ЖужахIалда цебе пардавлъун чIолеб

Къурбан хъвеялъул хиралъи
Аллагьасул ﷻ Расуласул ﷺ гIемерал хIадисал рачIана къурбан хъвеялъул хиралъиялъул бицарал. Гьаниб гъоркьехун цо-цо хIадисазул магIнаби хъвалел руго, гьел хIадисал рихьизе, лъазе бокьарав чи ваккизе бегьула хIадисазул машгьураб тIехь «Канзуль гIуммалалде».
«Къурбан къоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей буго). Гьеб (къурбаналъе хъураб жо) Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щинкIилалгун, хIакълъунго гьелъул би (къурбаналъул) ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб бакIалде бахуна, гьединлъидал нуж гьелдаса (къурбаналдаса) рохун рукIа», - ян. (Абудавуд, Тирмизи, ХIаким).
«Щив чи вугониги ракI разиго жинца къурбан хъурав, кири щвезе букIиналда ракIги чIун, Аллагь разилъиялъул мурадалда, гьеб къурбан гьесие жужахIалда цебе пардавлъун чIола». (ХIасан ибну ГIали).
«Къурбан къоялъ бищун Аллагьасе ﷻ гIарац хвезабизе бокьулеб бакI къурбаналъе хъвезе жо боси буго» (ТIабарани).
Хирияв Аварагас ﷻ жиндирго яс ФатIиматида абуна (магIна): «Я ФатIимат, дудаса къурбан хъолаго мун гьелда аскIой яхъун чIа, дуда лъаларищ, гьелъул тIоцебесеб бидул тIири ракьалде тIинкIараб сагIаталъ, дуца гьабурабщинаб мунагь чурулеблъи, дуда лъаларищ, гьеб къурбан Къиямасеб къоялъ жиндир гьангун, бигун цадахъ бачIунеблъи лъабкъоялда анцIго нухалъ цIикIкIинеги гьабун, ва гьеб дур гIамал цIалеб цIадироялда тIадги лъолеблъи», – абун. АбусагIидил Худрияс абуна: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ, гьаб жо МухIаммадил агьлуялъе хасаб жойищ, хасаб батани, нуж гьелъие мустахIикъалги руго, яги МухIаммадил ﷺ агьлуялъеги цогидазеги гIаммаб жойищ?» – ан. Гьес абуна: «Гьеб буго МухIаммадил ﷺ агьлуялъеги цогидазеги гIаммаб жо», – ян (Ибну Абуддуня).
Дайламияс бицараб хIадисалда абулеб буго: «Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абуна: «Нужеца къурбаналъе хъолеб хIайван кIудияб хъве, Къиямасеб къоялъ нужги тIад рекIун, гьеб алжаналде ине буго».
Къурбан хъвеялъул хIукму
Къурбан хъвей ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго («РахIматул уммат»). Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани, закат бахъизе гIураб бечелъи букIине ккола. ГьечIони, суннатлъула гьесул мазгьабалдаги. Гьединго гьесда аскIоб къурбан хъвей суннатлъула сапаралда вугев чиясеги.
ШафигIиясда аскIобги къурбан хъвей паризаяблъун лъугьуна кIиго жоялдалъун. ТIоцебесеб, цо чияс абуни «Дица къурбан хъвезе назру гьабуна», – абун яги «Дица Аллагьасе ﷻ гIоло къурбан хъвезе тIаде босана», – ян абун. КIиабилеб, къурбаналъе хъвезе бегьулеб жиндирго хIайваналде ишараги гьабун, яги гьебги бихьизабун, гьелъул бетIергьанас абуни «Гьаб дир къурбан буго» яги «Гьаб дица къурбаналъе хъвезе буго», – ян, гьеб хъвезе тIадаблъун лъугьуна.
Къурбаналъе хъолеб хIайваналъул гIумру
Къурбаналъе хъолеб варани щуго сон тIубараб букIине ккола, гьелдаса гъоркьехун гIумруялъул бегьуларо. ЧIегIерхIайван кIиго сон тIубараб букIине ккола, гьединго цIцIаназул кIиго сон тIубазе ккола, квасул жо абуни, цо лъагIел тIубараб букIине ккола. ГIиялъажоялъул анлъго моцI тIубан бугони ва гьелъул цабиги рортун ругони, гьебги къурбаналъе хъвезе бегьула. Къурбаналъе хъолеб хIайваналъул гIумруйин абуни гьеб бичулев чияс абиялдалъун лъала.
