Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Кье дие гIакълу!

ЛъагIалица цебе цо йикIарай яс хвана дир. Дида кинабго бичIчIула, гьеб буго Аллагьасул ﷻ къадар. Зигардулейги гьечIо, амма рекIелъ бугеб чIобоголъи цIезабизе кIоларого буго. Цо къоялъ ясалъул рокъое лъугьиндал, пикру ккана бесдал лъимер яслъун диего ячун лъикIилан абураб. ЦIидасанги эбеллъун йикIине бокьун буго. Гьелда тIасан кIиго суалги буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ ва гьеб дир рекIелъ бугеб чIобоголъи цIезабилъун ккеладай?

ПатIимат, Шамил район.

ГIалимчиясул жаваб

ГIумруялда жаниб инсанасда тIаде рачIуна батIи-батIиял хIалал. Амма щиб хIалалде кканиги нилъ рукIине ккола Аллагьасул ﷻ къадаралда разияллъун. Нилъер хирияв аварагасги ﷺ чанго нухалъ баччана лъимал хвеялъул захIмалъи. Анкьго лъимералда гьоркьоса, жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ФатIимат хутIун, хутIарал лъимал хабалъ лъуна Хирияс ﷺ . Гьесул васал - Къасим, Ибрагьим, ГIабдуллагь (ТIагьир) кIиго сон балелдего хвана. Лъабайго яс, гIага-шагарго, къого сонил ригьалда хвана. ЦохIо ФатIимат хутIана 28 сон базегIан. Гьейги авараг ﷺ накълолъун хадуб, чанго моцIалдасан хвана. Хирияв аварагас ﷺ жинцаго бана гьездасан жаназаялъул как ва рукъана жиндирго баракатал квераздалъун.

КIиго сон тIубачIев Ибрагьим аварагасул r кодов хвана. МагIил бералги цIун, аварагас ﷺ абулеб букIана: «Бадиса магIу чвахулеб буго ва керен къварилъиялъ ссудулеб буго. Амма ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бокьичIеб нилъеца абуларо. Я, Ибрагьим, ниж къварилъуда руго дур ин сабаблъун», - илан.

Гьеб куцалда, гьитIинал лъимал хварал умумуз ракI чучизелъун аварагасдаги ﷺ бихьараб захIмалъи ракIалде щвезабизе бегьула. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ аварагасдаса ﷺ хирияв чи вукIинчIо ва амма гьесдагицин ﷺ Аллагьас рихьизаруна къварилъаби ва Аварагас ﷺ гьел ракI разиго раччана.

Цо бугеб лъимералдаса ратIалъи цIакъ захIматаб жо буго. Алагьасул ﷻ рахъалдасан бугеб гьеб хIалбихьиги дагьазда гурони кIоларо баччизе. Заман гьоркьоб ун цIидасан эбеллъун яхъине бугеб дур гIищкъуги тIабигIияб жо буго. Исламалда рекъон, шартIалги цIунун, лъимер хьихьизе бачине бегьула. Амма яслъун яги васлъун гьави абураб жо шаргIалда гьечIо. Хьихьизе бачараб лъимер, кигIан лъикI хьихьаниги, нилъер лъимерлъун лъугьунаро ва гьеб нилъедего гIунтIизабизе исламалда хIарамабги буго. Бесдал лъимералъе кумек гьаби исламалда кутакалда беццараб буго.

Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Дун ва бесдал лъимер хьихьарав чи Алжаналъуб гьадин (чIикIвакилищги бакьулъкилищги бихьизабун) рукIине руго», - ян (Бухари). Цогидаб хIадисалда буго: «Бусурбабазул рукъзабазул бищун лъикIаб буго жанив бесдалав вугев ва гьесдехун лъикIаб бербалагьи гьабулеб. Бусурбабазул бищун квешаб рукъ буго жинда жанив бесдалав вугев ва гьесдехун квешаб бербалагьи гьабулеб», - ян (ибну Мажагь).

