Аслияб гьумералде

Цlолбол закагIат

Цlолбол закагIат

ЗакагIаталъул хIакъалъулъ рехсей гьабураб лъебергогIанасеб аят буго хирияб Къуръаналда тIадежоялъе, цо-цо аятазулъ жиб диналъул хIубилъун бугеб какда хурхинабун рехсонги буго. Гьединлъидал закагIат тIалъарав чияс мухIкан гьабун, нахъбахъичIого гьеб щолел чагIазухъе щвезабизе ккола. Гьаниб рехсей гьабизе бокьун буго цIолбол закагIат бахъиялъул хIакъалъулъ.

ЦIибил бугев щивав чиясда тIалъуларо гьелдаса закагIат бахъизе, гьеб нисабалде, ай тIалъулебгIанасеб къадаралде бахун гьечIони. Гьелъул къадарги, гIемерисел гIалимзабаз чIезабуралда рекъон, 652 килограмм ккола. Гьеб къадарги халгьабула гIатIго кваналеб тайпа бугони - гIатIгояб хIалалда, бакъвазабун, кишмиш гьабулеб тайпа бугони - кишмиш лъугьун хадуб. ЗакагIат тIалъулеб заманги ккола цIибил барщараб мех. Мисалалъе, чIегIараб цIибил бугев чиясул гIемериселде чIегIераб кьер рехараб заман, хъахIаб цIибил бугесул - цIибил тамахлъизе байбихьараб заман. Цонигиясул ахикь хъахIабги чIегIерабги ялъуни цогидал батIи-батIиял тайпаби ругони, закагIатги гьелдаса, ай гьезул къадар халгьабун тIалъула. Мисалалъе, щуйидеги бикьун кIиго бутIа хъахIаб цIибил батани, хутIараб лъабго бутIа чIегIераб батани, бахъулеб закагIатги кIиябго тайпа дандеги къан, гьелго бутIаби халгьабун бахъизе ккола. Масала, 50 кг бахъизе тIалъун батани, 50-ялъул 20 кг хъахIалъул бахъила, хутIараб 30 чIегIералъул бахъила.

ЗакгIаат бахъизе ресги букIун гьеб нахъе бахъидал цониги жо кка ни, гьесдаса мискинзабазул хIакъ тIаса унаро

Бахъулеб закагIаталъул къадарги лъалъаялда бараб букIуна. ГIицIго цIадазул яги лъар-иххалъул рахъаздасан бачараб лъиналдалъун ялъуни цIолбол ах гьеб лъаралъул рагIалда букIун, регьел цIан бижараб жоялъул кинабго бачIиналдаса анцIил бутIа бахъизе ккола (10 %). Мисалалъе, 800 кг бачIун батани - 80 кг бахъизе тIалъула. Баччараб лъиналдалъун, лъим цIалел насосал хIалтIизарун лъалъан бижараб бугони, гьелъул анцIил бутIаялъул бащалъи бахъула (5 %), мисалалъе, добго 800 киллоялъул 40 кг бахъизе тIалъула. ЦIадазги, лъим баччиялдалъунги бащадго лъалъан бугони, анцIго бутIа гьабун гьелъул ункъо бутIаялъул лъабго бутIа бахъизе тIалъула (7,5 %). Мисал, добго 800 кгялъул 60 кг бахъизе тIалъула. ЦIадаз лъалъайги лъим баччун лъалъайги бащад букIун батичIони, гьезул къадаразде бикьун бахъула, гьебги заман халгьабун букIуна. КIиго я цIикIкIун ах батани, нисаб гIезабиялъулъ кинабго данде къала.

ЗакагIат бахъизе кколеб къадар цIибилалъул бачIунеб ах бугев чиясда лъазе ккола, гьесул бачIиналда мискин-пакъирасул хIакъ хурхун букIин. Мискин-пакъирасул хIакъ хурахаралдаса хадуб бетIергьанчиясе жиндирго пихъалда тIад квер лъезе, гьеб бичизе ва цонигиязе кьезе бегьуларо. Пихъалъул бетIергьанчиясе бокьани жиндирго бачIиналда тIад кверщел ва жиндиего бокьараб жо гьабизе, шаргIалъ бихьизабураб нух буго, гьебги ккола цIибил барщун хадуб харсс гьаби. Харсс гьаби абураб жоялъул магIна ккола, закагIаталъул гIадлу гьабизе тарав чи вугони, гьес бералъ борцун, гьадигIанасеб къадар цIибилалъулги бугин, гьадигIанасеб къадар закагIаталъеги кколин хIукму гьаби. Гьелъие вихьизавурав чи ватичIони, ахил бетIергьанас кIиго гIадилав, бераз цIолбол къадар борцине махщел бугев чиги вачун, къадар борцун хадуб, гьадигIанасеб къадар закагIаталъулги кколин абун, пихъалъул бетIергьанчияс гьеб къабулги гьабун хадуб, гьес жиндирго пихъалъе бокьараб жо гьабизе бегьула.

ЗакагIат кьолеб заман тIадеги щун, гьеб кьезе гьесул рес рекъон ккезегIан, гьесул цIибил бикъани яги цIадул, гьорол, лъел балагьги тIаде бачIун, гьесул такъсирги гьечIого гьеб хвани, гьесда щибго жо тIалъуларо. ЗакагIат бахъизе ресги букIун гьеб нахъе бахъидал цониги жо ккани, гьесдаса мискинзабазул хIакъ тIаса унаро.

ЗакагIат бахъулев чиясда лъазе ккола жинца кьолеб закагIат боцIи-мал дагьлъиялъе гуреб, тIоцебесеб иргаялда, Аллагьасул амру тIубай букIин, кIиабизе - жиндирго боцIи-мал чияр хIакъалдаса бацIцIад гьабиялдалъун цIикIкIинаби букIин.

ТIадегIанав Аллагьас тавпикъ кьеги Жив разияб хIалалъ шаргIалъул нух кквезе.

ХIасан МухIаммадов

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нужее баяналъе

ГIумар-асхIаб кин чIварав? – Рогьалил как балаго чIвана. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай? – ГIаишат. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб? – 69 сон. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб? – Суратул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, школалъул нухмалъулевгун, мадрасаялъул ректоргун цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун. Гьезулгун...


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


Ният халгьабун…

Къокъаб, амма магIна гъваридаб аби буго: «РакIбацIцIалъиялъ, ай ихласалъ гIажаибал жал гьарула», - ян абураб. Гьел рагIабаз мухIканго загьир гьабула муъминчиясул гIумруялъул аслияб магIна. Ахир-къадги исламалда бокьараб гIамалалъе къимат гьабула гьелъул сипат-сураталдалъун яги кIодолъиялдалъун...


ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго. Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.   Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб...