Аслияб гьумералде

Адвокатищ, къазийищ?

Адвокатищ, къазийищ?

Адвокатищ, къазийищ?

Нилъер жакъасеб ахIвал-хIал цере рукIарал салафу-салихIуназда бихьун букIарабани, гьез абилаан гьал чагIи бусурбабиго ругищилан.

Аварагас ﷺ хIадисалда буго, 70 гIузру бачейин гIайибал ралагьизегIан. Нилъеца гIузру киб балагьулеб, нусго гIайиб балагьула ва тIадежоялъе, тIибитIизеги гьабула.

Балагьараб мехалда нилъеца адвокатлъиго гьабулеб гьечIо, къазизабилъун рукIине бокьун буго.

Жиндирго гIайиб балагьизе бокьулеб гьечIо, цогидазул гIайибал рищизе гIедегIула. Гьеб мунагьалда жаниб нилъ рессун рукIиналъ, гьелъул къогIлъиги лъалеб гьечIо.

ГIиса аварагас абуна, нужеца зикру гуреб, калам гIемер гьабугеян, гурони нужер ракIал беццлъулин. Беццлъараб ракI ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ рикIкIад букIунин, амма нужеда гьеб лъалеб гьечIин. Бокьаниги-бокьичIониги гIемераб хабар бицунеб мехалда, хIалалаб калам гьеб батаниги, рекIее асар кьола. Нилъер ракI хIажат буго зикруялдеги тавбуялдеги, нилъ мекъи ва мунагь-хатIаъ кколеллъун рижун ругелъул. Салафу-салихIуназ цIакъ кIвар кьолаан мацI цIуниялде, руцIцIун чIей гьезул кIал кквей гIадинаб жо букIана.

Гьанже гъибат, мацI гьабун хьвадулел гIадамазе бугеб гIазабалъул бицун пайдаго гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезие цIакъ кутакаб гIазаб хIадурунги буго. ГIакъил ккола гьебги бичIчIун, тавбу гьабун, гIадамал тIаса лъугьине гьарурав чи.

МацIалъул хIакъалъулъ бугеб жавабчилъиги бичIчIун, Абубакар-асхIабас абулаанила, жив цохIо зикруялъулъ хутIизегIан, мацI лъаларевлъунго вижун вукIараванищан.

ГIумар бин ХатIабица абуна, инсан кколила аманатги ва гIадамазул къадру-къиматги цIунарав чи.

Цебе заманалда гъибат гьабулездаса махI букIанила. Хадуб, гIадамаз гIемер гъибат гьабизе байбихьидал, гьелъул махI чIвалеб букIинчIила. Щайин абуни, гьелде ругьунлъун. Бокьараб квешаб махI бугеб бакIалде нилъ ани, гьениб гIемераб заман бахъун хадуб гьеб махI чIваларо, ай ругьунлъун ккеялъ.

Нилъее къваригIун буго мацIалъул адаб лъазабизе, гьелде кIвар кьезе. ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъулеб жоялдалъун гурони каламги гьабичIого тезе.

Бусурбанав чиясдасан гъибат гьабулелъул, дун витIарав вугин абуни, куфруялде ккезе рес буго. Щайин абуни, Аллагьас ﷻ хIарам гьабураб жо хIалал гьабулеб букIиналъ.

Анас бин Маликица абулаан руччабиги загIипал гIадамалги гурони гIемер кIалъаларин. Къуватал бихьинал кIалъалин Аллагь ﷻ разилъулеб жоялдалъун.

Цо нухалъ ГIамр бин ГIас хвараб балканалда аскIосан уна. АскIор рукIаразда ГIасица абула гьаб балкан чехь цIезегIан кваназе лъикIаб бугин бусурбанчиясул гьан кваназегIанилан, ай гъибат гьабун.

Имам ШафигIиясе суал кьедал, гьев жаваб кьечIого чIола. Гьесда гьикъула щай жаваб кьоларебилан абун. Гьес абула: «Ургъулев вукIана вуцIцIун чIеялъулъищ яги жаваб кьеялъулъищ пайда цIикIкIараб бугебин абураб масъалаялда тIад», - ян.

Нилъги адвокаталлъун рукIине ккола цоцазе. Гъибат, бугьтан гьабулеб рагIидал, руцIцIун чIечIого, абизе ккола берцинго, ай гьеб лъикIаб иш гурин.

Фузайлица абуна, цо чияс абулила «Лаилагьа илла ллагь ва субхIанаЛлагь» абун. Кинниги жив хIинкъулила гьев жужахIалде ккелин абун. Гьеб кин букIунебин гьикъидал, гьес жаваб кьола: «Гьесда цебе гъибат гьабидал, гьелда разилъун чIола, гьеб гьоркьоб къотIизабизе щибго гьабуларо ва «Лаилагьа илла ллагьиланги» абула. Гъибат гьабулеб мехалъ насихIат гьабизе ккола гьабулезе, ай Аллагьасдаса ﷻ хIинкъайин абун.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...