Къурбаналъе хъвезе хириял хIайванал
Къурбаналъе хъвезе бищун хирияб хIайван варани буго, цинги – чIегIерхIайван, цинги – гIиялъажо, цинги – цIелжо буго, цинги вараниялъул анкьил бутIаялда, цинги чIегIерхIайваналъул анкьил бутIаялда гIахьаллъи гьаби хирияб буго. Вараниялъул яги чIегIерхIайваналъул анкьил бутIаялда гIахьаллъиялдаса цо гIиялъажо хъвезе хирияб буго. Цо варани яги чIегIерхIайван хъвеялдаса анкьго гIиялъажо хъвезе хирияб буго. Анкьго квасул жо анкьго цIцIел жоялдаса хирияб буго. Кьералъул рахъалъ абуни, бищун хирияб хъахIаб кьералъул, цинги – тIогьилаб, цинги – хIурул кьералъул, цинги – багIараб, гIемер тIаде кIанцIараб хIайваналдаса, цIуяб, тIинчI гьабичIеб хирияб буго. Кьарияб хIалакъалдаса хирияб буго. Цо кьарияб куй чамалиго хIалакъаб куялдаса хирияб буго. Масала, гIиялъажоялъул бищун хирияб буго хъахIаб, кьарияб, берцинаб, лълъурдул чIахIияб куй.
Багьа хирияб хIайван гьебго тайпаялъул чамалиго багьа учузаб хIайваналдаса хирияб буго. Масала, азарго гъурщиде щвараб цо куй азарго гъурщиде щолеб лъабго куялдаса хирияб буго.
Къурбан хъолес цIализе суннатаб «такбир»
«Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар ва лиллагьиль хIамду. Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим. Инна салати ва нусуки ва махIяя ва мамати лиллагьи раббиль гIаламина, ла шарика лагьу ва бизалика умирту ва ана миналь муслимина». Цинги ссалат битIила: «Аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидина МухIаммадин ва саллим». (Гьаб ссалаталъул бакIалда «кама салайта» цIалани, дагьабги хирияб буго). Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар. Аллагьумма гьаза минка ва илайка фатакъаббаль минни». Гьаб буго цIализе хирияб ва суннатаб жо. Амма «Бисмиллагьи. Аллагьу Акбар» абун таниги гьелдалъунги суннат тIубала.
Къурбан хъвеялъе ният гьаби
Къурбан хъвеялъе ният гьабичIони, гьеб къурбанлъун рикIкIунаро. Щай абуни къурбан хъвей гIибадат кколелъул, гIибадаталъе ният хIажалъула. Нияталъ батIа бахъула къурбаналъе хъураб хIайван кваназе хъураб хIайваналдаса. Къурбан хъолеб мехалъ ниятги гьадин гьабизе ккола. Масала, «Дица ният гьабуна гьаб жо суннатаб къурбаналъе хъвезе Аллагьасе гIоло», - абун. Ният гьабиги хъвезе байбихьиги цадахъ ккезабила. «Бисмиллагь» бахъиги хадур цIалулел дугIабиги нияталдаса цере ккезарила. Къурбаналъе хъвезе жо рехъадаса батIа гьабулаго яги цоясдаса къурбаналъе хъвезе жо хас гьабулаго ният гьабуни, хъолеб мехалъ ният гьабизе кколаро. Масала, «Дица ният гьабуна гьаб хIайван суннатаб къурбаналъе хъвезе», – янги абун, гьеб хIайван батIа гьабуни, гьеб хъолаго кIиабизеги ният гьабизе кколаро. Амма гьабуни, лъикIаб буго.
Цогияв вакил гьавулев вугони, «Дица мун гьаб жо къурбаналъе хъвезе вакил гьавуна», – ян абуни гIола. Цебеккун ният гьабун гьечIони, вакил гьавулаго ният гьабила. Масала, гьес абила: «Дица ният гьабуна гьаб жо къурбаналъе хъвезе», – ян абун, цинги абила: «Дица мунги вакил гьавуна гьаб жо къурбаналъе хъвезе», – ян. Ният гьаби вакиласде тIамун тезеги бегьула. «Гьаб жо дидаса къурбаналъе хъвезе ниятги дуцаго гьабе», – ян абизеги бегьула. Цинги вакилас, хъвезе байбихьулаго, ният гьабила пуланасдаса гьаб жо къурбаналъе хъолеб бугилан. Къурбан хъолев чияс хас гьабун «Дица мун вакил гьавуна», – ян абиги шартI гьечIо, «Дуца гьаб къурбаналъе хъве яги дуе изну буго къурбан хъвезе», – ян абуни, гьебги гIола. Вакилас «Дица вакиллъи къабул гьабуна», – ян абизеги шартI гьечIо шафигIияб мазгьабалда.
(«Мугънил мухIтаж», «Аль-мангьажул къавим», «Мавгьибату зуль фазл»).