Аслияб гьумералде

ЛъагIалил кири босе

ЛъагIалил кири босе

КигIанго бокьичIониги рагIалде бакIарана хирияб рамазан моцI. Гьелъулъ гьабураб кигIанго гьитIинаб гIамал букIун батаниги, БетIергьанас ﷻ аза-азариде бахинабун къабул гьабеги щивасул. Гьарулел рукIарал гIамалалги хадурккун тIуразарулеллъун рукIине ва жидедаса рикIкIалъарал мунагьазде тIадруссунгутIизе тавпикъги гьабеги Аллагьас!

Исламияб календаралда рекъон, рамазаналда хадуб тIаде щола шаввал моцI. Гьелъул хиралъиялдасан буго рамазаналда хадубго гьелъулъги кIал кквезе хирияб букIин.

Абу Умамаца бицун буго: «Дица аварагасда ﷺ абуна: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ! Кинаб бугониги гIамалалде машгъуллъи малъе дида», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «КIал кквеялда тIадчIа, гьелда бащалъулеб жо гьечIо», - ян (Насаи).

КIал буго гьабулеб гIамалазул Аллагьасе бищун бокьулезул цояб. Абу Аюб аль-Ансарияс бицун буго Аварагас абунин: «Щив чи вугониги жинца рамазан моцIалъ кIал ккурав, цинги гьелда хадуб шаввалалдасан анлъго къоялъги ккун, гьев вукIина тIубараб лъагIалицаго кIал ккурав гIадин», - абун (Муслим).

ЛъагIалица кIал ккурабгIан кири кин букIунебин абуни, ибну ГIабасица бицун буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIадисул къудсиялда абун, аварагас r бицана: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лъикIабги квешабги ЛавхIалда хъвана, хадуб нилъее хирияб Къуръаналдалъун баянги гьабуна. Цо чияс лъикIлъи гьабизе къасд гьабуни, цинги гьеб гьабичIони, БетIергьанас ﷻ гьеб Жиндаго аскIоб гьабураб лъикIаб гIамаллъун хъвала. Амма къасдги гьабун гьабидал, Гьес ﷻ гьеб гIамал анцIго лъикIлъилъун, яги анкьнусиде бахинабун, ялъуни жеги цIикIкIинабун хъвала. Квешлъи гьабизе къасдги гьабун гьабичIого тараб мехалда Аллагьас ﷻгьеб лъикIаб гIамал гьабилъун хъвала, гьабураб мехалъ цо-цо квешлъилъун гурони хъваларо», - ян (Бухари, Муслим).

Гьанже хIисаб гьабе, цо гIамалалъухъ анцIго кири кьолеб бугони, 36-ялъухъ 360 кири щвеларищ?! Гьедин лъагIалица кIал ккураб гIадаб кири щвезе рес буго нилъее рамазаналда хадуб шаввалалъул анлъго кIал кквеялдалъун. Амма хьул буго БетIергьанас I нилъер гIамал анцIилъги кьабун, 360-ялде бахинабун гуреб, анкьнусилъги кьабун, жеги цIикIкIараб кири кьелин абураб.

Ригьназул моцI

КIал кквезе хирияб букIин гуребги, шаввал буго жиндилъ гIемерал хиралъаби рахчараб, ригьнал гьаризе суннатаб моцIги. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ дун ячана ва рос-лъадуда гьоркьоб букIунеб жинсияб хурхенги гьабуна шаввал моцIалъулъ. Дидаса баракатай щий чIужуха аварагасул r йикIарай?» - абун.

ХIадис бицарас абуна: «ГIаишатица лъикIаблъун бихьизабулаан ясал россабазул рокъоре шаввал моцIалъ рачине», - ян (Муслим). Имам Нававияс гьаб хIадис баян гьабулаго хъван буго: «Гьеб хIадисалъ бичIчIизабулеб буго чIужу ячине ва яс росасе кьезе шаввал моцIалъулъ суннатлъи букIин», - ян. Аварагас ﷺ абун буго: «Шаввал – ригьназул моцI», - абунги.

ХIадисалги хIужаялъе рачун, шафигIияб мазгьабалдаги суннатаблъун рикIкIуна гьеб моцIалъ ригьнал гьари. ХатIибу Ширбинияс хъван буго: «Суннатаб буго чIужу ячине (яс росасе кьезе) шаввал моцIалъ, гьединго рос-лъадуда гьоркьоблъиги гьеб моцIалъ гьабизе.

Гьединго лъикIаб буго гIадамазул нугIлъигун магьариги мажгиталда лъезе, гьебги радал заманалда букIине, хIадисалда абун букIахъе: «Я Аллагь ! Дир умматалъе баркат-рахIмат кье радал цудунго заманалда», - ян («Мугънил мухIтаж»). «ИгIанату тIалибин» абураб тIехьалда хъван буго, никахI гьабизе лъикIаб бугин рузман къоялъ, анкьил къоязул гьеб бищун лъикIаб букIиналъе гIоло. Аллагьас баракат лъеги щибаб хъизамалда.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...