Аслияб гьумералде

ХIатIал кин лъелел?

ХIатIал кин лъелел?

ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим ибну ХIажарияс «ТухIфаталда» хъван буго: «ЖамагIат гьабун как балел чагIазе суннатаб буго кьерал хурхинарун, цоцада гьоркьоб бакI течIого чIезе. Гьеб суннатги хIасуллъула, тIаде вачIарав чи, аскIор ругезе щибго захIмалъи гьабичIого гьоркьове лъугьине гIураб манзил гьезда гьоркьоб батичIони», - ян.

 

Гьединго имам Гъазалияс «ИхIяалда» хъван буго: «ЖамагIат гьабун как балелъул как бухьиналде цебе имамас кваранабгун квегIаб рахъазде вуссун, кьерал ритIун ругищали балагьила, гьоркьоб бакI тун батани, тогейин, гъункун чIайин амру гьабила. Цере рукIарал гъуждулги хIатIихинкIалги цоцазда цвизарун чIолел рукIана», - ян.

Имам Муртаза Забидияс «ИтхIафалда» ва «ИхIяалда» тIад гьабураб хъвай-хъвагIаялда рехсон буго: «Гьедин цун чIезе суннатаб буго, аскIов вугесе кинаб бугониги зарал гьабулеб батичIони, батани - суннатаб гьечIо», - ян.

Ибну ХIажарияс хъван буго: «Какилъ вахъун чIарав чиясе суннатаб буго хIатIазда гьоркьоб рокьобалъул манзил (20-25 см.) тезе, Ардабилияс «Анвар» абураб жиндирго тIехьалда хъваралъул хилафалда. Гьес абуна ункъо килщил манзил телин».

Рамазан БутIияс абуна: «Дун валагьана ункъабго мазгьабалъул гIалимзабазул ва хIадисалъул тIахьазде, дида гьениб батичIо натIалдаса цIикIкIун бакI гьоркьоб тезе бегьулин абураб цониги гIалимасул рагIи яги хIадис», - ян.

ХIадис-гIелмуялъул гIалим Нурудин ГIитрица «ИгIламул Анам» абун, ибну ХIажар ГIаскъаланиясул «Булугъул Марам» тIехьалда тIад гьабураб шархIалда хъван буго: «Аварагасдасан ﷺ хIатIал дандцвизариялъул хIакъалъулъ щибго жо бачIинчIо. Гьеб бачIана асхIабзабаздасан, Аварагас ﷺ кьеразулъ, цоцазда гьоркьоб бакI течIого, гъуждулги дандритIизарун, гъункун чIаян абидал, гьез хIатта гъуждулги, накабиги, хIатIихинкIалги дандцвизарулел рукIана. Гьелдаса босун, жакъа цо-цо диналъул вацаз аслияб кIвар хIатIихинкIал дандцвизариялде кьолеб буго ва гьеб хIасуллъизе какилъ тIирхъунцин чIола. Амма асхIабзабаз гьабуралъ, гьал диналъул вацаз гьабулеб кьоларо. Щайгурелъул, баянаб жо буго асхIабзаби гIемер хIалтIулел, дагь кваналел чагIи рукIараблъи ва гьезул хIатIал, гIемерисеб мехалъ, гъуждул дандцвизаридал гьадингоги дандцулел рукIана, гьез хIатIал дандцвизариялде аслияб кIварги кьолеб букIинчIеблъи. Гьединго гъуждулги, накабиги, хIатIихинкIалги дандцвизарун чIей цIакъ захIматаб жо буго, гьедин чIезе лъугьиналъ как балесе квалквал гьабула ва гьесул какил хIузур, хушугI хвезабула».

ПалхIасил, жамагIаталъул кири щвезе ккани, как балезул цониги лага цоцазда дандцвизаби шартIлъун гьечIо ва тIаде вачIарав чи, гьел цоцазде аскIоре къайдал, лъиего квалквалги гьабичIого, эркенго гьоркьове лъугьун бажарулеб хIалалъ чIун ратичIони, гьезие жамагIаталъул кири щола. Гьединго, какилъ кинаб хIал батаниги, рокьобалдаса цIикIкIун манзилги хIатIазда гьоркьоб тун чIезе бегьуларо.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...