Аслияб гьумералде

Ражаб моцIалъул хиралъи

Ражаб моцIалъул хиралъи

Хириял диналъул вацалги яцалги. Гьале тIаде щолел руго хириял моцIал ражаб, шагIбан ва рамазан. Гьел хириял моцIал тIаде щолел рукIин буго Аллагьасе щукру гьабизе кколеб кIудияб нигIмат. Нилъеца кутакалда жигар бахъизе ккола тIубарабго ражабги шагIбанги моцIаз кIал кквезе. Гьединго рецIизе фаризаял кIалал ругезги кIвар гьабизе ккола кIалал рецIизе. Суннатал кIалал кквейин абуни, кIудияб кири щолеб гIамал буго.

Хирияб хIадисалда Аварагас бицун буго: «Адамил лъимералъ гьабулеб кинабниги гIамал гьесие буго кIал кквей хутIизегIан, гьеб буго Дие колеб жо, Дицаго гьелъухъ жазаги гьабизе буго», – ян. (Муслим, Бухари).

Свалат салам лъеяв Аварагас абуна: «Аллагьасул нухда цо къоялъ кIал ккурав чи Аллагьас 70 соналъул манзилалъ жужахIалдаса рикIкIад гьавула».

Аллагь разилъаяв имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Дуца гIицIго фаризаял кIалалги ккун, мун гьелда къокълъун чIоге, мун гьелда къокълъани, ахираталда суннатал кIалал ккуразе щолеб хайир бихьараб мехалъ мунго пашманлъизе вуго», – ян.

Ражаб моцI ккола исламияб календаралда рекъон 7-абилеб моцI. Ражаб абураб цIар бачIана «Ражаба» абураб гIараб рагIиялдасан. Гьелъул магIнаги ккола кIодо гьабунаян абураб.

Ислам бачIинегIан цебеги гIарабияз кIодо гьабулеб моцI букIана гьеб. Гьеб моцIалъул къоло анкьабилеб ккола МигIражалъул сордо. Гьеб сордоялъ лъиего кьечIеб бищун тIадегIанаб даражаялде вахинавуна нилъер Авараг . Ражаб моцI ккола жидеда жанир рагъ хIарам гьабурал хIурматиял моцIазул цояблъунги, гьел моцIал тIаде щвараб мехалъ ислам бачIинегIанги гIарабаз рагъ къотIизе толаан.

ТIубанго гьел моцIаз кIалал кквезе суннатабилан буго. ТIубанго ражаб моцI ккун бажаричIони, моцIалъул тIоцебесеб, ахирисеб ва бакьулъа лъаблъаб къоялъ яги итни, хамизалъул къояз кквезе гIамал гьабизе ккела. Гьебги бажаричIони, итнихамизалъгIаги кквела.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Аллагьас зоб-ракь бижаралдаса хадубго Гьесда аскIоб моцIазул рикIкIеналъул къадар 12 моцI ккола, гьездаса ункъояб жиндилъ рагъ хIарам гьарурал моцIал руго. Воре, нужеца гьел моцIаз цоцазе зулму гьабуге», – йилан. Цогидал моцIазулъ гьарурал мунагьазда данде ккун гьел моцIазулъ гьарурал цIакъго кIодолъула. Гьединлъидал, гьекъолди, зина, зулму, гъибатбугьтан ва цогидалги мунагьаздаса хасго гьел моцIазулъ рикIкIад чIезе ккела.

Аллагь разилъаяв ибну ГIабасица абулеб буго: «АнцIила кIиябго моцIалда гьоркьоса хас гьабун ражаб, зулкъагIида, зулхIижжа, мухIаррам - ункъалго моцIазул хIурмат гьабуна, гьезулъ рагъги хIарам гьабуна. Гьел ункъалго моцIазулъ гьабураб квешаб гIамалалъул мунагь кIодолъулебго гIадин, гьабураб лъикIаб гIамалалъул кириги кIодолъула», – ян.

Хириял диналъул вацалги яцалги, Аллагьас нилъееги тавпикъ кьеги гьел хириял моцIаз Аллагь рехсон, Гьев разилъиледухъ хириял гIужал нухда тIоритIизе.

МУХIАММАД АХIМАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...