Аслияб гьумералде

Магьари яги чемодан

Магьари яги чемодан

Ригьин гьабиялде кIудияб кIвар кьола нилъер диналъ. ХIатта балугълъиялде вахарав васас ригьин гьабулеб бугони, гьебцин беццула. Ригьин гьаби буго чиясул гIумруялъул кIвар бугеб бутIа.

 

Ригьин гьабиялдалъун чи вукIине ккола кIудияб ишалде хIадуравлъун, щайин абуни гьениб дандчIвала захIмалъаби, балагьизе ккола цохIо жиндие гуреб жинда дандчIваразеги бетIербахъи гьабизе мал-мулк, нигIмат, цебе жиндирго жаваб кьун тIубалеб букIун батани, гьанже тIаде бачIуна цогиязулги жавабчилъи гьабизе ккей. Амма гьеб буго Аварагасул ﷺ нух. Хасаб хIарамлъиялде нух къалеб нуцIа. Аллагьас ﷻ бихьизабураб шаригIат.

Бихьинчи ва чIужугIадан данде гьарун рагьнаде байбихьи лъей аслулъун бугеб ккола магьари. Гьеб буго унтараб суалги. Бицен гьабизе бокьарабги гьеб буго. Магьрун абула гьелда гIарабалъ, нилъеца магьари абула, амма кинаб рагIиялдалъун абуниги гьеб ккола хъизан гьабиялдалъун росасда бахIаралъе кьезе тIалъараб сайгъат. Гьебги ккола гIицIго бахIаралъул ихтияралда бугеб гьелъул буголъи, гьеб кьеялдалъун бахIарасги бихьизабула жиндирго рахъалдаса гьелдехун бугеб хIурмат, (ригьин гьабиялъулъ) жиндирго бугеб щулияб къасд ва хадубккун гьей хьихьизе ва хIажатаб чIезабизе бугеб бажари.

 

Щибха кколеб магьари?

Гьеб букIине бегьула: хасаб къадар гIарцудалъун, месед-гIарац, жавгьар-якъут гIадаб курхьеналдалъун, ракь, мина-рукъ гIадаб буголъиялдалъун, ялъуни цогиги къиматал жал – хирияб ретIел-хьит, шаргIиял тIахьал. Яги бахIаралъе ихтияр буго магьариялъе жиндаго Къуръан цIализе ялъуни цогидаб шаргIияб гIелму малъи шартI гьабизе.

Магьариялъе абун Къуръаналда пуланаб къадар бихьизабун гьечIо. Гьеб чIезабула, росасул бажариялда борцун, кIиябго рахъалъул къотIи-къаялдалъун цIакъго цIикIкIарабги гуреб, дагьабги гьечIеб къадар гьабун.

 

Сундуе гIоло кьолеб магьари?

  1. Нияталъулъ щулалъиялъе гIаламатлъун – жиндего жавабчилъи босизе бихьинчи хIадурав вукIин ритIухъ гьабун.
  2. Буголъиялъул рахъалъ бахIарай цIуни – гьеб буго бахIаралда хасаб гьелъул бетIерлъиялда ва жиндие бокьаралъубе хвезабизе ихтияралда бугеб жо.
  3. БахIарай кIодо гьайи ва гьелъул гIурхъаби ритIухъ гьари – нилъер диналда жаниб чIужугIаданалъул ихтияр буго ригьин гьабиялдалъун лъугьараб жиндир бутIа (магьари) тIалаб гьабизе.
  4. Гьелдехун рокьа-хинлъи ва тIалаб-агъаз гьабиялъе гIаламат – гьоркьорлъаби щула гьарулеб сайгъат.

Кида кьолеб магьари?

Кьезе бегьула никахI гьабиялъул данделъиялда бачIинахъего ялъуни хадубккун. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца руччабазе (чIужулъун ячарай гIаданалъе) кье гьезул садакъа (магьариде лъураб мал-мулк) ракIбацIцIадго (тIадаб сайгъат хIисабалда)…», - абун («Нисаъ» сура 4 аят). Гьединаб къагIидалда Аллагьас ﷻ бихьиназда абулеб буго кватIизабичIого, нахъбахъун течIого руччабазе гьеб сайгъат кьеян.

Гьединлъидал, цо-цоязда бичIчIулеб кинниги, гьеб гуро бахIаралъул багьа гьабун гьей йичун йоси, гьеб буго гьелъул ихтияралда бугеб сайгъат ва щиб къо тIаде бачIаниги гьелъул кверщалида бугеб буголъи.

