Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Киндай росасе кумек гьабилеб?

 

Дир рос вуго цIакъ чIухIарав, гIамал кIудияв чи. Гьесул букIана жиндирго бизнес. Кидаго гIадамалгун жуванги вукIунаан гьев. Дагьалъ цебе гIумруялъ гьабураб бизнес цо къойида жаниб щущахъ биххана. ЦIидасан байбихьизе кколеб буго кинабго. ГIарац гьечIого хутIидал цадахъ рукIаралги тIагIана. ЦIакъ тату хун вуго гьев. Вакъуца холев вугониги цогидазухъа гIарац гьес гьарулареблъиги лъала. Киндай гьесие кумек гьабилеб?

 

Хадижат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьаб дунялалда инсанасде тIаде рачIунел балагьал ва нигIматал кинабго Аллагьасдасан ﷻ бихьи ккола муъминчи капураздаса ватIавахъулеб гIаламат.

Бизнесалъулъ битIккунгутIи гьесул гъалатIаздалъун батани, гьелде тIаде, диналда данде кколереб хIалтIиги букIун батани, тIоцебесеб иргаялда, тавбу гьабун Аллагьасде ﷻ вуссине ккола. Гьелдаго цадахъ гIадамазда хурхараб, гьезул ракI бекизабулеб пиша гьабун батани, гьездаги тIасалъугьин гьаризе ккела. Гьезие бецIизе кколеб налъи батани, гьебги бецIила.

Рес буго гьесда щибго гIайиб гьечIого ккун батизеги. Кин бугониги, араб, ккараб нахъбуссунаро. Аллагьасда ﷻ цеве берцинаб сабруги гьабун чIезе ккела. Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Сабру, балагь тIаде бачIараб хIалалдаго гьабизе ккола», - ян. Гьелъул магIнаги ккола, къварилъи, захIмалъи бачIиндал, напсалъе кигIан захIмалъун бугониги, гьеб гIуж кколин сабруялда вукIине кколебин абулеб. ЧIва-чIвадун, зигардун, кколеб ккун бахъиндал хадуб гьабураб сабруялъ букIине кколеб хIасил кьоларо.

Сугьайб ибн Синан Румиясдасан бицана хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Муъминчиясул хIалалъул гIажаиблъиго щиб! Сверухъ кколеб бугеб кинабго жо гьесие лъикIлъиялъе буго. Муъминчиясе гурони гьединаб нигIматги гьечIо. Рохел тIаде бачIун Аллагьасе щукру гьабидал, гьеб нигIматлъун лъугьуна гьесие. Гьединго къварилъи тIаде бачIиндалги гьес щукру гьабула, цинги гьеб къварилъиги гьесие нигIматлъун лъугьуна», - ян. (Муслим)

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ХIакълъунго, цо захIмалъи-къварилъиялда хадуб бигьалъи ва гIатIилъи букIуна. Гьеб захIмалъи-къварилъиялда хадуб бигьалъи ва гIатIилъи букIунеблъи жиб хIакъаб, жиндилъ щибго щаклъи гьечIеб амру буго», - ян. (Сура «Аш-ШархI», аят 5-6)

Киназго рехун тараб гьеб хIалалъулъ чIужуялъ гурони лъицаха росасе квербакъилеб? Сабруялде ахIе, кинабго кьолевги нахъе босулевги Аллагь ﷻ вукIин ракIалде щвезабе. Аллагьас ﷻ нилъе щвезе хъвараб, дунял-гIалам дандечIаниги, щола. Гьелдаго релълъун, нилъее хъвачIеб, дунял-гIалам тIаде лъугьун кьуниги, нилъее щоларо. Гьарурал гъалатIазда тIад ургъе, битIараб нух тIаса бище, Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун байбихьи лъе. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Гьединаб мехалъ бищун цебе халгьабулеб жо буго сверухъ ругез кин къабул гьабизе бугебали. ГIайибал чIвазе лъугьани, тIубанго тату хун лъугьинеги рес буго. Гьесда ккела мугъчIван рукIараз хиянатлъи гьабунин. Гьелдаса бичIчIула, захIматаб заманалда дуца гьесул рахъ кквезе кколеблъи.

Гьединаб хIалалде ккедал инсан вукIуна сверухъ бугебщиналда ццим бахъаравлъун. ХIажат гьечIого гьесул рахIат хвезабизе лъикIабги букIинаро. ЗахIмалъабаз инсан жеги къуватавлъун гьавула. ТIаса араб жо боцIи-мал буго, амма гьеб гьабулеб букIараб къагIида кинаб букIунебали тIаса ун гьечIо. Щиб лъалеб, гьеб лъугьа-бахъин сабаблъун бизнес жеги лъикI цебе ине ресги буго. Росасе гьабулеб хъулухъ жеги лъикI гьабизе хIаракат бахъе. Гьелдалъун гьесда бичIчIила дуца гьесул ургъел гьабулеб букIин. Сахлъи бугони, дунялалъул боцIи цIакъ бигьаяб жо буго.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...