Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос вуго цIакъго кьварарав

 

Къойидаса къойиде росгун цадахъ гIумру гьабизе захIмалъулеб буго. Дидехун цIакъго кьварун вукIуна гьев. Рокъоб дица гьабизе кколеб руччабазул хIалтIуда хадуб хъаравуллъи ккунги вукIуна. ХIалтIудаса рокъове кватIун вачIиналъ лъималазда гьев гIодоркъояз гурони вихьуларо. Дида халлъулеб буго ниж цоцадаса рикIкIалъулел рукIин. Щиб дица гьабилеб?

 

ШугIайнат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Хъизамалъулъ битIккей бараб букIуна рос-лъадул гьоркьоблъиялда. Гьезул щивас адабал цIунулел ругони, хъизан талихIаблъун букIуна. Жавабчилъи ва хIукъукъал тIурай рос-лъадуда тIадаб иш буго, щивасул батIи-батIиял ругониги.

Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Нужер щивав жиндир рагIияталдаса цIехезе бугев вехь вуго», - ян. (Бухари, Муслим)

Гьаб хIадисалъ ахIула Аллагьасда ﷻ, диналда, гIагаразда, гIадамазда ва хъизан-агьлуялда цебе жавабчилъи букIиналде. Гьединлъидал щивасда лъазе ккола жиндаго тIадал ишал ва Аллагь ﷻ разияб хIалалъ гьел тIуразаризе хIаракатги бахъила.

Бихьинчи вукIине ккола гIадлу ва тIалаб бугевлъун, хасго Аллагьас ﷻ тIадкъарал жалазулъ. Амма гIорхъолъа ин беццуларо. ЧIужуялъул ва лъималазул цIунизе кколел хIакъал рукIуна. Гьездасан ккола хъизан-лъималазулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьаби. Лъимал-хъизангун кIалъазе заман батизе ккола. Гьезие къваригIараб бугищали цIехела. Руччабазе бокьула росас гьезул ургъел гьабулеб мехалда. ХIажалъи ккедал, малъа-хъваялги гьарила.

Лъадигун кIалъалеб мехалда телефоналде, телевизоралде ва цогидал ишазде вуссинчIого, гIицIго гьелде вуссине хIаракат бахъила. ХIеренго ва сабруялда вукIина. Гьеб гIезегIан захIматаб жо буго, амма захIмалъи баччаралъухъ кири цIикIкIун щола. ЧIужуялъул гIунгутIабазде сабру гьабила ва лъикIал ишазухъ рецц-бакъ гьабизеги кIвахIаллъиларо. Гьелъухъа гъалатI ккедал, какичIого, хIеренго насихIат гьабила.

Баркала кьезе ва рокьи загьир гьабизе нечезеги кколаро. ТIагIамаб кванда хадуб ялъуни тIадкъай тIубайдал чIужуялъе баркала кьела. Кидаго къваригIел тIубазе хIадур йикIунин абун гьелъие рецц-бакъ гьабила.

Хъизан-лъималазда аскIоб бараб заманги гIибадат ккола. Бичасул Расулас ﷺ абуна: «Нужер бищун лъикIав вуго лъимал-хъизаналдехун бищун лъикI вукIунев», - ян. (Тирмизи)

 

Психологасул жаваб

Дир пикруялда, дур росасул гIамал-хасиятго батула кьварараб. Кьварарав чи вугониги, заман гIадада хвезабулеб гьечIо гьес. ТIубараб къоялъ хIалтIуда вукIинги буго нужер тIалаб-агъаз гьаби, ай хъизан лъикI букIиналъе гIоло хIалтIулев вукIин.

Нужедехун кьварун вукIиналъе гIиллаги, хъизан цIуниялъул рахIатхвей батизе рес буго. Гьесул рекIее хIалхьи букIине ккани, рокъоб кинабго гьесие бокьухъе букIине ккола.

Дица бицараб битIараб батани, мун ругьунлъизе ккола гьесул рагIабазде данде берцинаб жаваб гьабизе. Гьелъул магIнаги ккола, гьесул гIайибчIваялде данде ццим бахъун жаваб кьечIого, сабруги гьабун, гьесул гьари тIубазе жигар бахъеян абураб.

Гьесие бокьулеб батула, гьевгун къацандичIого, гьесул рагIабазде кIвар кьезе. Гьесие тамахго жаваб кьезе ругьунлъе.

Гьев хIалтIуда вугеб мехалда, гьесул тIалаб гьабун, ахIвал-хIал цIехон, телефоналдасан хурхен гьабе. ХIалтIудаса вачIиндал гьумер букIкIинабуге ва хинаб квенги цебе лъун, берцинго дандчIвай гьабе. Жиндир къимат гьабулеб букIин бихьидал, рес буго гьес лъикIаб гуреб гIамал тезеги.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....