Аслияб гьумералде

Тасаввуфалъул берцинлъи

Тасаввуфалъул берцинлъи

Диналъ нилъедаса тIалаб гьабулеб жо буго гIибадат гьабулелъул Аллагь вихьулев кинниги гьеб гьаби, нилъеда Гьев вихьичIониги Гьесда нилъ рихьулелъул. Ибну ХIажарица хъвалебги буго диналъул рукнабазул лъабабилеб, ай ихIсан бугила тасаввуф.

Рамазан БутIияс хъван буго исламиял гIалимзаби тIад рекъарал ругин Аллагьасдехун бугеб рокьи, хIинкъи ва хьул бижиялъе хIажатаб бугин хасаб гIелмуян абураб хIужаялда. ГIемерисел гIалимзабаз тасаввуф бугин гьеб гIелмуян абулебги буго. Цо-цоял гIицIго ихIсанин абун толелги руго.

Тасаввуфгун тIарикъат буго «ихIсаналде» рахиналъе чIвараб мали. Щайин абуни, гьеб кколелъул жанисеб рухIияб рахъалъе тарбия гьабулеб, какаралщинал хасиятаздаса рахъун ккун, диналъ тIалаб гьабулеб кинниги, Аллагь вихьулев гIадин гIибадат гьабиялде рачунеб гIелму.

Тасаввуфгун тIарикъаталъул бициндал цоцояз абула гьеб бугин аварагасул яги асхIабзабазул заманалда букIинчIеб, хадуб баккараб бидгIаян. Гьедин аби гуреб, гьел чагIазда лъаларо, унго-унгоги щиб гьелъ малъулебали ва кин бачIараб жояли.

Машгьурав гIалим Ибну Халдуница «Алмукъадимат» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Тасаввуф буго гIелму, исламалда жиб баккараб. Цере рукIарал гIалимзабаз, табигIиназ, асхIабзабаз ва гьезда хадур рилълъараз тIибитIизабулебги букIана гьелъул кьучI ва суфизабазул нух», - ан.

АхIмад ГIалвашица хъвалеб буго: «АсхIабзабаздагун табигIуназда суфизабийин абичIониги, хIакъикъаталдаги гьел рукIана суфизабилъун», - ан («ХIакъаикъу гIани ттасаввуф»).

Тасаввуфалъул тIахьал цIалун ва гьенир сунде гIадамал ахIулел ругелали халгьабун хадуб лъицаго абиларо гьеб аварагасул яги асхIабзабазул заманалда букIинчIин!

Сунде тасаввуфалъ ахIулел ругел?

Тасаввуфалъ малъула Къуръаналъул хIукъукъал цIунизе, аварагасул хIадисалъ малъухъе хьвадизе, шаригIаталъул нух кквезе. Гьелъ малъуларо как базе, амма малъула как балелъул ракI хIузуралда чIезабизе. Тасаввуфалъ какичурулелъул гьумер кин чуризе кколебали малъуларо, малъула чIухIи, нифакъ, рияъ, сумгIат, гIужбу гIадал чIахIиял унтабаздаса ракI кин чурилебали.

Тасаввуфалъ малъуларо гIадамаздаса лъути, гьелъ малъула, халкъалда гьоркьов вугониги, ракIалда Аллагь цIунизе. Тасаввуфалъ малъуларо цогиязде куфру гIунтIизабизе, яги гIадамазе хIинкъаби кьезе, ялъуни гьел хIакъир гьаризе, гьелъ малъула гьезул адаб-хIурмат гьабизе, ургъел бикьизе, гьелги мунго гIадаллъун рихьизе.

Тасаввуфалъ малъуларо мацI гьабизе яги хьандезе, гьелъ малъула цогияздехун гурхIел-рахIму гьабизе, цIодоравлъун вукIине. Тасаввуфалъ малъуларо согIав, хъачIав вукIине, гьелъ малъула тамахав, чияда гурхIулевлъун вукIине.

Тасаввуфалъ малъуларо ццин бахъуневлъун, рецIел босулевлъун вукIине, гьелъ малъула иман, ислам, ихIсан, гIодове виччазе, лъикIлъи гьабизе.

Тасаввуфалъ малъуларо гIадамазул хIажаталдаса лъути, гьезда гьоркьов жува-гъувангутIи, гьелъ малъула гьабулеб къотIуе ритIухъавлъун вукIине, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи цIунизе.

Тасаввуфалъ малъуларо мегеж халат гьаби, ретIараб ретIел къокъ гьаби, гьелъ малъула Аллагь рехсолелъул рекIелъ хIузур кквей халат гьабизе, Гьев тун нахъиял ботIролъе рачIунел пикраби къокъ гьаризе.

Тасаввуфалъ малъула тIаде рачIунел батIибатIиял жалазул хал гьабизе, бицунелъулги гьабулелъулги къасдлъун бугеб тIалаб гьабизе.

Амма тасаввуф бахчараб буго, жидер батIинги бахчун, гьабулеб гIибадаталъулъ гIицIго загьиралъулъ тIерхьараздаса. Аллагьас бичIчIи кьеги хIакъаб нух кквезе, гьеб ккуразул баракат камунги тогеги! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...