Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

ХIакъикъат лъаялда хIинкъун руго

Дирги чIужуялъулги лъимал рукIинчIо. КIудияв вацас жиндирго вас кьуна нижее. Гьев васас нижеда эбел-эменинги абула. Гьесул эбел-эмен батIиял ругин гьесда абизе ниж хIинкъунги руго. Цогидаздаса гьесда гьеб рагIизеги бокьун гьечIо. Бегьулеб батани нижее кумек гьабе? М. Расулов, Гъизилюрт шагьар.

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «…Нужеца васал ругин абун ккурал чагIиги нужер васал рукIунаро: гьеб буго нужер кIалалъ абулеб рагIи. ТIадегIанав Аллагь вуго Жинца хIакъаб рагIи бицунев, битIараб хIукму гьабулев…», - ян. (Суратул «АхIзаб», 4 аят)

Гьебго суралъул щуабилеб аяталда буго (магIна): «Гьел нужеца васал ругин ккурал чагIазда цIар ахIе гьезул инсул цIаралдалъун, гьеб буго Аллагьасда аскIоб битIараб рагIи. Гьел гIадамазул умумул нужеда лъалел ратичIони, гьел нужер диналъул вацал руго: гьезда «я дир вац» абун абе. Гьел нужер диналъул гьудулзабиги руго: гьезда «я дир гьудул» абун абе», - ян.

Бусурбанчияс хьихьизелъун лъимер бачиндал, гьесда тIадаб буго жиндирго лъимадехун гIадин гьеб лъимадехунги лъикIаб бербалагьи гьабизе. Амма жиндир вас ялъуни яс йигин чIезабизе бегьуларо. Гьедин хьихьизе бачараб лъимадуе ирсги щоларо. Гьеб лъимер хьихьун ругезул вас ялъуни ясинги абуларо. Гьеб лъимадул унго-унгоял эбел-эмен лъалел ругони, гьезул лъимерин абила.

Гьедин хьихьизе лъимер бачине исламалда бегьула. Лъазе кколеб жо буго махIрамияб гуреб лъимер бачиналдалъун гьеб тамаюзлъиялде, ай квешаб-лъикIаб батIа бахъизе лъалел саназде бахиндал, гьебгун халват рукIиналдаса цIунизе ккей. Гьединлъидалин исламалъ абулеб росасе яги чIужуялъе махIрамияб бачейин лъимер абун.

Масала, вас вачунев вугони чIужуялъе махIрамияв, яс йигони росасе махIрамияй. Гьелдаго цадахъ лъимада бицине ккола гьелъул унгоунгоял эбел-эмен щал кколелали. КIудияб гIедал захIмалъичIого букIине ва гьелда тIаде цогидаздаса рагIизегIанги гьитIинго бицани лъикIабги буго.

Психологасул жаваб

Чиясул тIабигIаталдасан буго гIемераб мехалъ цадахъ ругезда ва жиндехун лъикIаб бербалагьи бугезда ругьунлъи ва гьездехун бухьен бижи. Нужер суалалъулъ кинабго бараб букIина лъимадуе нужеца кьураб тарбиялда.

Цо-цо мехалъ эбел-инсул квешаб, адаб гьечIеб, мекъаб, тIекъаб бербалагьи бихьидал гьездаса рикIкIалъизе лъимаца гIамал гьабула. Гьеб хIалалъулъ эбел-эмен гурезда эбелэменин абулеб букIин лъимералда бичIчIидал, ракI унтилъун гьесие букIина. Амма, гьелъул гIаксалда, лъикIаб тарбиялда гъоркь гIезавун ватани, гьеб хабаралъ щибниги рекIел къварилъи тIаде бачIинаро.

Цогидал хъизамазулъ гьединаб хIалбихьиялъ бихьизабулеб буго авалалдаса дагьаб захIмалъаниги, хадуб лъимералда бичIчIула гIумру цадахъ тIамурал рокьизе ва гьелгун гIумру гьабизе бегьи.

Бищун лъикIаб буго кIванагIан хехго, ай жо бичIчIулеб соналде лъимер бахарабго, кинабго берцинго гьесда бицин. Гьелде тIаде, чияца бицинегIан нужецаго бицарабги лъикIаб буго. Чияца кинал рагIабаздалъун гьеб бицине бугебги лъаларелъул.

ХIакъикъат лъайдал нужедаса лъимер нахъе иналда хIинкъизеги кколаро. Лъималазда лъала жидер эбел-эмен щалали, гьездехун адаб-хIурматги гьез гьабула, амма гIумру гьабизелъун жалго хьихьаразда аскIор чIола.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...


Тебетараб хоно

Инсанасул гӀумруялъе хӀажа-табщинаб бижарав, нилъеда рикӀкӀун хIалкIоларел гӀемерал нигӀматал нилъее кьурав, гӀаламалъулго БетӀергьан Аллагьасе ﷻ буго рецц. Гьединал нигIматазул цояб ккола гӀанкӀодул хоно - гӀадатияб ва хӀалтӀизабизе рес бугеб, сахлъиялъе гӀемераб пайда кьолеб...


Иманалъул бутIа

Сабру ккола инсанасул тӀабигӀаталъул бищун берцинал гӀаламатазул цояб. ЗахӀматаб ахӀвал-хӀалалде ккарал гӀадамазе заман къваригӀуна жидерго ракӀ гIодобе биччазабизе. Гьединаб заманалда сабру гьаби ккола нилъер иманалъул чара гьечIеб бутIалъун.   Аварагас ﷺ Абу-Гьурайратидасан бицараб...


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...