Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Вас туснахъалде кколев вуго...

Дир яцалъул вас вуго наркоман. Жинцаго хьихьунги вуго гьелъ гьев. Васас бана 30-ялдасаги цIикIкIун сон. Амма гьелъ гьев хьихьун вуго гьитIинаб лъимер гIадин, бокьа-бокьарабги гьабун. Наркотиказдаса вуссинелъун гIемераб гIарацги хвезабуна гьелъ. Хъизанги рехун тун, гьудулзабигун цадахъ вукIуна кидаго. Гьанже туснахъалде кколев вуго. Эбелин абуни йиго гьев къватIиве вахъизелъун рукъ бичизехъин. Дица гьелда абуна жанив лъуни кантIизе бегьулин, живго теян. Дун битIарай гьечIищ? Щиб дир яцалъги гьабилеб? Лъеберилъа тIаде арав цо вугев вас жанив лъуни, гьелъие цIакъ захIмалъила.

ГIаишат, МахIачхъала

ГIалимчиясул жаваб

Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Нужерго лъималазул хIурмат гьабе ва гьезие берцинаб тарбияги кье», - ян. (Ибну Мажагь)

Нилъер заманалда гIемерисел умумуз цIакъго хIурмат гьабула лъималазул. Сундего хIажалъизе течIого хьихьунги рукIуна. Амма хIадисалда бицунеб «берцинаб тарбия» кьей абураб жо гIемерисезда кIочонеб буго. Гьеб кIиялъулго бищун кIвар бугеб ккола исламалда рекъон берцинаб тарбия лъимадуе кьей. ГьитIинаб къоялдаса нахъе лъикIаб-квешаб батIабахъизе малъизе ккола.

Гьесул эбелалдеги кинха гIайиб гьабилеб? Жинцаго лъимер гIезаби бигьаяб иш гурелъулха. Инсул тарбия гьечIолъиялъ ккун ватула гьев наркоманазул свериялдеги.

Цо вугев вас гьединаб къварилъиялде ккарай эбелалъул ракI батизабизеги захIмалъула. Кинниги Аллагьасде ﷻ иман лъолев щивав бусурбанчиясда лъазе ккола, нилъеда баччизе кIолеб гурони къварилъи БетIергьанас тIаде биччалареблъи. Гьединлъидал, тавакал Аллагьасде ﷻ тIаме, вас битIараб нухде вачейин абун дугIаги гIемер гьабе.

Жакъа наркоманал сах гьарулел централ руго. Гьеб агьлуялъул специалистаз абула наркоманиялдехун бугеб цIайи дарабаздалъун дагь гьабизе кIолин абун. Амма психикияб цIайи инабизе цIакъго захIмалъулин. Кин батаниги гьеб рахъалъе кумек гьабула диналъ. Диналде вуссинавизе гьев кIвани, эбелалъеги гьесие жиндиегоги гIемерго бигьалъизе букIана.

Абу Гьурайратидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Лъабго дугIаялъе Аллагьас ﷻ жаваб гьабиялда щибго щаклъи гьечIо: зулму гьабурасул дугIа, сапаралда вугесул дугIа ва эбел-инсул лъималазе гьабураб дугIа», - ян. (Ибну Мажагь)

Психологасул жаваб

Дуца бицунеб битIараб буго. Дур яцалдаги гьеб бичIчIун батула, амма эбелалъул лъимаде бугеб рокьи сабаблъун гьеб киналдего гьелъ бер къанщулеб буго. Мекъи йикIин гIакълуялъ къабул гьабуниги, гьитIинаб къоялдаса нахъе вичча-вихъан вас тун вукIин бичIчIаниги, васасул гIайибалдалъун гьесде рачIарал балагьаздаса гьев цIунизе йортанхъиялда ракI гурхIун батаниги, гьелъ кидаго васасул рахъ кквезе буго. ХIатта гьев мекъи ватанигицин. Психологияб гIелмуялъ гьелда абула «созависимые отношения» абун.

Дур суалалдасан баянлъулеб буго кумекалде вас хIажалъаравгIан гьесул эбелги хIажатай йикIин. Гьелда жиндаго лъачIого, васасе заралцин гьабулеб батула гьелъ. Цо-цо мехалда «созависимый» чияс, наркоманасецин гIарац кьун, кумек гьабизе рес буго. «Созависимый» чиясул гIамал цIакъ захIматаб букIуна. ТIубанго гьесул гIамалалда хадурги нилъ гъоларо. Дуца бицараб жоялъухъги гьей гIенеккуларо, тIадежоялъе, жий йичIчIулей гьечIин абулеб батула. Дуца хIаракат бахъе исламияв психологасухъе гьей ячине ва гьеб хIалалдаса йорчIизе кумек гьабизе.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...