Аслияб гьумералде

ШугIайб афанди

«Дуца гIелму тани, метерисеб къоялъ мун дихъе чIегIераб гьумергун вачIине вуго…»

ШугIайб афанди

Аллагь разилъаяв ШугIайб афанди гьавуна гьижрияб 1270 соналъ, ЧIарада районалъул Багиниб росулъ. Гьесул эмен Идрис вукIана кутакалда варагI бугев, жиндир заманалда машгьурав гIалимчи. Гьесул умумул кколаан Хунзахъ районалъул БуцIра росулъа. Гьениса гьел гочана ЧIарада районалде ва Багиниб росулъ гIумру гьабун чIана.

ШугIайб афандияс хъвалеб буго: «Дида инсуца гьитIинаб мехалъго абуна: «Я дир берзул канлъи! Дица щибаб какда хадуб, хириял гIужазда ва дугIа къабуллъулел бакIазда Аллагьасда гьарулаан, дие гIелмуги гIамалги бугев вас кье», - ян.

Гьединго гьес хъвалеб буго: «Инсуца дие рагIа-ракьанде щун тарбия кьуна. ГьитIинаб къоялдаса гьес дун бертабалъ, кечI-бакъан, махсаро-хочI бугеб бакIазда гIахьаллъизе течIо. Аллагьасе рецц буго, дун кидаго гIалимзабазда ва гIакъилзабазда аскIов чIезе гьавуна гьес», - ян.

ШугIайб афандияс гIелму цIализе байбихьун гIемер заман иналдего, гьесул эмен Аллагьасул къадар щун ахираталде ана. Гьеб баян гьабун гьес хъвалеб буго: «Эмен хун хадуб, дир пашманлъи бихьун, дида гурхIун, ХIурухъ росулъа гIалимчи Давудица рокъовеги ахIун, дида абуна: «Дур инсуца дида малъараб гIадин, дица дудаги гIелму малъизе буго», - ян.

Гьелдаса хадубги гIелму камил гьабизе ШугIайб афанди хьвадана, доб заманалъ магьурал гIалимзаби - Гьунухъа ИбнухIажарил вас ХIажихъе, ГIириб росулъ имамлъун вукIарав Рилъаса АхIмадхIажихъе.

Бицен буго гьесул мугIалимзабилъун рукIанин Багиниса ГIабдуллагь, ХIурухъа ГIабдуллагь афанди, Рочиса Мамадибир афандиги. Инсуца ШугIайб афандиясда васият гьабун букIана: «Дуца гIелму тани, метерисеб къоялъ мун дихъе чIегIераб гьумергун вачIине вуго. Дун дудаса разияв вукIине гьечIо», - ян.

Инсул васият камилго тIубазе кутакаб хIаракат бахъана ШугIайб афандияс. Гьесда бацIцIадго лъалаан чанго батIияб мацI: гIараб, магIарул, азербайжан, гIурус, лъарагI ва фарси.

ЦIалиги лъугIун, лъикIаб гIелму щварав гьев хIалтIана ЦIахуралъул къадилъун ва мадрасалъул мугIалимлъун. Хадуб гьев ана ЦIоралъул Жунайгъи абураб росдае имамлъи гьабизе.

ЦIахуралда вугеб заманалда гьесда данделъана лъабго тIарикъаталъул устар: ЖабрагIил афанди, ХIамзатхIажи афанди ва КъусайхIажи афанди.

ШугIайб афандияс хъвалеб буго: «Устарзабигун данделъаралдаса дие дунял рагIадлъун лъугьана. Гьездехун бугеб рокьиялъ, дун гьезда вухьарав гIадин, гьел тезе кIоларого лъугьана», - ян.

ТIоцебе ШугIайб афандиясе тIарикъаталъул тарбия кьуна Къусай афандияс. Гьес ШугIайб афанди гIемер халваталда тун, муршидлъиялъул макъамалде вахине гьавуна. 1893 соналъ Къусай афандияс гьесие гIадамазда тIарикат малъизе изну кьуна.

