Аслияб гьумералде

Какичуриялъулъ питна гьабуге

Какичуриялъулъ питна гьабуге

Какичуриялъул хиралъиги, кидаго какичуриялда рукIине лъикIаб букIиналъулги нилъеда лъала. Амма жакъа гIемер рагIулеб буго какичури биххиялда бан рос-лъадуда гьоркьоб дагIба-рагIи кколеб бугин абун. Масала, чIужуялъ лъачIого росасда квер хъвана, гьеб параялъ росасул ццим бахъана ва чIужуялде вагъана. Гьединал хIужаби гIемер ккола.

Руччабазулги гIарзал рукIуна кидаго какичуриялда вугев рос аскIовецин къаларин абун. Гьединалго гIарзал рукIуна бихьиназул рахъалдасанги. Исламалда кинабго жо буго лъикIлъиялъе бихьизабун. Гьединлъидал диналъул хIукъукъалги, хирияб суннат цIуниги бегьуларо рос-лъадуда гьоркьоб кIалъай ккеялъе гIиллалъун гьабизе. ЛъикIлъи гьабулебинги абун, гIадамазул ракI бакъвазабизе бегьуларо. Какичури цIигьабизеги кIвахIаллъун, бищун цоцазе хириял чагIазул ракI бакъвазабизе бегьилищ?

ЧIужу къварид гьайизегIан нусго нухалда биххун лъикI гурищ какичури. Гьеб цIигьабизе захIматаб жоги гурелъул. ЦIакъго хириябги бугелъул какичури бугониги тIадеги какичуризе. Гьелда абула нуралда тIад бугеб нурилан. Жакъа какичури цIигьабиялъе щибго къварилъи гьечIо. Бокьараб бакIалда буго лъимги мажгиталги.

Нилъер умумуз гIадин цIорораб лъеца чуризеги кколеб гьечIо. ХIатта, квачалъухъ балагьичIого, мухIканго гьабураб какичуриялъ мунагьал чурулеблъиялъул хIакъалъулъ хIадисалдаги бицун буго. Нилъее изну буго махIсу-мачуял хIалтIизаризеги. Щибаб нухалда хIатIал чуризе кколаро, биччун квер бахъула мачуязда.

ХIанафияб мазгьабалда пардав гьечIого бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги цоцада хъваялъ какичури биххуларо.

Гьеб хIукмуялда нахърилълъуна шафигIиялги хIежалда ругеб мехалъ, гIалам цоцалъ жубан букIиналъ, лъачIого цоцада квер, хIетIе хъвачIого хутIизе захIмалъулелъул.

МУХIАММАД ГIАЛИМЧУЛОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...