Аслияб гьумералде

ХIалбихьиялъул моцI

ХIалбихьиялъул моцI

ХIурматиял бусурбаби! Гьале нилъеде тIаде щвана хирияб рамазан моцI. Гьеб буго муъминзабаз ахираталъул рокъобе хайир бакIарулеб мех. Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Къуръаналъул аяталгин хириял хIадисал гIемер руго.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Ле, гьал иман лъурал чагIи, нужеда тIадаблъун гьабун буго Аллагьас ﷻ кIал кквезе, нужеда цере рукIарал умматазе гьабун букIарабго гIадин нуж мунагьаздаса цIунун хутIизе рукIине», - ян (суратул «Бакъарат», 183).

Абугьурайратица бицана: «Рамазан бачIарабго Аварагас асхIабзабазе рохел бицунаан ва абулаан: «Нужеда тIаде бачIун буго баракатаб моцI жиндилъ кIал кквезе Аллагьас нужее паризаяблъун гьабураб ва къаси тIаде рахъун сордо чIаго гьабизе суннатаблъунги гьабураб. Рамазан моцI бачIарабго алжаналъул каваби рагьула ва жужахIалъул нуцIби къала, гьеб моцIалъ шайтIабиги рухьуна ва рамазаналъулъ буго азарго моцIалдаса хирияб цо сордоги», - абун.

Рамазаналъул хаслъаби

ТIадегIанав Аллагьас рамазан моцIалъе гьарун руго гIемер хаслъаби: гьеб гьабун буго баракатаб, къадру цIикIкIараб моцIлъун, гьелъулъ гьабун буго цо сордо азарго моцIалдаса хирияб, гьелъулъ кIал кквезе паризаяблъун гьабун буго, сардал рорчIизе суннатаблъун бихьизабун буго. Щив чи вугониги гьелъулъ цо лъикIлъи гьабун, гьев релълъуна цоги заманалъ лъабкъоялда анцIго паризаяб гIамал гьабурасда.

Рамазан ккола сабру гьабиялъул моцI, сабруялъул жазаян абуни ккола алжан. Рамазан ккола гIадамаз цоцазе боцIудалъун кумек гьабулеб моцI, жиндилъ муъминчиясул ризкъи цIикIкIунеб. Гьелъулъ кIал ккурав кваназавурасе щола лагъ тархъарасе щолеб гIадаб кири, кIал ккурав гIорцIизавурасе ялъуни гьекъезе жо гьесие кьурасе Аллагьас ﷻ гьесие кьола жиб гьекъон хадуб киданиги къечолареб гьекъолеб жо. Гьеб ккола жиндир авал - рахIматлъун, бакьулъ бакI - мунагьал чурилъун, ахир - жужахIалдаса тархъилъун бугеб моцI.

КIал кквеялъул даража

КIал ккурав чиясул макьу гIибадат буго, гьесул хIухьел тасбихI буго, гьесул дугIаялъе жаваб гьабула, гьесул гIамалги чанцIулго кIодо гьабула. Цо гIалимас абун буго: «Вакъарав чи кьижун вугеб мехалда гьесдаса шайтIан лъутула, гьев ворчIун вугеб мехалда кин тIурилареб? ВорчIун вугев чи гIорцIун вугони, шайтIан хьвадула гьесул бидурихьазулъ, гьев кьижун вугони кин хьвадилареб?» - абун.

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги рамазаналъ кIал ккун, Аллагьасдаги ﷻ божун, гIицIго Гьесие гIоло, Аллагьас ﷻ гьесул церехун аралги хадур гьаруралги (гьитIинал) мунагьал чурула», - ян. Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «БетIергьанас абулеб буго: «Адамил лъимералъ гьабулеб кинабниги лъикIлъи цIикIкIинабула анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан кIал хутIун, гьеб кIал буго Дие ва Дица жаза гьабула гьесие. Гьес тола жиндиего бокьараб жо Дие гIоло», - ян. КIал жужахIалдаса цIунулеб къолден буго, кIал ккурасул кIалдиса букIунеб махIги Аллагьасда ﷻ аскIоб цIикIкIун лъикIаб буго мискалдасаги, нужер цонигияс кIал ккураб мехалъ хъубал рагIаби абуге, шаргIалъул гIорхъабиги рахунге. Цониги чи гьесде вагъани яги хьандани, гьес абеян абе дица кIал ккун буго», - ян (Тирмизи).

Маликил вас Анасица бицана: «Къиямасеб къоялъ кIал ккурал чагIи хобаздаса къватIире рахъуна ва гьел батIа рахъизе лъала ккурал кIалал сабаблъун, гьездаса бугеб махIалъе гIоло. Гьезул кIалдиса бачIуна мискалдаса гьуинаб махI, гьезухъе росула тIиритIарал сурпаби ва кIалазда мискалъул мугьру чIварал парччал ва гьезда абула: «Нужеца кванай, нуж ракъун рукIана цогидал гIорцIун ругеб мехалда, нужеца гьекъе ва гьез гьеб мехалда рахIат босула гIадамал къечон, свакан машгъуллъун ругеб мехалда», - абун.

Рамазаналда алжаналъул дандчIвай

Цо асаралъулъ буго: «Алжан къачIадула щибаб соналъ рамазан бачIунелъул. Рамазаналъул тIоцебесеб сордоялъ ГIаршалда гъоркьа гьури пула ва алжаналъул тIанхал рагъаризарула ва гьелъул бахъуна гьаракь жиндаса лъикIаб цоги гьечIеб гIадаб, щибаб соналдаса соналде хIурулгIинзабиги къачIадула ва алжаналъул рагъабаздеги рахун гьез ахIула: «Аллагьасда ниж гьарулев чи гьечIищ. Гьес ниж лъудбилъун кьезе», - ян. Цинги гьез гьикъула: «Я Ризван, гьаб щиб сордо?» - ян. Гьес лабайкаян ахIула ва цинги абула: «Гьаб буго рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордо», - ян.

ТIадегIанав Аллагьасги абула: «Я Ризван, дуца алжаналъул нуцIби рагье МухIаммадил умматалъул кIал ккурал чагIазе, ле, Жибрил, мун рещтIа ракьалде ва рухье къосарал шайтIаби, гьезда гудралги рай, цинги гьел рехе ралъадазул гъварилъуде МухIаммадил умматалъул кIал ккуразул кIал хвезабичIого букIине», - ян. Гьединго рамазан моцIалъул щибаб сордоялъ Аллагьас ﷻ абула: «Тавбу гьабулев чи гьечIищ Дица тавбу къабул гьабизе, мунагьал рахчи тIалаб гьабулев чи вугищ Дица мунагьал чуризе, гьарулев чи вугищ Дица гьесие гьарараб кьезе, дугIа гьабулев гьечIищ гьесие жаваб гьабизе», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас щибаб рамазаналъул къоялъ кIал биччаялда аскIоб гIазабалъе мустахIикъав миллион чи тархъан гьавула цIаялдаса, рамазаналъул ахирисеб къоялъ тIубараб моцIалъ тархъан гьаруралгIанасел чагIи хвасар гьарула жужахIалдаса», - ян.

МАХIМУД СУЛАЙМАНОВ

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул Россиялда вугев посол Файсал Нияз Тирмизи вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гӀахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тӀуразарулев, Россиялъул БахӀарчи Темирлан АбутӀалимов, ДРялъул экономикияб...


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...