Цоги, гьаб заманалда тIибитIун буго бахIарай росасул рокъое ячине рачIаралъуб, гьей йичун йосулеб хIисабалда гIарац тIалаб гьабулеб къагIида, гьеб диналда бугеб иш гуро. Гьедин гьабиялдалъун, гьаб куцалда исламалъ тIадегIан гьаюн йигей чIужугIадан релълъинаюлей йиго бича-хиси гьабулеб къайи-матахIалда. Гьединго гьечIо хириял сайгъатал гьарун «чемодан» абурал жалги. Гьаб кIиябго жо буго жагьилаб заманалда букIараб, гьанжеги жидерго лъавукълъиялъ цо-цояз ригьналъ хIалтIизарун хвезе толарел гIадатал. Жидеца ригьин гьабиги захIматлъизабулеб. Гьел жал сабаблъун гIолохъанчи хутIулев вуго бищун ригьин гьабиялде хIажалъи бугел соназ ригьин гьабизе ресги ккечIого, дове-гьаниве ун магIишат тIалаб гьабулев, яги хIажат гьечIеб гьабун саяхъаб гIумруялда.

 

Сайгъат батани, щай гьеб тIадаблъун гьабураб?

Унго-унгоги сайгъат батани, щай тIадаблъун гьабураб, сайгъат кьей хIал гьаби бугеб жо гьечIелъул. ХIакъикъаталдаги, гьелъул буго руччабазул ихтиярал цIуниязда, социалияб ритIухълъиялда ва гьезул рукIа-рахъиналъул бербалагьи гьабиялда хурхараб гъваридаб магIна.

Исламияб диналдалъун Авараг ﷺ вачIинегIан, буголъиялда хурхун руччабазул гIемерал ихтиярал рукIинчIо, гьел лъудбилъун рачунаан гьезул разилъиго гьечIониги, хадубккун ригьин биххани, хъаркIасал кинниги щибго гьечIогоги хутIулаан. Цинги исламалъ хъизан гьабиялъулъ тIадаб щартIлъун гьеб сайгъатги бихьизабун, чIужугIаданалъул ихтияралда гьабуна магьариде кьураб жо, щиб кканиги гьелъие хутIи.

Бихьизабураб къадаргIаги кьун росасухъа бажарулеб гьечIони, гьебги буго бихьинчи хъизан гьабиялде хIадур гьечIолъиялъе гIаламат. ХIадисалда буго: «ЧIужуялъе магьариялъе бихьизабураб жо кьечIев чи Къиямасеб къоялъ зиначилъун рикIкIуна», - абун (АхIмад).

Исламияб дин буго бигьаяб, жинда жаниб гьабулеб гIамалалъулъ захIмалъи гьаби гьечIеб. Гьелъ, лъикIаб магIишат-яшавалъул ахIвал-хIал гьечIолъи, хъизан гьабичIого теялъе гIиллалъун букIине бегьуларо. Хъизан гьабиялъул къагIида бачине ккола бигьаяб нухдасан.

Цо вагIзаялда Аварагас ﷺ абун буго: «Магьари чIезабиялъулъ нужеца гIемер гьабуге, дунялалда гIумру гьабиялъулъ гьеб беццараблъун ва чи такъва бугевлъун вукIиналъе гIаламатлъун гьеб букIарабани, Аварагасги ﷺ гьедин гьабизе букIана», - ян («АсхIабу сунан»).

Аварагас ﷺ абун буго чIужугIаданалъул талихIалдасан бугин гьей гьари, росасе кьей, магьариялъе бихьизабулеб жо дагь гьаби. Яс росасе кьолеб, васасе ригьин гьабулелъул Аллагьасул ﷻ рахIмат-цIобалде, баракаталде мугъчIвайгун тIуразаре ригьнал гIуцIи.

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Нужеца бугелда шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIун кьела», - абун (сурату «Ибрагьим», 7 аят).

Аллагьас ﷻ нилъер наслаби баракаталлъун гьареги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Бицунелда хадуб халккве

НекIсиял египеталъулазул букIун буго хвалда хурхун абулеб берцинаб рагIи: хварал чагIи Алжаналъул кавабахъ ратаразда дандчIвайдал гьезие кьолеб букIун буго кIиго суал, цинги гьезул жавабазда рекъон, хIукму гьабулеб букIун буго Алжаналде лъугьине гьезие ихтияр кьелищ яги кьеларищ абун: «1)...


Мунагьалдаса тавбуялде руссин

Нилъеда лъала гьаб дунялалда щивго чи чIаго хутIуларевлъи ва киналго хвезе рукIин, ай хIисаб-суал кьезе Аллагьасда цере чIезе рукIинги. Гьединлъидал, нилъеца хIалкIун тавбу гьабун, квешлъиялдаса лъикIлъиялде руссине хIаракат бахъизе ккола.   Мунагь кколарев чи вукIунаро, амма щиб мунагь гьабун...


ГIицIцIаллъун рачIуна ва уна

Цо нухалъ Абу Язид БастIамияв лъугьана пуланаб бакIалъул мажгиталъуве ва гIодов чIана цо факъигьасда сверун гьабураб горсвериялда гьоркьов. Данделъараз гьев гIалимасе кьолел рукIана батIи-батIиял суалал. Цояс цIехана пуланабги пуланабги жо нахъеги тун хварав чиясул ирсалдасан.   Цинги гьев...


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


Муфти дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» директоргун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» генералияв директор Борис Обносовгун. Гьединго данделъиялде рачӀун рукӀана «Дагъдизель» заводалъул АОялъул генералияв директор Жалилов Рашид; Руслан...