Аслияб гьумералде

ШагIбан моцIалъул хиралъи

ШагIбан моцIалъул хиралъи

ШагIбан моцIалъул хиралъи

Гьале тIаде щолеб буго хирияб шагIбан моцI. Гьеб ккола хириял лъабмоцIил цояб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб моцI бижана хас гьабун нилъер хирияв МухIаммад аварагасе ﷺ.

 

Гьелъул хIакъалъулъ хирияб хIадисалда буго: «ШагIбан моцI дие хасс гьабун буго. Жиндир тIадегIанлъиялдалъун ва кIодолъиялдалъун БетIергьан Аллагьас ГIаршалда ругел малаикзабазда абун буго: «Я, Дир малаикзаби, нужеда бихьулищ, Дир лагъзадерица, Дир вокьулев аварагасул моцIалъул адаб-хIурмат гьабулеб куц? Дир къудраталдалъун ва тIадегIанлъиялъе бугеб ихтияралдалъун Дица Дирго рахъалдасан гьезие тIаса лъугьин ва гьезул мунагьал чури кьолеб буго», - абун. ШагIбан моцIалъ кIал кквей цIакъ беццараб гIамалалдасан букIиналъул бицуна гьаб хирияб хIадисалъги: «ШагIбан моцIалъ лъабго кIал ккурав чиясе ТIадегIанав Аллагьас алжаналъуб бакI бихьизабула».

Гьеб моцIалъ Аллагьас ﷻ нилъее сайгъат гьабула жиндирго рахIматги, лъикIал пишабазулъ битIккейги. Гьеб моцIалъ нилъер тIекъал, квешал пишабаздаса рикIкIалъиялъе, мунагьаздаса ратIалъиялъе бахъулеб хIаракат цIикIкIине ккола. Гьеб моцIалъ нилъеца тIадчIей гьабизе ккола лъикIал гIамалал гIемер гьариялде, гьабулеб тIагIат камил гьабиялде, Къуръан цIалиялде, хасго нилъерго аварагасде ﷺ свалат-салам гIемер битIиялде. Гьеб моцIалъ лъикIал пишабиги, Аллагьасе ﷻ гьабулеб тIагIатги гIемер гьабун, хIадурлъи гьабизе ккола хирияб рамазан моцIалда дандчIвай гьабизе.

Жакъа бусурбабазул гIамал-хасияталъухъ балагьун гIемерав чи исламалде вачIинадай-вачIинародаян щакдарулел ругеб мехалъ, жиндир гIамал-хасияталде кIвар кьечIого тей, Аллагьасе ﷻ тIагIат ракIбацIцIадго гьабунгутIи, исламалъе заралияб ишлъун лъугьунеб буго.

Бусурбанчиясул бацIцIадаб мисалалда куцазе ккеларищ нилъеца нилъерго лъималги. Исламалъул тIалабазулги нилъер хьвада-чIвадиялъулги пикру гьабураб мехалъ, нилъеда гьоркьоб цIакъго сурукъго бихьулеб буго кIигьумерчилъи, хъачIлъи, гьереси гIадал квешал хасиятал. Хирияв аварагасул ﷺ хIадис буго: «Мунапикъасул гIаламат лъабго буго: бицунелъул гьереси бицин, кьураб рагIи ккунгутIи ва гьабураб къотIиялъе хилиплъи».

 ШагIбан моцI бачIиналдаса пайдаги босун, гьел гIаламатал нилъелъ ратани, гьездаса ратIалъизе хIаракат бахъиги буго нилъелъ, нилъ бусурбаби рукIиналъул гIаламатлъун.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги. Амин.

 

 

ХIажи ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...