Аслияб гьумералде

Барааталъул сордо

Барааталъул сордо

ШагIбан моцI бащалъуда нилъеца кIодо гьабула Барааталъул сордо.

 

Гьеб сордоялъул хиралъи бицун рачIана аварагасул ﷺ гIемерал хIадисалги. МугIаз бин Жабалица бицараб хIадисалда буго: «ШагIбан моцIалъул анцIила щуабилеб сордоялъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ рахIматалдалъун балагьула кинабго халкъалде…», - ян.

 

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIайшатица бицана, Аварагас ﷺ абунин: «Дихъе цо нухалъ вачIана (рещтIана) ЖабрагIил малаик ва гьес абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Барааталъул сордоялъ жужахIалдаса хвасар гьарула Калаб тухумалъул гIиял рехъадул тIомалда бугеб рас рикIкIун гIадамал. Амма гьел хвасар гьарурал гIадамазда гъорлъе кколаро хIусудчагIи, чIухIарал, пахруял, гIагарлъиялъулгун бухьен къотIизабурал, чIухIдае ретIел (тIажу) халат гьабулел, эбел-эмен къварид гьарулел, жа гьекъолел, риба кваналел чагIи, мацIихъаби, питначагIи, сихIручагIи, хъачагъал».

Рекъараб буго хIалкIванагIан гIемер Аварагасде ﷺ свалат битIун гьеб моцI кIодо гьабизе.

Субукияс жиндирго тафсиразда рехсана, хIакълъунго, гьеб сордоялъ лъагIалил мунагьал чурулин, рузман сордоялъ анкьил мунагьал чурулел гIадин абун.

Амма мунагьал чуриялъе сабаб буго сордо борчIун лъикIаб гIамал гьаби.

Мунзириясдасан бицараб хIадисалда буго: «ГIидалъулги шагIбан моцI бащалъиялъулги сордо чIаго гьабурав чиясул, цогидазул ракIал холеб къоялъ, ракI холаро», - ян.

Гьеб сордоялъ бараб какилъ Аварагас ﷺ суждаялда гьабураб дугIаялдасан буго: «Аллагьумма агIузубика мин гIикъабика ва сахатIика вала ухIси санаан гIалайка анта кама аснайта гIала нафсика фалакал хIамду хIатта тарза», - абун. МагIна: «Я дир БетIергьан ﷻ, дица Дудалъун цIуни гьарула Дур гIакъубаялдаса ва Дур ццим бахъиналдаса. Дуе кколеб хIалалъ рецц гьабизе дихъа бажаруларо, Дуе рецц буго Дуца Дуего гьабураб гIадаб, Дуе рецц буго Мунго разилъулеб хIалалъ».

Гьеб сордоялъ цIализе лъикIаб буго лъабго нухалъ сурату «Ясин».

ТIоцебесеб «Ясиналъе» ният гьабула гIумру халалъизеян, кIиабилелъе – балагьаздаса цIунизе, лъабабилелъе – ризкъи гIатIилъизеян.

 

بِسْمِ اللهِ الرَّحْمَنِ الرَّحِيمِ. اَللَّهُمَّ يَا ذَا الْمَنِّ وَ لاَ يُمَنُّ عَلَيْهِ يَا ذَا الْجَلاَلِ وَ الإِكْرَامِ يَا ذَا الطَّوْلِ وَ الإِنْعَامِ لاَ إِلَهَ إِلاَّ أَنْتَ ظَهْرَ الاَّجِينَ وَ جَارَ الْمُسْتَجِرِينَ وَ أَمَانَ الْخَآئِفِينَ. اَللَّهُمَّ إِنْ كُنْتَ كَتَبْتَنِي (كَتَبْتَنَا) عِنْدَكَ فِي أُمِّ الْكِتَابِ شَقِيًّا (أَشْقِيَاءَ) أَوْ مَحْرُومًا (مَحْرُومِينَ) أَوْ مَطْرُودًا (مَطْرُودِينَ) أَوْ مُقْتَرًا عَلَيَّ (عَلَيْنَا) فِي الرِّزْقِ فَامْحُ. اَللَّهُمَّ بِفَضْلِكَ شَقَاوَتِي (شَقَاوَتَنَا) وَ حِرْمَانِي (حِرْمَانَنَا) وَ طَرْدِي (طَرْدَنَا) وَ اقْتَارَ رِزْقِي (رِزْقِنَا) وَ أَثْبِتْنِي (أَثْبِتْنَا) عِنْدَكَ فِي أُمِّ الْكِتَابِ سَعِيدًا (سُعَدَاءَ) مَرْزُوقًا (مَرْزُوقُيِنَ) مُوَفَّقًا (مُوَفَّقِينَ) ِللْخَيْرَاتِ فَإِنَّكَ قُلْتَ وَ قَوْلُكَ الْحَقُّ فِي كِتَابِكَ المُنَزَّلِ عَلَى لِسَانِ نَبِيِّكَ الْمُرْسَلِ يَمْحُو اللهُ مَا يَشَآءُ وَ يُثْبِتُ وَ عِنْدَهُ أُمُّ الْكِتَابِ. إِلَهِي (إِلَهَنَا) بِالتَّجَلِّي الأَعْظَمِ فِي لَيْلَةِ النِّصْفِ مِنْ شَعْبَانَ الْمُكَرَّمِ الَّتِي يُفْرَقُ فِيهَا كُلُّ أَمْرٍ حَكِيمٍ وَ يُبْرَمُ أَنْ تَكْشِفَ عَنِّي (عَنَّا) مِنَ الْبَلآءِ مَا أَعْلَمُ (نَعْلَمُ) وَ مَا لاَ أَعْلَمُ (نَعْلَمُ) وَ مَآ أنْتَ بِهِ أَعْلَمُ إِنَّكَ أَنْتَ الأَعَزُّ الأَكْرَمُ. وَ صَلَّى اللهُ عَلَى سَيِّدِنَا مُحَمَّدٍ وَ آلِهِ وَ صَحْبِهِ وَ سَلَّمْ

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...