Аслияб гьумералде

Сахлъи щула гьабулеб

Сахлъи щула гьабулеб

Сахлъи щула гьабулеб

Какие чурулев чиясда лъазе ккола паризаябги суннатабги жо батIа бахъизе. Суннатаб жо тIубалев чиясе кириги цIикIкIун щола.

Какичуриялъул паризаял жал анлъго руго: ТIоцебесеб - ният гьаби. Ният ракIалъ гьабула: «Дица ният гьабуна какичуриялъул паризаял жал тIоритIизе», - абун. Ният гьабиги гьумер чуризе байбихьиги цадахъ ккезабила.

КIиабилеб - гьумер чури. Нодоялъул тIасияб рахъалъул рас баккулеб бакIалдаса нилъалзул гъоркьияб рахъалде щвезегIан халалъухъе, гIиналдаса гIиналде щвезегIан гIеблъухъе гьумер ккола. Гьеб гьумералъул кинабго бакIалде лъим щвезабизеги тIадаб буго. Берзул рагIаллъабаздеги, тIелхазул, кьунсрузул, михъазул, гъоркьияб кIветIалъул расал рижулеб бакIаздеги лъим щвезабизе тIадаб буго.

Лъабабилеб - гIункIрукьалгун цадахъ кIиялго кверал чури.

Ункъабилеб - бетIералъул цо дагьаб бакIалданиги масхIу гьаби. МасхIу абула биччизабун квер бахъиялда. БетIералъул гIорхъода жаниб гуреб масхIу гьабуни, рикIкIунаро. Масала, надалда лъим речIчIизабуни яги бетIералдаса гIодобе далараб расуда масхIу гьабуни, гьеб рикIкIунаро.

Щуабилеб - хIатIихинкIалгун цадахъ кIиябго хIетIе чури. ХIатIикилщазда гьоркьобе, эгъеялде ва киса-кибего хIатIазде лъим щвечIеб бакI хутIизе бегьуларо.

Анлъабилеб - тартиб цIуни. Гьумер чуризе байбихьиялда цадахъ ният гьаби, цинги гьумер чури, кверал чури, бетIералда масхIу гьаби, хIатIал чури. Гьеб тартиб хисани, какичури малъуларо.

Какичуриялъул суннатал жал: сивак бахъи; кверал чуризе байбихьулаго «агIузуги, бисмиллаги» бахъи, гьеб кIиябго бахъиялда цадахъ какичуриялъул суннатал жал тIоритIизеян абун ракIалъ ният гьаби. Гьедин ният гьабичIони, какичуриялъул цересел суннатазул кири щоларо. Къилбаялдехун вуссун, тIираби щолареб бакIалда гIодов чIей. КвегIаб квералъ лъим тIей; кранталдасан чваххулеб лъеца чурулеб бугони, квараналъ лъим боси, лъабцIул кверал чури, кверал чурулаго дугIа цIали, мегIер-кIал ххули, лъел цо дангъураги цIун, гьелдаса кIалдибе босила, магIарзухъеги цIала лъим ва кIалги ххулила, мегIерги бацIцIина. КIал ккун ратичIони, кIал ххули, мегIер бацIцIин рагIа-ракьанде щун гьаби.

Гьумер чурулаго габур, гIундул лъабцIул чури. Цин кваранаб, хадуб квегIаб квер чури. Кверал чурулаго гъуждузул тIасияб рахъалде щвезегIан лъим щвезаби, лъабцIул кинабго бетIералда масхIу гьаби (кIиябго кIудияб килищ къунщбузда тункизабила, кIиябго кверзул килщал нодоялда тIад лъела, килщазул бутIрулги цоцазда цвизарун, нодоялдаса гъванщаялде щвезегIан ва гъванщаялдаса нодоялде щвезегIанги бетIералда масхIу гьабила ва гьедин лъабцIул такрар гьабила).

ЦIияб лъеца жанисаги тIасаги лъабцIул гIундузда масхIу гьабила. Цин кваранаб, хадуб квегIаб хIетIе лъаб-лъаб нухалъ чури. ХIатIал чурулаго, кIванагIан эхеде лъим щвезаби (накабазде гIунтIун). Кверазулги хIатIазулги килщал рикь-рикьизари (кIиябго квер чурулаго, кIиябго кверзул килщал цоцазда жанире регьула).

ХIатIал чурулаго, квегIаб квералъул гьитIинаб килищ гъоркьияб рахъалдаса хIатIил килщазде жанибе бегьула ва кваранаб хIатIил гьитIинаб килищалдаса байбихьила, квегIаб хIатIил гьитIинаб килищалда лъугIизабила. Щибаб лага рагIа-ракьанде щун лъулъай, щибаб цIалулеб жоги, чурулеб жого гIадин, лъаб-лъаб нухалъ такрар гьаби. Гьумер чурулаго, тIасияб рахъалдасан байбихьи гьаби; квералги хIатIалги чурулаго, килщаздаса чуризе байбихьи, тIатIалаго чури. Какичурун хадуб дугIа цIали.

Какичуриялъул парзалдаги суннаталдаги гьоркьоб бугеб батIалъи

Паризаяб жо камуни, какичури рикIкIунаро, гьединаб какичуриялдалъун бараб какги малъуларо. Гьеб тани, мунагьги букIуна. Суннатаб цониги жо тани, какичуриги малъула, какги бегьула, амма ахираталда щолеб кIудияб кири-даражаялдаса гьев махIрумлъула ва ахираталдаги пашманлъула, щайдай дица суннатал жал таралилан ракIалде ккола.

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...