Аслияб гьумералде

ГIажаибаб заман

ГIажаибаб заман

ХIакъикъаталдаги нилъ руго гIажаибаб заманалъул нугIзал. Радал тIаде рахъиналде нусго батIияб жо ккун батула. Амма нилъ хIинкъизе бегьуларо. Щиб хIалалде кканиги ризкъи кьолев ﷻ вугелъул. Аллагьас ﷻ абун буго: «Ракьалда тIад цониги рухIчIаголъи гьечIо Аллагьас ﷻ жиндие ризкъи кьолеб букIун гурони», - ян (суратул «Гьуд», 6). Гьединлъидал нилъ Аллагьас ﷻ хьихьула ва Гьесде тавакалги тIамун рукIине ккола.

Цо-цоял рукIуна тавакалги гьабун рега-рахъун, ай хъизаналъги хьихьун. Гьеб жо тавакал гуро, гьеб буго Аллагьасул ﷻ дин жиндирго напсалъул мурадазе гIоло хIалтIизаби. Хъизангун лъимал хьихьи бихьинчиясда тIадаб иш буго. Аллагьас ﷻ ризкъи кьолин абураб жоялъул магIна кколаро, магIишат, боцIи-мал щибго гIакъуба бихьичIого щвезе кколин абураб. Чиясда дандчIвазе рес буго ракъи, мискинлъи. Щайгурелъул Аллагьас ﷻ нилъ гьаб дунялалде ритIун ругелъул хIалбихьиялъе. ГIакъуба-къварилъи гьечIеб бакI алжан ккола.

Нилъеде тIаде бачIараб гIакъуба-къварилъи, Аллагьасул I рахъалдасан хIалбихьилъун бихьизе ккола, хIатта рахIматлъунцин бихьизе ккола. Чиясул кигIан къадаралъ иман рекIелъ бугеб, гьелдаго рекъон гьесул хIалбихьиги букIуна. Чиясда раччизе кIоларел хIалбихьиялги Аллагьас ﷻ тIаде тIамуларо. Цо кинаб бугониги лъикIаб иш тIаде бачIани, Аллагьасе ﷻ шукру гьабуни, гьелъулъ лъикIлъи батула. Кинаб бугониги квешлъи тIаде бачIани ва сабруги гьабуни, гьелъулъги лъикIлъи батула. ЗахIматаб заман бачIиндал бищунго къваригIараб жо букIуна вацлъигун цолъи.

Вацлъиги цолъиги гьечIони, я бечелъиялъ ялъуни цивилизациялъ кумек гьабуларо. Вацлъиги цолъиги гьечIеб бакIалда гIадлуги букIунаро. Бищунго дагIват гьабизе захIматал бакIалги ккола рикьалаби ругеб бакI. Нужеца пикру гьабе, цо бакIалда дагIбаялда ругел мадугьалзаби ругони, гьезул цадахъаб рагьу яги къед бугони, гьеб чIунтулеб букIуна. Дицайищ къачIазе кколебин абун цояв, досие къваригIинчIеб диеги къваригIун гьечIин абун цогидав. Гьеб ккола вацлъи гьечIеб бакIалда баракат букIунгутIиялъул мисал.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго: «Нужеца киназго Аллагьасулгун ﷻ бухьен ккве (Аллагьасул ﷻ калам Къуръан ккве ва нужехъе витIарав МухIаммад аварагасда ﷺ нахърилълъа). Нуж цоцаздаса ратIалъун, къокъаби гьарун, дин хвезабулеллъун рукIунге», - ян («Алю-ГIимран», 103-абилеб аят).

Гьанже нилъеда бугебго гIадинаб хIал асхIабзабаздаги дандчIвараб буго. Къурайшияз къотIи гьабула, аварагасда ﷺ нахърилълъаразе щибго бичунгутIизе ва гьезулгун никахIалги гьаричIого тезе. Гьедин лъабго соналъ асхIабзабазе гIезегIан гIакъуба кьуна. Гьениб бугеб ракъиялъ асхIабзабаз гъутIбузул тIанхал кваналел рукIун руго.

Сугьайлица бицун буго: «Маккаялде аскIобе караван бачIиндал ва цо асхIаб ракъарал лъималазе цо щиб бугониги босизе лъугьиндал, Абулагьаб ахIдолев вукIун вуго, бичулеб жо хира гьабейин абун, ай асхIабзабазда щибго босизе кIвеларедухъ. Гьез хираги гьабун, щибго жоги босизе кIвечIого, тIадруссине кколел рукIун руго, ракъиялъ гIодулел ругел лъималазухъе».

Амма нилъеда гьединаб захIмалъи бихьулеб гьечIониги, нилъ хIинкъун рукIуна ракъун хутIиладай абун. Кин батаниги квешго гIакъубаги къварилъиги бихьун щвараб буго нилъехъе исламияб дин. Гьединлъидал нилъеца гьеб цIунизе ккола, щиб заман тIаде бачIаниги.

САИД ЗАЛУМХАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...