Аслияб гьумералде

Африкаялда ругел хIатIракьул мажгитал

Африкаялда ругел хIатIракьул мажгитал

Африкаялда ругел   хIатIракьул мажгитал

ЮНЕСКОялъ хIаракат бахъула къанагIатал, хIарщул рарал мажгитал цIунизе. ГIемерисел мажгитал байбихьуда хIарщуца ралаан, амма нилъер заманалде щвезегIан гьезул дагьалго гурони цIунун хутIун гьечIо. Къо бахъанагIан рукъзал разе цIицIиял алатал хIалтIизарулел ругелъул, гьездасаго пайда босула мажгитал ралагоги. ГIадатаб ва учузаб хIатI бигьаго бихха-хочун уна гучал гьуразул ва салул бураназул асаралда гъоркь. Гьеб гуребги, хIатIракьалъул рарал минабазда хадуб тIадчIун гьабулеб хъулухъги букIине ккола.

Тимбукту абураб рикIкIадаб бухтаялда

Тимбукту бухтаялда гIумру гьабулей Сара Марабу абурай гIаданалъул рукъалъул, гьелъул Му цIар бугеб гIакаялъул хIакъалъулъ «Балъголъи» абураб кочIохъабазул къокъа сабаблъун гIемерисезда рагIун батила. Амма гьенибго, ай Тимбукту шагьаралда, Нигер гIоралда гIагарлъухъ ругел Жигаребер, Сиди Яхья ва Санкоре абурал мажгитазул хIакъалъулъ, гIайиб гурищха, дагьал гIадамазда гурони лъалеб батиларо.

Гьоркьохъеб гIасрабазул заманалда Тимбукту шагьар букIана Европаялдаго машгьураб. Цо кидаялиго Тимбукту букIана Африкаялъул бусурбаби цIализарулеб центрлъун, 180-ялде гIагарал мадрасабазда лъагIалида жаниб 20000 студент цIализавулан.

Цебе рехсараб лъабго мажгиталдаса бищунго берцинаблъун, гьайбатаблъун ккола Жигаребер. Гьеб Малиялъул машгьурал бакIазул цояблъун рикIкIуна. Мажгит бан буго 1325 соналъ (цогидал баяназда рекъон – 1327 сон) хIежалдаса вуссун вачIунаго гьеб шагьаралда лъалхъи гьабурав султан Канхан Мусаца. Гьеб заманалда Тимбукту цебетIураб центр гIадин къачIан букIинчIо.

Султание бокьана гьеб хисизабизе. Жеги Маккаялда вукIаго Канхан Муса дандчIвана Абу Ишап Эс-Сахели абурав Андалусиялдаса архитекторгун ва гIемераб гIарацги кьун разилъизавуна гьев Тимбуктуялде вилълъине. Жигаребер мажгит гуребги, Абу Ишапица гьенир рана гIемерал кIалгIаби, ханасул резиденция ва цогидалги мажгитал.

Жигаребер мажгит бан буго хIатIракьги сумги жубазабун гьабураб материалалъул. ГIуцIиялъул щулалъи цIикIкIинабиялъе гIоло, гIурдузул каркасалда сверун хIатI бахун бан буго мажгит. Гьединлъидал, тIасан балагьидал, релълъун буго зазихараб термитникалда.

Жигаребер мажгит гIуцIун буго лъабго жанисеб азбаралдаса ва кIиго михIбаралдаса. ГIатIидаб как балеб залалда – кIиго кьералъул хIатIракьалъул колоннаби. Цебе лъураб масъала букIана гьениб тIубарабго шагьаралъул халкъ какде бакIаризе кIвей. Гьанже заманалда гьениб цадахъго кIиазарго бусурбанчияс как бала. Мажгит буго ункъбокIонаб, тIох – тIибитIараб, михIмар – конусалъул формаялъул. Щибаб бокIоналда – хIатIракьалъул сиял, хъулби.

Жакъаги Тимбукту шагьаралъул аслияб мажгит ккола гьеб. Тарихиял хъвай-хъвагIаязда рекъон, асар гьабулеб кIодолъиялъул бугониги, Жигаребер мажгит гIицIго кIиго соналда жаниб бан лъугIана. Гьелъул михIмар, шагьаралдаса тIаде борхула; гIемер гьури пун, гIажаибаб форма босун буго гьелъ: рикIкIадасан балагьани, найил тIалаялда релълъуна. Малиялъул мажгитазда дандеккун, Жигаребералъул батIалъи ккола гьеб туристазе рагьараб букIин. МихIмаралдеги рахун, гьезда тIубанго шагьар бихьула.

Гьеб машгьураб мажгиталъе ремонт гьабизе заман щварабго, шагьаралъул тIолалго бихьиназ гIахьаллъи гьабула. Бусурбабаз кIвараб хIаракат бахъула мажгиталъул тIалаб-агъаз гьабизе.

