Аслияб гьумералде

Гьалъул хIикмат щибдай?

Гьалъул хIикмат щибдай?

ЖамагIаталде как базе иналъул хIикмат ккола бусурбаби цоцада дандчIвай, цоцазе салам кьей, цоцазе гьуинлъи, цоцазе зарал-хайир гIахьал гьаби. Жагьилас гIалимасдаса диналъул ахIкамал лъазари, камиласул баракат цогидазде бахун киназулго какал камиллъи, лъикIасул квешасе баракат-шафагIат щвей, цIоб гIатIидав Аллагьасухъе гьоболлъухъги рачIун, Гьес цебе лъураб нигIматазул тIутIалда сверухъ данделъи.

Рокъоб лъикIаб куцалъ какиеги чурун, как баялъул нияталда бусурманчи къватIиве вахъани, мажгиталде унагоги, нахъе вуссунагоги гьесул мунагьги чурула, алжаналда даражаги тIокI гьабула. Мажгиталда какичури биххичIого, чидай зарал гьабичIого гьев вугебгIан заманаялъ, малаикзабаз гьоркьоса къотIичIого Аллагьасда гьарула, Дуца гьесул мунагьал чуре ва гьесда гурхIаян. Мажгиталде анщинахъе Аллагьас гьесие алжаналда гьоболлъиги къачIала. (Бухари, Муслим).

БецIал гIужазда мажгитазде хьвадулев чиясе Аллагьас къиямасеб къоялъ тIубараб нур кьола.

Мажгиталде унаго хIарамалде балагьичIого, Аллагь рехсолаго ина. Мажгиталде лъугьунаго кваранаб, къватIиве вахъунаго квегIаб гали цебе гьабила. Жаниве лъугьунаго «АгIузу биллагьил гIазим ва бусултIанигьил къадим мина щайтIани ражим. Аллагьумма салли гIала сайидина МухIаммадин ва гIала али сайидина МухIаммад. АллагьуммафтахIли абваба рахIматика» - абун абила, къватIиве вахъун хадубги гьебго дугIа цIалила, цого-цо «рахIматикалъул» бакIалда «фазлика» абила. Жаниве щваравго гIодов чIелалде тахIияталъул кIиго ракагIат бала, цинги жанир ругезе салам кьела. Мажгиталда вукIаго какичуриялда вукIине суннатаб буго. Мажгиталда хIацIу тузе хIарамлъула. Гьениб батани чороклъи, бацIцIинеги тIаса инабизеги тIалъула. Мажгиталда вугебгIан заманалда чара гьечIеб гурого дунялалъул каламги гьабиларо, ахIдон кIалъаларо, гьаракьги гьитIин гьабун кIалъала, гIадада чIунги вукIинаро. Къуръан цIалун, какал ран, вирдал гьарун, дугIа-алхIамалда Аллагь рехсон вукIина. Какихъ балагьун чIарабгIан заманалдаги как балеб мехалъ гIадин кири щола. Мажгиталда как мекъса балел гIадамал рихьани, гьелги кантIизарила. Рес букIаго цебесеб кьерги борчIизе теларо. Имамас как бухьун бугони, векерун инчIого, гьесда хадув гъезе гIодове виччан ина.

ЖамагIатгун бараб цо какил кири батIаго бараб къоло анкьго какил кириялдаса цIикIкIуна. ЖамагIаталда как баялдалъун щолеб жо гIадамазда лъалеб букIарабани, накабаздаги квераздаги хъурщулаго унги гьел мажгиталде инчIого чIелароан.

АрслангIали ГIумаров

2025-05-01 (Зул КъагIида 1446 c.) №9.


КIудияб Бергьенлъиялъ 80 сон тIубаялде

1939 соналъул 1 сентябралда фашистазулаб Германиялъ байбихьана КIиабилеб дунялалъул рагъ. Гьелдаса кIиго сонгIанаб заман индал, 1941 соналъул 22 июналда гьеб рагъул гIаркьел щвана Совет Союзалъул ракьалдеги.   Гьебго къоялъ СССРалъул къватIисел улкабазул ишазул халкъияв комиссар В. Молотовас...


Камиллъиялде нух

ГIамал-хасияталде, берцинаб тIабигIаталде исламалъ кIудияб кIвар кьола. Гьеб буго тIадегIанал даражабазул цояб.   Гьелда жанире уна ритIухълъи, сабру, сахаватлъи, гIодоре риччай, гурхIел, гIадамаздехун берцинаб рукIа-рахъин. Нилъер Аварагас ﷺ абун буго: «Муъминзабазда гьоркьов...


ГIагараб росу

Имам Шамилица гьоболлъи бараб Гьайбатаб расалъи бесдаллъун буго. Гьев жанив рещтIарал гьитIинал рукъзал, Умумулги лъугIун пашманго руго.   Я садакъа кьезе, я салам кьезе Кьерилал лъугIараб Дарада росу. Хварал, чIагоязе дугIа гьабизе Чиго хутIичIеб дир инсул росу.   Дун пашманго...


Мунапикъзабазул пишаби

Свалат-салам лъеяв Аварагасул хIадисалда буго: «Лъабго пиша-гIамал буго, щив чи вугониги гьеб лъабабго пиша-гIамал жиндилъ бугев, гьев чи мунапикъ вуго, жинца кIалал ккуниги, какал раниги, жив бусурбанчи вугилан дагIба баниги: жинца хабар бицунеб мехалъ – гьереси бицин, гьабураб къотIи...


Нугъаялги щвана муфтиясухъе

ЦерегIанго къоязда ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе зияраталъ рачIун рукIана нугъаязул жамагIат. Гьенире рачIараз бицана жидер цебегосеб анищ букIанила шайихасухъе рачIине ва гьединаб рес ккеялдаса жал цIакъ рохаралги ругила. «Нужер умумулги рукIана хIурматиял гIадамал. Гьезул нухдасан...