Гьелдаса хадуб лъабго соналдаса гьесул устар Къусай афанди хвана. Киниги ШугIайб афандияс жиндирго устарлъи бахчана ва АхIмад Талалиясухъе муридлъун ана. АхIмад Талали вукIана гIемерал устарзаби куцарав, машгьурав къутIбу.

Гьес ШугIайб афанди анкьго моцIалъ халваталда тана ва гьесул камиллъи бихьидал тIарикъат малъизе изну кьуна. Гьелдаса хадубги ШугIайб афандияс анкьго соналъ жиндирго устарлъи бахчана.

Цинги АхIмад Талалияс жиндихъего ахIун, гьесда амру гьабуна, гIадамазда тIарикъат малъеян. Гьелдаса бихьула нилъеда ШугIайб афандиясул камиллъи ва машгьурлъиялдаса рикIкIалъи.

1897 соналъ АхIмад Талали ахираталъул рокъове ана. Гьев хун гIемер заман иналде, кигIан камилав кIиго устарас ижаза кьурав вугониги, ШугIайб афанди ГIасаса ГIабдурахIманхIажиясул тарбияталде гъоркъе лъугьана. ГIелму-гIамал рекъарав, хIеренлъи-хIалимлъи камилав вукIиналъ гьесда батIи-батIиял цIарал абулаан:

«Диналъул нур», «ГIарифуназул эмен», «Балъголъабазул ралъад», «Аварагасул ирс цIунарав хъаравул», - абун.

ШугIайб афанди вукIана цIакъ нечарав, хIеренав чи. Гьес абулаан: «Аллагьасе рецц буго, дие гьаб нич-намус кьурав», - ан.

Гьес «ТIабакъат» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Дир кигIан гIемерал руччаби муридзаби ругониги, гьезул лъабгоязул гурони дида гьумер лъалароан. Гьелги гIемер рачIунел, тIадегIанаб макъамалде рахарал рукIана», - ян.

Руччаби цояб рокъор тун, живго цогидаб рокъов вукIун гьабулаан гьес таважугь. Цояб рокъоса ахIулаан гьес, дуе пуланаб зикру, пуланаб бакIалда хисанаян.

ХIасан афандияс гьес хъварал тIахьазе къимат кьун абулеб буго: «ШугIайб афандиясул тIахьал руго цIакъ къиматал, пайда цIикIкIарал, къанагIатал. Доб заманалда гьединал тIахьал хъвазе кIолел гIалимзаби гIемер рукIинчIо», - ян.

Гьес хъварал машгьурал тIахьал ккола: «Зубдатул ахбар», «ТIабакъатул хаважакан накъщубандия», «Фаридату мухаммаса» ва «Къалаиду жавагьир».

Цо нухалъ ЦIоралда вукIадго ШугIайб афанди кутакалда унтана. Гьес абуна: «Гьанже дие кьураб заман лъугIана, дун рокъове вачине мали хIадуре», - ян. Хвалил унти чIварав ШугIайб афандиги молода лъун, ункъо мурид гьесул ватIаналде къватIир рахъана.

Устарас гьев ункъасдаго абулеб букIана: «Нужеца пуланаб бакIалде щвезегIан яхI бахъе, гьениб нилъеда данде кумек бачIине буго», - ян. Гьес абураб бакIалде щведал, гьезда данде анцIила щуго чи вачIана. ЦIоралдаса рачун рукIарал ункъавго мурид ШугIайб афандияс нахъруссун ритIана.

Цо гIор бугеб бакIалде щвейгун ШугIайб афандияс абуна: «Мали гIодоб лъе», - ян. Гьез мали гIодоб лъедал, ШугIайб афанди «Ясин» цIализе лъугьана.

Гьеб цIалун лъугIулаго Мубаракасул рухI босун ана. Гьеб букIана гьижрияб 1338 соналъул сапар моцI. Гьесул баракатаб зияратги ЧIарада районалъул Багиниб росулъ буго.

ИСРАФИЛ МУХIУМАЕВ ДИУЯЛЪУЛ МУГIАЛИМ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...