рахъалдасанги букIине. Масала, гьей хIинкъун ятизе бегьула мунги росасе ун, рехун толей йигин жийилан абун.

Гьелъул къайимлъиялдаса яхъун ккезе бокьани, гьелда берцинго бичIчIизабизе ккола гьелъул рагIи дуца къабул гьабулеблъиги, гьей рехун толареблъиги, амма росасе инчIого чIеялъулъги ва цогидал магIна гьечIел гIурхъаби чIваялъулъги хадуб мунго цохIоги хутIун, дуеги букIине бугеб кIудияб заралалъул. Къокъго абуни, хIаракат бахъе эбелалда жий хIажатай йикIин ва щиб кканиги дуца гьей рехун толареблъи бичIчIизабизе.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...