Аслияб гьумералде

КIалбиччаялъул сахI яги черхалъул закагIат

КIалбиччаялъул сахI яги черхалъул закагIат

КIалбиччаялъул сахI яги черхалъул закагIат

КIалбиччаялъул сахIалда абула черхалъул закагIатиланги – гьелъ черх мунагьаздаса бацIцIад гьабулеб букIиналъе гIоло.

 

ГIалимзабаз абулеб буго кIалбиччаялъул сахI тIадаблъун гьабун бугин гIидалъул къоялъгIаги мискинзаби гьардеялде кколареб хIал букIинелъун.

 

СахI бахъиялъул гIужал

  1. ТIалъулеб гIуж. Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьунеб гIужалда вугев чиясда. Гьеб къоялъ бакъ тIерхьинегIан хварав чиясдаса гьеб бахъизе кколаро, бакъ тIерхьиналде гьабураб лъимадаса ялъуни ячарай чIужуялдаса бахъизе ккола.
  2. Хирияб гIуж. ГIидалъул къоялъ рогьел баккун хадуб, гIидалъул как балалде.
  3. Бегьулеб гIуж. Рамазан моцI байбихьидал. Гьединлъидал, гIидалъул къо жакъа-метер абун щаклъиялда бугони, метералде тIамичIого, жакъаго бахъун тIубазабураб лъикIаб буго.
  4. Карагьатаб гIуж. ГIидалъул какдаса бакъ тIерхьинегIан гьеб нахъбахъи. Амма гьеб заманалда гьоркьоб маслихIаталъе гIоло нахъбахъун бугони, масала, жиндие сахI кколев гIагарав яги цогидав лъикIав чи щвезегIан, карагьатаб букIунаро.
  5. ХIарамаб гIуж. ХIарамаб буго гIидалъул къоялдаса хадуб бахъизе.

 

Сундаса бахъулеб?

ГIемерисеб бетIербахъи гьабулеб жоялдаса бахъизе ккола сахI. Масала, Дагъистаналда гIемерисеб бетIербахъи гьабиялъе хIажатаб жо ролъ бугелъул, гьелдаса бахъараб лъикIаб буго. Ролъги ицц бачIеб, туричIеб, ракьулъ хьани тIирщулеб букIине ккола. Ролъ щвечIони, АбухIанифа имамасда нахъвилълъун, гIарцудалъун бахъунги бахъизе ккола. Цо-цо камилал гIадамаз ролъулги гIарцулги бахъула, ресалда вугев чияс гьедин гьабуни цIакъго лъикIаб букIина. Амма гьедин гьабизе тIадаб гьечIо. СахIалъул роцен ккола гIaгa-шагарго лъабго литргIанасеб жо, сахI цIан бахъулеб бугони, гьеб ккола кIиго киллогун ункънусго грамм. Ролъ кидаго бацIцIадаб букIунарелъул, лъабго кило гIезабураб лъикIаб буго.

 

Цо-цо гIурхъичIваял

Туснахъалда ругез, боцIиги батани, жалго ругел бакIазда сахI кьезе мустахIикъал чагIиги ратани, санагIат-ресги рекъани, жалго ругел бакIазда бахъила. Туснахъалда ругез цоцазе кьезеги бегьула, кьезе мустахIикъал чагIи ругони. ЗакагIат кьолел чагIи мискинал, пакъирал рукIине ккола. Цо-цояз бесдалал ругин абун кьола, амма гьел бесдалал мискиналгун пакъирал ратичIони, гьезие кьеялдалъун сахI тIаса кколаро. Масала, бечедав эмен хун гьес лъималазе нахъе тараб гIемераб боцIи бугони, гьезие кьун сахI тIаса кколаро. Мискинчи пакъирав вугони, гьесие кьезе бегьула. Амма вацIцIадав, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулев динияв чи вугони, гьесие кьезе цIакъго-цIакъ беццараб буго. Нилъер хирияс ﷺ абун буго: «Дуца квен кванаге Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав чиясул гурони, дур квенги кванаге Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав чияс гурони», - абун. Щайин абуни, лъикIав чиясе кьураб садакъа гьес лъикIаб рахъалде буссинабула.

СахIги, боцIи бугеб росулъ ругел пакъирзабазе кьезе ккола, ай къватIибе босизе бегьуларо, къватIиса сахI гьарун вачIарав чиясеги кьезе бегьула. Живго цо бакIалда вугони, боцIи цогидаб росулъ батани, боцIи батараб росулъ ругезего кьезе ккела.

ЗакагIатги, бищун дагьаб, лъабго чиясе кьезе ккола. Цо сахI лъабгоясе бикьизе захIмалъулеб бугони, чамалиго сахIги данде гьабун, лъабиде бикьила. ЦIакъго лъикIаб букIина имамас мажгиталда закагIат бахъиялъул низам гIуцIун бугони, имамасухъе яги гьесул вакиласухъе кьуни.

Ниятги гьабун сахIал ратIа гьарун хадуб гьел мискинзабазухъе росун лъимал ритIизе бегьула.

КIал биччаялъул закагIаталде гуребги, гIи-боцIудаса, месед-гIарцудаса, цIолбодаса, хасго дармидаса закагIат бахъиялъул иш кIвар кьечIого тола. Миллионал суннатаб садакъаялдеги руссинарула гьез, закагIаталде кIварги кьоларо. Гьединал, ай закагIаталъе кIарчанлъи гьабулел чагIазул хIакъалъулъ Къуръаналда абун буго: «Жидеца жидерго боцIи, гIарац хазинадеги цIунулел, Аллагьасул ﷻ нухда гьебги хвезабуларел чагIазда дуца лъазабе, авараг ﷺ, гьезие кьогIаб, унтизабулеб гIазаб букIин. ЖужахIалъул цIадабеги рехун гьез нахъе цIунараб месед-гIарац цIадуца багIаризабизе буго, цинги гьеб цузабун, гьезул гьурмаздаги, надаздаги, хьалбаздаги, мугъаздаги бугеб гьан бухIизабизе буго, ва гьезда: «Гьаб буго нужеца нахъе цIунун букIараб жо. Нужеца нахъе цIунараб жоялъул гьанже гIазаб чIамулел рукIайин кIал гъикъизеги буго», - ян (сурату «Ат-Тавбат», 34-35 аятал).

 

ХIажи ГIалиев

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...