Аслияб гьумералде

Рузманалде хIадурлъи

Рузманалде хIадурлъи

Рузман къо ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кIодо гьабураб, бусурбабазе гIидлъунги гьабураб къо. Гьединлъидал бусурбанчиясеги рекъола гьеб къо кIодо гьабизе. Нияталда рекъон щвела щивасе, Аварагасул ﷺ хIадисалда бугеб гIадин.

Рузманалде, хамиз къоялъ бакъанидасаго байбихьун, хIадурлъизе ккола. Гьеб гIужалъ дугIа-алхIам гIемер гьабила, рузман къоялде течIого, ретIунеб ретIел, гьуинаб махI, ай кинабго хIадурила. Рузман сордоялъ «суратул Кагьфиги» цIалила, Аварагасде ﷺ гIемер свалатги битIила, бищун дагьаб лъабнусго бугин хъвалеб буго «ИгIанатул ТIалибин» абураб тIехьалда. Сардилъ вахъун хIалкIвараб дугIаалхIам, гIибадат гьабила.

Рузман къоялъ, цебесеб яги хадусеб къоги дандекъан, кIал кквезеги суннатлъула. КIванагIан хехго рузманалде инеги лъикIаб буго. Щай абуни, рузман къоялъул тIоцебесеб сагIаталъ ани - варани, кIиабилелъ ани - оц, лъабабилелъ - куй, ункъабилелъ - гIанкIу, щуабилелъ - хоно садакъаде кьураб гIанасеб кири щола.

Рузман къоялъ черхги чурила, бацIцIадаб, цIияб ретIелги ретIина (хъахIаб ретIел бищунго Аллагьасе бокьула). Къвалакьа, гIавраталдаса расалги инарила, малъалги къунцIила, черхалда, ратIлида гьуинал махIалги гьарила. Рузманалде унаго гIодове виччан, Аллагь рехсолаго, адабалда ина.

Мажгиталде лъугьунаго кваранаб хIетIе цебе ккезабила, къватIиве вахъунаго квегIаб хIетIе цебе ккезабила, дугIаги цIалила, Аварагасде ﷺ свалатги битIила, тахIияталъул какги бала, жанир ругезе саламги кьела. Цебесеб кьерги тIалаб гьабила, гIодор чIаразул гарбазда тIасан галабиги росиларо, имамасда аскIов гIадинги чIела, хутIба цIалулаго лъидаго кIалъаларо, кIалъани - рузманалъул кири борчIула. Рузман сордоялъго гIадин къоялъги «суратул Кагьфги» цIалила, свалатги гIемер битIила.

Как балел чагIазда цевесанги вилълъинаро. Как балев чиясе лъабго натIги тун, цевесан ине бегьула. Рузманалдаса салам кьурабго, анкь-анкь нухалъ алхIам, къулгьу, кIиябго къулагIузуги цIалила, хадуб дугIаги гьабила.

Рузман къоялъ гIелмуялъул мажлисаздаги гIахьаллъила, гьеб къоялъ сундалъун бугониги садакъаги гьабила, Къуръанги гIемер цIалила, тасбихIалъул какги бала, дугIаги гIемер гьабила, хасго дугIа къабулаб сагIат борчIичIого букIине хIаракатги бахъила. ТIубараб къоялда жаниб гьеб сагIат балъго гьабун буго, къоялъго хIаракат бахъулевлъун вукIине.

Амма гьеб сагIаталда дандчIвазе хьул бугел гIужал руго бакъ баккулеб мех, битIун къалъараб гIуж, рузманалъул как ахIулеб гIуж, имам хутIба гьабизе минбаралде вахунеб гIуж, гIадамал рузманалъул как базе тIаде рахъунеб гIуж, бакъанидаса хадуб, хасго бакъ тIерхьине байбихьараб мех. Гьел гIужаз хасаб кIвар кьезе ккола дугIа гьабиялде. Къокъго абуни, цогидал къоязда гьоркьоса рузман къо, рес бугони, ахираталъе тела, хутIарал къояздеги гьелъул баракат тIибитIизе.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...