Аслияб гьумералде

Какил гIужазул баян

Какил гIужазул баян

Рогьалил какил гIуж байбихьула рогьалил битIараб хъахIлъи баккарабго. Гьелъул гIуж лъугIула бакъул гор баккизе байбихьарабго.

 

Къалъул какил гIуж байбихьула: бакъ битIун зоб бакьулъеги щун бакъ тIерхьудехун гьелъ гьетIизе байбихьараб мехалъ. Гьелъул гIуж лъугIула бахъун чIараб жоялъул къалъуда бакъ бащалъидал букIараб бищун къокъаб рагIад малъичIого, гьелда тIадеги гьеб бахъун чIараб жоялда бащадаб къадаралъ рагIад халалъараб мехалъ.

Бакъанил какил гIуж байбихьула къалъул гIуж лъугIарабго. Гьелъул гIуж лъугIула бакъул гор тIубанго тIерхьараб мехалъ.

МаркIачIул какил гIуж байбихьула кинабго бакъул гор тIерхьарабго. Гьелъул гIуж лъугIула бакъ тIерхьун хадуса бакъ тIерхьулеб рахъалдаса бакъул багIараб кунчIи тIерхьарабго.

Боголил гIуж байбихьула бакъ тIерхьул рахъалда букIунеб бакъул багIараб кунчIи тIерхьарабго. Гьелъул гIуж лъугIула рогьалида, битIараб хъахIлъи баккун хадуса.

Какил гIужазул авалал лъазе рузнамабаздаса пайда босизеги бегьула.

Как базе карагьалъулел гIужал ккола рогьалил как баралдаса бакъги баккун анкьго натIалъул къадаралъ бакъ борхизегIанги, бакъанил как бан хадуса бакъ тIерхьинегIанги. БитIун зоб бакьулъе бакъ бахун хадуса бакъ тIерхьудехун цодагьаб бакъ гьетIизегIанги. Гьал лъабалго гIужазулъ какал разе карагьатаб буго хIарамаб карагьалъиялъ.

Гьел гIужазулъ разе бегьуларо заманалда, сабабалда хурхинаричIел мутIлакъал суннаталги, сабабал хадур ккарал какалги, масала, сафар бухьиялъул, истихараталъул, хIеж бухьиналъул какал.

Гьел гIужаз разе карагьалъуларо рецIулел какал, паризаял рукIа яги суннатал рукIа. Гьединго карагьалъуларо (разе бегьула) паризаял каказул суннатал ратибатал, гьединго разе бегьула сабабал цере ккарал суннатал какалги. Масала, какичуриялъул, мажгиталъул тахIияталъул, бакъ-моцI кквеялъул, цIад гьариялъул какал.

ГIужда бараб какил цониги рукну яги шартI камураблъи нужеда лъани, гьеб какил гIужги борчIун батичIони, гьебго как цIидасан базе тIадаб буго. Гьединго цо чияс жиндиего фаризаяб как бани, цинги гьесда жамагIатгун гьеб как балеб бихьани, гьесиеги гьеб как цIидасан базе суннатаб буго, жамагIат щвезе гIоло.

КинабгIаги базеги тIалъун бачIого хутIараб фаризаяб как бецIизе тIадаб буго, гьеб как бокьун тараб батаниги, гIузруялдалъун тараб батаниги. Масала, кIочон тун, кьижун, макьидаса гIуж инегIан ворчIичIого хутIун батаниги. Амма бокьун таралдаги гIузруялдалъун хутIаралдаги гьоркьоб батIалъи буго. Бокьун тараб как бецIизеги ккола, гьеб теялъул гьесие мунагьги букIуна. ГIузруялдалъун хутIараб как бецIизе тIалъула, амма гьелъул мунагь батуларо. Амма телевизоралъухъ балагьун, къваригIел гьечIеб ишалде руссун как кIочон тани яги гьединаб жоялдеги руссун, кватIараб гIужалъ гурого кьижичIого рогьалил как бакъ баккизегIан хутIулеб бугони, гьеб как гIузруялдалъун хутIараб кколаро, бокьун тараб ккола. Как тарав чиясе букIунеб мунагь гьесиеги букIуна.

 

АрслангIали гIумаров

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...