16-абилеб гIасруялда мажгиталъ кутакаб захIмалъиги хIехьана. Шагьаралъул къади Аль-Акибица цIигьабуна гьеб. Гьесго, Жигаребералда релълъараб, гьелъул гьитIинаб бац кинигин бугеб Санкор мажгитги бана. Аль-Акибие бокьун букIана мажгиталъул кIодолъи КагIба рукъалъул гIадаб букIине. Хирияб ракьалда вукIаго балагьун букIана гьес КагIбаялъул роцен. Рокъове щведал жиндирго анищ тIубазабизе хIаракат бахъана, тIадежоялъе 15 метралъулаб михIмарги бана мажгиталда.

Сиди Яхья мажгит бан буго Мухтар Хамаллахица. ЦIигьабун буго къади Аль-Акибица. ГIемерисез абула, лъабабго мажгиталдаса гьеб бищунго берцинаб бугин.

ХIатIракьалъ бараб дунялалда бищунго кIудияб мажгит – Женаялда

Дунялалда бищунго кIудияб хIатIракьалъул мажгитлъун ккола Малиялда бугеб Жена. Аби буго, гьеб бакIалда мажгит букIанин 13-абилеб гIасруялдаго, амма 19-абилеб гIасруялда гьеб тIубанго бихханин. Гьанжесеб куцалда гьеб цIидасан бана 1906-1909 соназда ва Малиялъул хасаб гIаламатлъун лъугьана. Абула, мажгит гьедигIанго кIудияблъун ва чIухIараблъун байин малъанин парангаз, гьезго материалияб кумекги гьабунин пачалихъалъул «бренд» хIисабалда гьеб цебетIезабизе ва машгьурлъизабизе. Рехсараб пикру ритIухъ гьабула Франциялъул Фрежюс шагьаралда гьеб мажгиталъул гьитIинаб копия букIиналъги.

1988 соналъ мажгит ЮНЕСКОялъул материалияб гуреб ирсалъул сияхIалде босана. Мажгит бан буго шагьаралъул бакьулъ ва хIакъикъаталдаги гьеб гьелъул рухIияб гIумруялъул центрлъунги ккола. ТIубан шагьарго хIатIракьалъул бараб буго. Гьенир гIумру гьабулез кIвар кьолеб буго тарихияб куц цIунизе шагьаралъул. 1990 соналде щвезегIан шагьаралъул гIадамаз ихтияр кьолеб букIинчIо мажгиталъе кинаб бугониги хисабаси гьабизе. Гьеб сабаблъун токцин бачинчIого букIана мажгит. Нигер гIорул лъим кIанцIиялдаса цIунизелъун, мажгит бан буго лъабго метралъул борхалъиялъул ункъбокIонаб гIуцIиялда тIад. ГIор щварабго, мажгит, лъеца сверун ккун, нартасул васас гьабураб салул сиялда релълъун лъугьуна.

ТIасан гьеб бихьула цIакъ цIвакараблъун, биун тIураблъун, гьанже заманалда абухъе, хасаб гIуцIи цIунараблъун. Мажгит берцинлъизабулеб алатлъун ккола жеги къадаздаса къватIире раккарал, зазазул асар гьабулел пальмаялъул хIубал. Мажгиталъул цоги гIажаибаб хаслъилъун ккола михIмаразул тIогьазда лъурал варанихIанчIазул ханал.

ХIинкъи бугеллъун ккола мажгиталъе гьури ва сали гуребги, цIадал ралел заманабиги, Нигер гIорул лъим кIанцIи, ракъдаллъи, яги гьелъул гIаксалда, гьаваялъул регьел цIикIкIин. Мажгиталъе ремонт гьабизе замана щведал, шагьаралда гIумру гьабулел ункъазаргоялдаса цIикIкIун чи вачIуна жидерго хирияб Аллагьасул рукъ къачIазе ва цIи гьабизе. Гьеб мехалда мажгиталъул къадал тIарадаса эхаде щвезегIан гьенир хIалтIулел гIадамаз рацун рукIуна.

Малиялъул гьеб чIухIи ва берцинлъи жанисан бихьизе бусурбабазе гурони ихтиярги гьечIо. Цо кидаялиго мажгитал разе гIадамаз хIатIракь тIаса бищун букIана, гьеб учузаб материал букIиналда бан. Амма материалалъул гIадатлъи ва учузлъи исламияб архитектураялъул гьадинал гIажаибал, гьайбатал ва къанагIатал бакIал разе квалкваллъун ккечIо.

ГIУРУСАЛДАСА БУССИНАБУНА БАРИЯТ МУХIАММАДОВАЛЪ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...