Аслияб гьумералде

Диналъул аслу

Диналъул аслу

Диналъул аслу

Как толев чи

Как тей ккола бищун чIахIиял мунагьазул цояб. Как толев чиясда как баян амру гьабизе ккола. Гьеб мехалъги гьес как базе инкар гьабуни, шаргIалъ чIвазе хIукму къотIула. Как баларел гIадамазе жужахIалда хасаб кIкIал буго гьел рехизе, жибго жужахIалъцин Аллагьасда гьарула гьелдаса цIунеян. Как толев чиясул иман ччукIун иналдаги рухI бахъи мекъса ккеялдаги хIинкъи буго. Как толев чиясда къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ццим бахъиялдалъун дандчIвай гьабула, гьев Аллагьасул цIуниялдаса ватIалъула, как баларев чиясул цогидаб лъикIаб гIамалги гIадада уна. Как баларев чи къиямасеб къоялъ пиргIавнигун, Къарун, Гьаман, Убаюнгун цадахъ вахъинавула. Цо как ками цо чиясе кинабго жиндир боцIи, агьлу-рукъ камиялда релълъараб буго. Как толев чиясул бетIер чIахIиял гамчIаз гъурун цIидасан сах гьабун, нахъеги гамчIаца гъурун гIазаб-гIакъубаялда хутIула. Как тарав чи капурлъулилан абулел цо-цо гIалимзабиги руго.

Как тезе бегьулеб заман

Как тезе тIадаб буго хIайиз-нифасалда йигей гIаданалда. Как тIалъуларо гIантав чиясда ва капурчиясда.

Унтун гIажизлъунилан как тезе бегьулищ?

Инсанасул гIакълуги рухIги бугелдаса хадуб кигIан унтун ватаниги, реанимациялда вугониги, гIасияб авариялде кканиги, иххалъ восун унев вугониги, тIаде рукъ биххун бачIунеб бугониги, кор боркьараб рагъулъ ватаниги как тезе ихтияр гьечIо. СанагIат кковухъе, вахъун чIун, гьедин рес ккечIони къулун, гьединги бажаричIони - гIодов чIун, гьединги бажаричIони - вегун, бетIералъ ишара гьабун, гьединги бажаричIони, ракIалъ хивал гьабун, санагIат кковухъе как базе ккола, тезе бегьуларо.

Какил хиралъи

Как ккола исламалъул аслабазул цояб. Гьеб ккола инсанасул черхалъ гьарулел гIамалазул бищунго хирияб гIамал. Каказ инсанасул мунагьал чурула, хатIалъаби рацIцIуна, квешлъиялдаса цIунула, алжан хIакъ гьабула. Как балев чи сидикъуназдаса, шугьадааздаса ккола, гьесие алжаналъул рагьаби рагьула. Как къабуллъани, къиямасеб къоялъ цогидаб лъикIаб гIамалги къабуллъула. Как ахираталдаги нурлъун батула, какил щибаб сужда рикIкIун Аллагьас даражаги борхула, хатIалъабиги тIаса чурула. Какилъ суждаялда вугеб гIуж бищун Аллагьасде гIагарлъараб, Аллагьас дугIа къабул гьабулеб гIуж ккола. Сужда гIемер гьабулев чи алжаналда Аварагасул гьалмагълъун вукIуна. Сужда гьабулаго лагъас ракьалда гьумер лъулъалеб заман бищун Аллагьасе бокьулеб ккола. Какил кIиго ракагIат дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб буго. Камилго какиеги чурун, рукугI-сужда, хушугIги камил гьабун как барав чи, эбелалъ гьавураб къоялъ гIадин, церехун гьарурал мунагьаздаса вацIцIалъула.

ХIасанбали МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...