Аслияб гьумералде

Диналъул хIуби

Диналъул хIуби

Диналъул хIуби

Как - диналъул хIуби бугин абиялъе цо хасаб гIилла буго. Гьедин абиялъе гIиллаги ккола тIоцебе хабалъ гьелъул рахъалъ кIалгьикъи гьабизе букIиналъ. ГьедигIан кIвар бугеб парз тIаса-масаго тезе рекъарабги гьечIого.

 

КIудияв гIалимас абун буго как бугин гIумруялъго балебги букIунеб ва камилго базеги лъалареб Аллагьасул тIадкъайин абун.

Нилъер заманалъул Навави абун жиндие СагIид-афандияс сипат гьабурав КъурамухIаммад-хIажияс хасаб кIвар кьун хIалтIи гьабулеб букIана аскIове кканщинасда какил кIвар бичIчIизабизе ва кантIизарулел рукIана гьелъулъ тIасамахIлъи гьабизе бегьулареблъиялде.

Динги цебетIураб щиб бокьаниги бокьараб рахъалдаса диналъул иш мухIкан гьабизеги рес бугеб гьаб заман бугониги, жакъаги камулел гьечIо какилъ мугьмаллъи гьабулел чагIи. Гьединаллъун рукIине бегьиларо.

Цо нухалъ Аварагги ﷺ Абубакар-асхIабги, как ахIун хадуб заманалда, мажгиталъул кIалтIа дагьалъго лъалхъун хутIана. Гьедин ругеб мехалда гьезда аскIове векерун вачIана гIолохъанчи ва изнуги босун, абуна: «Я Бичасул Авараг ﷺ, дагьалъ цеве хвана дир эмен, дир гьесда базе мусруги гьечIо, чуризе чиги гьечIо ва хабалъ вукъизе кумекги хIажат буго», - ян. Аварагас ﷺ Абубакарида абуна гьевгун цадахъ айин ва гьев васасул инсул ахирисеб сапарги берцинго тIобитIейин абун. Абубакар ва асхIабзаби гьесда цадахъ ана ва гьоркьоб гIемер заман иналде хехаб куцалда тIадруссунги рачIана. Щиб ккарабин гьикъидал, гьез абула жидеда доба цо батIияб гIаламат бихьанин, ай хварасул жаназаялде аскIоре щведал, жидеда гьеб чIегIераб болъонил сипаталде сверун батанин. Гьеб бихьидал, гьабизе жо лъачIого, тIадги руссанин.

Хадур гьел, Авараггун ﷺ цадахъ уна гьенире. Гьеб нухалдаги жаназа рехсараб сипаталда батула. Цинги Аварагас ﷺ кIиго ракагIаталъул какги бан дугIа гьабула. Хадуб жаназадул сипат инсанасул сураталде сверула. Гьез хварав чурула, мусруги бан букъизелъун хабада аскIобе босула. Гьенире щведалги жаназаялъул цебего гIадин болъонил сипат лъугьуна. Гьеб мехалъ Бичасул Аварагас ﷺ хварасул вас аскIове ахIула ва цIехола васасда гьав дур эмен щиб гIамалалъул чи вукIаравин абун. Васас жаваб гьабула какал толаанин гьесилан абун.

 ХIисаб гьабеха, диналъул агьлу, какил кIвар гьабуларесул щиб хIал лъугьунеб бугебали. Хварасдаса гьединал сипатал нилъее загьирлъун рихьичIониги, хIакъикъаталдаги гьел лъугьунел жал ратила. Аллагьас киназего тавпикъ кьеги какил кIварги магIнаги бичIчIун гьеб ишалде ва гьеб мухIканго лъазабиялде руссине! Амин!

 

МухIаммадхIажи АхIмадов, Унсоколо росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...