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

Психологасул жаваб

ГIагарав чи ва хасго лъимер хвей буго кутакалда захIматаб иш. Амма гIорхъолъа ун гIоданиги, зигарданиги гьел нахъруссунаро. Гьединлъидал яхI бахъизе ккола сабруялда рукIине. РекIелъ бугеб унтуе буго цо дару. Гьебги ккола заман. ГIадада гурелъулха абулеб, заманалъ сах гьарулин абун. РекIелъ бугеб къварилъи аниги, гьел ракIалдещвей кибего унаро. ХIакъикъаталдаги дур рекIелъ бугеб дуда гурони лъаларо ва ТIадегIанав Аллагьасда гурони ﷻ лъаларо дур нияталъул бацIцIалъиги.

Хварай ясалъе кьун бажаричIеб эбелалъулаб рокьи ва хинлъи цогидаб, ай чияр лъимадуе кьезе мун хIадур йикIин буго лъикIаб тIабигIат. ЛъикIаб иш гьабулаго гIадамазда мекъаб жо ракIалде ккелин абун ургъелги гьабизе бегьуларо. БитIараб букIина, цIияв инсанасул гIумруялъул жавабчилъи тIаде босизе хIадуризе ва гьелде кIвар кьезе. БитIараб буго, рекIелъ хIинкъиги щакдариги букIине рес буго. Гьебги гIадатияб хIал буго.

Бищун цебе росасда дандбазе ккела гьеб суал. Гьес изну кьуни, тIокIаб сундулниги ургъел гьабизеги ккеларо. Жиндирго лъимер букIинеги гьесие бокьизе рес буго. Гьебги жеги лъикI букIинарищха. Гьеб мехалъ дудаги бичIчIизе ккола цоги лъимер гьабидал гьелде юссиналъ рекIелъ бугеб чIобоголъиги тIаса хехго унеблъи, амма хварай ясалъ рекIелъ ккураб бакI лъицаго хисуларо. Заман арабгIан рекIел унти дагьлъила. ГьитIинго Аллагьас ﷻ гьей ячун ин гьелъие кIудияб нигIмат буго ва хведал нужееги гьелъул шапагIат щвела.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Нужее баяналъе

Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб сура щиб? – Сура «Тавба» «Табарака» жузалда жаниб чан сура бугеб? – 11 сура Бищун гIемер къокъал сураби кинаб Къуръаналъул бутIаялъулъ бугеб? – «ГIамма» жузалъулъ. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан...


ГIалимчи вукIун гIоларо

Абу Язид БастIамиясулгун лъеберго соналъ гьалмагълъи гьабун вукIун вуго цо гIалимчи, къад кIалал ккун, къаси сардал гIибадаталда рорчIун. Цинги цо къоялъ гьес абун буго Абу Язидида: «Я дир сайид! Дица дуе хъулухъги гьабуна, дуеги мутIигIлъана, кинниги дие загьирлъичIо БетIергьан Аллагьас ﷻ...


Бицунелда хадуб халккве

НекIсиял египеталъулазул букIун буго хвалда хурхун абулеб берцинаб рагIи: хварал чагIи Алжаналъул кавабахъ ратаразда дандчIвайдал гьезие кьолеб букIун буго кIиго суал, цинги гьезул жавабазда рекъон, хIукму гьабулеб букIун буго Алжаналде лъугьине гьезие ихтияр кьелищ яги кьеларищ абун: «1)...


Абу Юсупил эбелалъулгун АбухIанифал ккараб

АбухӀанифал мутагӀил Абу Юсупица абуна: «Дир эмен, Ибрагьим ибн ХӀабиб хвана, дун гьитӀинаб лъимерлъун эбелалда аскӀовги тун. Цо заманалдасан эбелалъ дун хӀалтӀизе витӀана партал хъахI гьарулеб тукаде. ХӀалтӀудаса дун унаан АбухӀанифал дарсазде, амма эбел кидаго хадуй ячӀунаан, дида нахъа...


КIванагIан хех гьабе

Жакъа унтараб суал буго гьабураб къотIи-къай тIубангутIи ва кьураб рагIи ккунгутIи. Гьеб сабаблъун цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи хола. Инсанас, Аллагьас ﷻ абухъе, цогидасул хIакъ тIубани ва Аварагас ﷺ хIадисалда абухъе жидиего гьабизе бокьулеб гIадин цогидасеги гьабуни, букIинищ гьениб...