Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...

 

Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги мурадалъул гьесие ургъел гьечIо. Дунго йикIуна рокъой гIемерисеб мехалъ. Гьанже ракIалда ккола щай букIарабин рукъалде инего. Щиб дица гьабизе кколеб?

 

ГI., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Дудаго гьеб суал тIубазе кIолареблъи лъалеб бугониги, хIаракат бахъе росасе асар гьабуледухъ хабар бицине. Имамасда яги бакIалъулав гIалимасда гьаре вачIайин кIиябго рахъалъухъги гIенеккун, малъа-хъвай гьабизе.

Дица абила, росасулгун ракIбацIцIадго гара-чIвари гьабеян, сунца гьесул рахIат хвезабулеб бугебали лъазабейин. Щиб лъалеб, гьев мекъи ккарал чагIигун хьвадулев ватизе рес буго яги гьесул сахлъиялъул рахъалъ къварилъи батизе бегьула.

Гьединаб суалалъе чIванкъотIун жаваб кьун бажаруларо. Амма ригьин цIунизе хIаракат бахъизе ккола. Гьелде рачуна сабру гьабиялъ.

Гьесда ццим бахъун, цере ккун рукIарал гъалатIал ракIалде щвезаризе лъугьине бегьуларо. Гьелъул гIаксалда, ццим бахъиналъ ва гьесул гъалатIал ракIалде щвезариялъ чIужу росасдаса рикIкIад гьаюла.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нуж гьездаса тIаса лъугьа ва гьезул мунагь-хатIа бахчун те. Нужее бокьун гьечIищ Аллагьас ﷻ нужер мунагьал рахчизе ва нужеда гьев гурхIизе. Гьеб нужее бокьун батани, нужецаги гIадамазда гурхIел гьабе ва гьездаса тIаса лъугьа! ТIадегIанав Аллагь ﷻ жинца мунагьал рахчулев ва жив гурхIулев вуго». (Сура «Ан-Нур», аят 22)

 

Психологасул жаваб

БичIчIизе ккола нужер гьоркьоблъиялда жаниб цо кинабалиго ишкал ккун буго - гьебги бухьен биххи батула. Дуца хъвалеб буго рос хисанин, дудехун кIвар дагьлъанин абун. ТIоцебе балагьизе ккола, гьев хIалтIулев ватани, хъизамалъул жавабчилъи батани, гьеб цо жо буго. Амма гьев хIалтIулевги гьечIони ва тIубараб заман гьудулзабазда цадахъ яги телефоналъуб балеб батани, гьеб ккола ургъел гьабизе кколеб масъала.

ГIемер букIуна гьоркьоблъиялъул байбихьуда вокьуда виххун вукIиналъ бицунеб хабар батIияб. Гьев ракI-ракIалъ божула гьелда ва гьесул рагIаби чIужугIаданалъги къабул гьарула хIакъикъиял планал хIисабалда. Ригьин гьабун хадуб гьесул хьвада-чIвади хисизе бегьула: гьесда ракIалде ккезе байбихьула гьоркьоблъи цIунизе гьедигIан хIаракат бахъизе хIажалъи гьечIин абун. Дуца букIине кколеб кIвар кьолеб гьечIин абидалги, гьес гьеб къабул гьабизе бегьула мун аскIой йигин ва киего ине гьечIин абураб гIаламат хIисабалда. Гьединлъидал гьев парахатго чIола.

Заманалдаса тIадецуй ва тIалаб гьаби бихьидал, гьев вачине рес буго мунгун бухьен гьабиялдаса рикIкIалъиялде. Гьеб ахIвал-хIалалда кIвар бугеб жо ккола нужерго рукIа-рахъин хисизаби. ХIаракат бахъе дурго ишазде кIвар буссинабизе. Гьесде гIайибчIваялдаса ва кIвар тIалаб гьабиялдаса цIуне. Гьединго рикIкIалъе дурго ццим бахъин ва разилъи гьечIолъи гьесие загьир гьабиялдаса.

Цинги гьесие заман кьезе ккола цIияб хьвада-чIвадиялъул къагIидаялде ругьунлъизе. Заманалдаса гьесда хиса-басиял рихьун, жинцаго цIикIкIун кIвар кьезе байбихьизе бегьула. КIвар бугеб жо ккола щибаб ахIвал-хIал щивасда хасаб букIин лъай.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

 

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...