Аслияб гьумералде

КIалбиччаялъул сахI яги черхалъул закагIат

КIалбиччаялъул сахI яги черхалъул закагIат

КIалбиччаялъул сахI яги черхалъул закагIат

Закатул фитIри (кIалби-ччаялъул сахI) нилъер умматалъул хаслъабаздасан ккола. Гьеб тIадаблъун гьабуна гьижрияб тарихалъул кIиабилеб соналъ, ай рамазан моцIалъ кIалкквезе тIадаблъун гьабураб соналъ.

 

КIалбиччаялъул сахIалда абула черхалъул закагIатиланги – гьелъ черх мунагьаздаса бацIцIад гьабулеб букIиналъе гIоло.

 

СахI бахъиялъул гIужал

СахI бахъиялъе буго щуго гIуж:

  1. ТIалъулеб гIуж. Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьунеб гIужалда вугев чиясда. Гьеб къоялъ бакъ тIерхьинегIан хварав чиясдаса гьеб бахъизе кколаро, бакъ тIерхьиналде гьабураб лъимадаса ялъуни ячарай чIужуялдаса бахъизе ккола.
  2. Хирияб гIуж. ГIидалъул къоялъ рогьел баккун хадуб, гIидалъул как балалде.
  3. Бегьулеб гIуж. Рамазан моцI байбихьидал.
  4. Карагьатаб гIуж. ГIидалъул какдаса бакъ тIерхьинегIан гьеб нахъбахъи.
  5. ХIарамаб гIуж. ХIарамаб буго гIидалъул къоялдаса хадуб бахъизе.

 

Сундаса бахъулеб?

ГIемерисеб бетIербахъи гьабулеб жоялдаса бахъизе ккола сахI. Масала, Дагъистаналда гIемерисеб бетIербахъи гьабиялъе хIажатаб жо ролъ бугелъул, гьелдаса бахъараб лъикIаб буго. Ролъ щвечIони, АбухIанифа имамасда нахъвилълъун, гIарцудалъун бахъунги бахъизе ккола. Цо-цо камилал гIадамаз ролъулги гIарцулги бахъула, ресалда вугев чияс гьедин гьабуни цIакъго лъикIаб букIина. Амма гьедин гьабизе тIадаб гьечIо.

СахIалъул роцен ккола гIaгa-шагарго лъабго литргIанасеб жо, сахI цIан бахъулеб бугони, гьеб ккола кIиго килогун анкьнусиялда кIикъоялда анцIго грамм.

 

СахI бахъиялъе ният

Ният гьадин гьабула: «Дица ният гьабуна дирго черхалдаса паризаяб кIал биччаялъул сахI бахъизе, Аллагьасе гIоло», - абун. Паризаяб гIуж щвезегIанго бахъулеб бугони, ният гьабулелъул, цебеккуниланги абила.

Жиндирго хъизан-лъималаздаса сахI бахъулеб бугони, ният гьабила: «Дица ният гьабуна дир чIужу, дир вас, дир яс (пуланасдаса) кIал биччаялъул паризаяб сахI бахъизе», - абун. Ниятги, сахI батIа гьабулаго, яги мискинзабахъе кодобе кьолелъул гьабизе ккола.

 

Цо-цо гIурхъичIваял

Туснахъалда ругез, боцIиги батани, жалго ругел бакIазда сахI кьезе мустахIикъал чагIиги ратани, санагIат-ресги рекъани гьениб  бахъила. ЗакагIат кьолел чагIи мискинал, пакъирал рукIине ккола.

Цо-цояз бесдалал ругин абун гьезие кьола сахI, амма гьел мискиналгун пакъирал ратичIони, гьезие кьеялдалъун сахI тIаса кколаро. Мискинчи пакъирав вугони, гьесие кьезе бегьула. ВацIцIадав, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулев динияв чи вугони, гьесие кьезе цIакъго-цIакъ беццараб буго. Щайин абуни, лъикIав чиясе кьураб садакъа гьес лъикIаб рахъалде буссинабула.

СахIги, боцIи бугеб росулъ ругел пакъирзабазе кьезе ккола, къватIиса сахI гьарун вачIарав чиясеги кьезе бегьула. Живго цо бакIалда вугони, боцIи цогидаб росулъ батани, боцIи батараб росулъ ругезего кьезе ккела.

ЗакагIатги, бищун дагьаб, лъабго чиясе кьезе ккола. Цо сахI лъабгоясе бикьизе захIмалъулеб бугони, чамалиго сахIги данде гьабун, лъабиде бикьила. ЦIакъго лъикIаб букIина имамас мажгиталда закагIат бахъиялъул низам гIуцIун бугони, имамасухъе яги гьесул вакиласухъе кьуни.

КIал бичччаялъул закагIаталде гуребги, гIи-боцIудаса, месед-гIарцудаса, цIолбодаса, хасго дармидаса закагIат бахъиялъул иш кIвар кьечIого тола. ЗакагIат бахъуларезе Аллагьасул ﷻ тамихI кьварараб буго.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...