Аслияб гьумералде

Чи хведал гьарулел ишазул баян

Чи хведал гьарулел ишазул баян

Чи хведал гьарулел ишазул баян

Щивав бусурманчиясе суннатаб буго хвел гIемер ракIалдещвезабизе ва гьелде хIадурлъи гьабизе. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца гIемер ракIалде щвезабе нужер лазатал хвезарулеб жо, ай хвел», - ян. Суннатаб буго хвалде хIадурлъизе тавбуги гьабун, чияр хIакъ батани - нахъбуссинабун ва Аллагьасе ругел хIакъалги рецIун.

 

Гьеб хIадурлъи гьабизеги суннатаб буго гIолохъанасеги, херасеги, унтарасеги, сахасеги. Хвалица унтаравин сахавин цIехоларелъулха.  Амма унтарасегун херасе цIакъго суннатаб буго хвалде хIадурлъизе ва гьеб гIемер ракIалдещвезабизе. 

 

Холев чиясда аскIор гьаризе лъикIал жал

  1. Унтарав чи хвалил унтулъ вукIин бичIчIидал, аскIор ругез гьев кваранаб хьибилалде, къилбаялдехун вуссун вегизавила. Гьедин дандекколеб гьечIони, мугъалда вегизавила ва бетIералда гъоркь щиб бугониги жо лъун гьеб борхизабила, гьумерги гъоркьахIатIалги къилбаялдехун руссун рукIунеб хIалалда.
  2. АскIов вугесе суннатаб буго холесда ракIалдещвезабизе шагьадаталъул рагIаби. Гьебги малъила хIал гьабичIого, гурхIалидалъун.
  3. Холев чиясда аскIоб «Ясин» цIализеги суннатаб буго. ХIадисалда буго нужеца нужерго холел чагIазде тIаде «Ясин» цIалейин абун.
  4. Холев чиясе лъикIаб буго Аллагьасдехун лъикIаб занну гьабизеги, ай Аллагь гурхIулев ва мунагьал чурулев вугин абун.

 

Инсан хведал гьаризе суннатал жал

Чиясул рухI бахъи мухI-канлъарабго, тIоцебе хварасул берал къанщизарила. Цинги гIебаб чIортоялъ нилъазухIамаги бухьина, кIал рагьун хутIичIого букIине.

КIиабизе, хварасул черхалъул киналго рищалаби данде рачун, ритIизарун тамах гьарила, чурулеб мехалъ бигьалъи букIине.

Лъабабизе, чехь гьоройчIого букIине, гьелда тIад бакIлъи бугеб жо лъела ва кинабго къаркъалаги бахчизабила.

Ункъабизе, суннатаб буго тIад бугеб ретIел бахъизе ва чурулеб бакIалда гьевги лъезе. Къилбаялъул рахъалдеги вуссинавила.

Гьал рехсарал жал тIуран хадуб байбихьила гьев чуризе, къачIазе. Гьев чуриги ккола фарзул кифаят, ай шагьаралда яги росулъ цониги чияс гьабуни киназдасаго хIакъ тIаса кколеб жо. Чуриялъул бищун дагьаб хIакъ тIаса кколеб къадарги буго, черхалда бугеб чорокаб жо нахъе инаби ва тIубараб черхалдего цо нухалъ лъим щвезаби. Кинниги лъикIаб буго камилаб куцалда, махIалги гьарун, чуризе.

Бихьинчи чуризе ккола бихьинчияс, чIужугIадан - чIужугIаданалъ. Амма рос-лъади чуризе бегьула жидецаго. ЧIужугIадан хведал гьей чуризе махIрамияв чи яги рос ватичIони, гьелъул чури тIаса ккола ва чуриялъул бакIалда таяммумги гьабун юкъила. Ва гьединго рагъда хварав шагьидги чуричIого тIад бугеб ратIлилъго вукъила.

Чурун лъугIидал тIадаб буго гьесда тIад жо жемизе, ай мусру базе. Гьелъул бищун дагьабги ккола кинабго черх бахчулебгIанасеб къадар. Кинниги камилаб къадар бихьинчиясе буго лъабго ххамалдалъун  мусру бай. Гьебги букIине лъикIаб буго хъахIаб кьералъул. Цоги кьералъул мусру базе карагьатаб буго.

Руччабазе камилаб къадар буго щуго ххамалдалъун мусру бай. Руччабазе дараялъул ххамилги бегьула мусру базе, бихьиназе гьеб мусруялъе хIалтIизабизе хIарамаб буго.

 

Жаназадул как балеб къагIида

Хварав чи чурун, мусру бан тIубайдал тIадаб буго гьесдаса жаназадул как базе. Как байги букIине бегьуларо гьев чурун, къачIан хадуб гурони. Жаназалъул как рикIкIине ккани гьелъул руго цIунизе кколел рукнаби:

  1. Ният гьаби. Гьебги, цогидал каказулго гIадин, как бухьиналъул Аллагьу акбаралда хурхинабун букIине ккола.
  2. ТIоцебесеб Аллагьу акбаралдаса хадуб АлхIам цIалила.
  3. КIиабилеб Аллагьу акбаралдаса хадуб Аварагасде ﷺ салават битIила, бокьараб сигъаялда.
  4. Лъабабилеб Аллагьу акбаралдаса хадуб хварав чиясе дугIа гьабила. Гьениб гьабулеб дугIаги букIине лъикIаб буго Аварагасдаса ﷺ бачIараб.
  5. Ункъабилеб такбиралдаса хадуб къокъабго дугIаги цIалун, салам кьела. Ва гьелдалъун жаназадул какги тIубала.

Жаназадул как бан хадуб хехлъи гьабизе ккола хварав чи вукъизе. Вукъулеб хобги букIине лъикIаб буго гьоркьохъев чиясул  кверги эхеде борхун букIунеб борхалъиялъул манзилалда. Хабалъги гьев лъезе тIалъула кванараб хьибилалда, къилбаялъул рахъалдеги вуссинавун. КъвакIараб ракь батани гьев вукъулеб бакIалда, гьесие лахIду гьабизеги суннатаб буго. Ва гьединго суннатаб буго гьев хабалъе вегьизе бетIералъул рахъалдасан. Гьев лахIдуялъув лъезеги ва вукъизеги мустахIикъал гIадамал ккола гьесул бищун цересел гIагарал чагIи. Суннатаб буго хоб борхат гьабичIого тезе рокьобалъул къадаралдаса. Ва гьединго хIарамаб буго хабада тIад рукъ яги цоги жо базе, хасго гIаммал хабалазда. Амма  аварагзабазул, вализабазул ва гIалимзабазул хабада базе бегьула ва лъикIабги буго.

Жаназа нуха регIизе бихьинал ине хирияб буго. Хварай чIужугIадан ятаниги, руччабазе карагьатаб буго гьей юкъизе ине.

Бусурбаби рукъараб хабалазде зиярат гьабизеги лъикIаб буго. Жаниве лъугьараго суннатаб буго цин гьезие салам кьезе, хадуб Къуръаналдаса щиб бугониги сурат цIализе ва гьеб цIалун хадуб гьелъул кири хварал чагIазе кьезе. Хварал чагIи хIажаталлъун рукIуна чIагоязул кумекалде. Гьеб дугIаялъулги ва цIалараб жоялъулги хварал чагIазе кириги пайдаги букIуна. Щайгурелъул Къуръан цIалулеб бакIалде рахIматал рещтIунин абун бугелъул.

 

 

ГIабас МухIаммадов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...