Какилъ гьаризе карагьатал
Какилъ гьаризе карагьатал
Карагьатаб жо ккола жиб гьабичIого теялдалъун ажру-кириги хъвалеб, гьабуни мунагьги хъвалареб жо. Как балев чиясеги карагьалъулел жал гIемерал руго. Какилъ ругел киналнги суннатазул цонигияб гьабичIого тейги карагьатаб буго.
Как балеб мехалъ гьаризе карагьатал жалаздасан ккола:
- Как балаго, хIажат гьечIого, гьумер добе-гьанибе буссинабизе карагьатаб буго. Гьедин дове-гьаниве вуссунев чиясул какилъ букIунеб хIузур-хушугI хвезабула.
- Как балелъул зодове валагьизеги карагьатаб буго.
- Карагьатаб буго как балеб мехалъ къвалал гури, нодоялде бачIараб рас нахъе гьаби ва гьединго тIажуялъул гIагал эхеде гури.
- Карагьатаб буго кваназе гъира бугеб тIагIамги аскIоб букIун, гьебги кваначIого как базеги. Щайгурелъул гьеб тIагIамалъ гьесул какил хIузур-хушугI хвезабизе рес букIуна.
- Чури биххизе хIажалъун, гьелъ рахIатхвезабулеб батани, гьеб мехалъги как базе карагьатаб буго.
- Как базе карагьатаб буго жинда макьица цIакъго хIал гьабураб заманалъги, гьеб заманалъ гIемерисеб рес букIунгутIиялъе гIоло сагьвиллъичIого яги гьоркьоб жо течIого как базе.
- БетIералда щиб бугониги жо лъечIого ва гьединго гъуждулги цере лъун как базеги карагьатаб буго. Гьединго как базе карагьатаб буго: хIамамалъуб, гIадамал хьвадулеб нухда, базаралда, хабалазда, килисаялъуб, варанаби ва цогидал хIайванал ракIарараб бакIалда, сундул букIаниги хъуй бугеб, ай жинца хIузур-хушугI хвезабулеб бакIалда, жиндир ракI машгъул гьабулеб сурат яги цоги жо бугеб бакIалда ва гьединго суратал тIад рахъараб ретIел ретIунги карагьатаб буго как базе.
- ХIажат гьечIого берал къанщизеги карагьатаб буго, беццав чи вугониги.
- ТIатун цIализе кколеб бакIалда балъго цIализе, балъго цIализе кколеб бакIалда тIатун цIализе карагьатаб буго.
ЧIужугIаданалъ бихьинчиясдехун какилъ хилиплъи гьабизе кколеб бакI
ЧIужугIаданалъе суннатаб буго как балеб мехалда бихьинчиясдехун щуго бакIалда хилиплъи гьабизе. Гьеб гьабичIого тезе карагьатабги буго.
- Сужда гьабулеб мехалъ чIужугIаданалъ кинабниги къаркъала дандекъала, ай гъуждул, чехь ва хIатIал.
- ЧIужугIаданалъ жиндирго гьаракь балъго гьабила чияр бихьинал ругеб бакIалда ва гьединго рагIун цIалулеб бакIалда какги рагIун цIалиларо, гьелдалъун питнаялде ккечIого рукIине. Гьаб хIукмуялъ нилъеда бицунеб буго чIужугIаданалъул гьаракь питнаялде ккеялъе сабаблъун букIине рес бугеблъиялъул.
- Какилъ тIаде бачIани цониги жо ва гьелъие бокьани аскIор ругел гьелде кантIизаризе, гьелъ кваранаб квер кьабила квегIаб квералъул тIасияб рахъалда.
- Как балеб мехалда чIужугIаданалъ бахчизе ккола кинабниги черх, ай гьумерги квералги хутIун.
- Как балеб мехалъ суннатаб гьечIо как ахIизе, суннатаб буго къамат гьабизе. Кинниги как ахIизе бегьула гьаракь борхизабичIого.
Как хвезабулел жал
Как балев чиясухъа гьал хадур рехсарал жал лъугьани как бан лъугIилалде, гьев чиясул как батIулаблъун букIуна.
ТIоцебесеб, как балеб мехалда кIалъай. Гьеб кIалъайги букIине ккола как хвезе ккани Къуръаналдасаги зикру-дугIаялдасаги гуреб кIалъай.
КIиабилеб, какил гуреб гIамалалдалъун лъабго яги цIикIкIун нухалъ лага багъаризаби ва гьединго гьеб багъариги букIине ккола тIатIалаго. Багъариялда гьоркьоб заман ани, гьеб тIатIала багъарараблъун букIунаро. Гьебги какилъ гьабулеб гIамалалдаса букIунгутIиги буго.
Лъабабилеб, какилъ хъубаблъун рикIкIунеб ва жиндаса гIафвуги гьабулареб жо тIаде бачIин. Цояс рехун яги гьуриялъ бачун как балев чиясде тIаде бакъвараб хъублъи бачIани ва гьес хехгьабун нахъе рехани яги хъублъи бахараб ретIел бахъун гIодобе рехани, гьесул как батIуллъуларо. Как бан лъугIидал, ратIлида хъублъи батани, гьеб какги цIигьабун базе тIалъула.
Ункъабилеб, как балев чиясул гIаврат загьирлъи. ГIаврат загьирлъиги бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги хасаб букIуна. Как хвезе кканиги букIине ккола бокьун яги загьирлъун букIинги лъалаго бахчичIого тей. Амма гьесул пишаялдалъун гуреб куцалда гIаврат загьирлъани ва хехго бахчани, как батIуллъуларо.
Щуабилеб, как балаго квана-гьекъей. Как балев чияс кигIан гьитIинаб бугониги жо кванаялдалъун как хола. Гьединго кIалдиб чакаралъул кесек бугони ва гьелдаса биараб жо хIацIугун цадахъ къулчIани, гьелъги как хвезабула.
Анлъабилеб, какие чури биххи, ай салам кьелалде цебе. Как балаго кIудияб букIа, гьитIинаб букIа хIадас ккеялдалъун, ай чури биххиялдалъун ва гьединго гьури бачIиналдалъун хола как.
Анкьабилеб, ухIуди, велъанхъи, гIоди ва зигарди. Гьал жалаздалъун кIиго хIарп загьирлъулеб батани ва гьединго жиндиего бокьун гьабулебги батани, гьев чиясул как хола. Амма гьесул ихтяр гьечIого бачIани, как холаро. Ва гьединго как хола зикру-дугIа цIалани, цониги чиясде хитIаб гьабиялъул нияталда.
Микьабилеб, как балев чиясул ният хиси. Чияс къасд гьабуни какидаса къватIиве вахъине яги жиндирго къватIиве вахъин хурхинабуни цониги жоялда, масала, цо чи жаниве вачIани дун какдаса къватIиве вахъине вугин абун. Гьев чиясул как хола гIицIаб гьесул нияталдалъун. Гьеб биххиялъе гIиллаги буго гьесул чIванкъотIараб ният букIунгутIи как базе.
ИчIабилеб, кереналдалъун къилбаялдаса вуссин. Щайгурелъул, къилбаялде вуссин шартI букIиналъе гIоло, как бегьизе ккани. Какилъ вукIин ракIалдещвечIого вуссун ватани ва хехго къилбаялдеги вуссани, как холаро.
АнцIабилеб, исламалдаса ватIалъи (Аллагьас цIунаги), ай как балев чияс щиб бугониги жив капурлъулеб жо гьабуни ва абуни, гьелъги как хвезабула.
ХIабиб МухIаммадов