Аслияб гьумералде

ЖабрагIил афанди Лакити

ЖабрагIил афанди Лакити

Жинда Аллагь разилъаяв ЖабрагIил афанди гьавуна ЦIахуралда. ГьитIинго гьесул хъизан гочана ЦIоралда бугеб Лакити абураб росулъе. Гьев вукIана ракI рагьарав, кIалъай берцинав, хIалимав, вихьаравго гIадамазул рекIелъе вортулев инсан.

Гьесие тIоцебе тIарикъаталъул тарбия щвана машгьурав шайих МахIмуд афандиясдасан. МахIмуд афандиясе гьев кутакалда вокьулаан, гьесул рехсейги гIемер гьабулаан. Вокьиялъе гIиллаги букIана, гьев цогидал муридзабазде данде ккун, дунял рехун тарав, напс куцалев, сулукалъе жигар бахъулев вукIин. ШугIайб афандияс «ТIабакъат» абураб тIехьалда, гьесул тIабигIат-гIамал рехсон хъвалеб буго:

«ЖабрагIил афанди вукIана напс къачIаялде кIвар кьолев, кутакалда нечарав, хIалимав инсан. Жиндирго росулъе ЦIахуралде вачIараб мехалъ, гьев гIадамаз кIодо гьавизе лъугьиндал, нечон, гьениса хехго нахъе лъутана», - ян.

ЖабрагIил афандияс таважугь гьабун хадуб муридзабазда абулаан: «Дица нужер ракIазда Аллагь абураб гъветI чIана, гьанже пихъ тIад бижине нужецаго хIаракат бахъе, ракги бан, лъимги тIун», - ан. Зикру, свалат, истигъфар гIемер гьабунин абураб магIнаялда.

Шайих ГIабдурахIман-хIажияс гьев мубаракасул тIабигIатгIамалалъул, кашфу-караматазул ва гIумрудул лъугьа-бахъинал гIемер рехсон руго. Нилъеца баракаталъе цо-цоял рехсела.

- Цо нухалъ ГIабдурахIманхIажи ЖабрагIил афандиясухъе зиярат гьабун къватIиве вахъана. Лакити росдал рагIалде щведал, гьесул бер речIчIана, руччабаз бараб гIарац-меседалде. ЖабрагIил афандиясухъе щвейгун, гьес ГIабдурахIман-хIажиясухъе рагьизеги рагьун, гьаниса цIалеян «Мингьажу гIабидин» абураб тIехь кьуна. ГIабдурахIманхIажиясда гьениб хъван батана:

«ЧIужугIаданалда тIад ретIараб ретIелалде балагьи сабаблъун цо пуланав чиясул кIикъого къоялъ файиз къотIана», - ян. Хадубги ЖабрагIил афандияс гьесда абуна: «Я дир вас! Дуе батIалъи щиб гьал руччабазул габуниб бараб гIарац, дагьаб бугониги, гIемераб бугониги», - ян. ГIажаиблъарав ГIабдурахIман-хIажияс абуна: «Я дир устар! Шагьват гьечIонигицин руччабазда бер чIвазе бегьулеб батичIони, нижер росдал къватIал къваридал руго, хIатта рилъунаго цоцада хъвалеб хIал букIуна, гьениб кинха рукIинел?» - ан. ЖабрагIил афандияс абуна: «Щибха гьабилеб, дол рихьидал МахIмуд афандиясда ракI хурхине гьабе, гьеб мехалъ дуе батIалъи букIунаро гьел рихьаниги, капурав солдат вихьаниги», - ян. Гьеб сапаралъ ГIабдурахIман-хIажи, дол руччабазул гIарац-меседалда бер речIчIи сабаблъун, зикруги хисичIого нахъе витIана.

Гьелдаса хадуб цоги нухалъ зияраталъ вачIунеб мехалъ, ГIабдурахIман-хIажиясде цо росдал руччаби тIаделъула жидее сабабал хъваян. Гьев щулаго МахIмуд афандиясда ракIги хурхинабун чIана ва сверухъ ругел руччабаз гьесие щибго асар гьабичIо. ЖабрагIил афандиясухъе щведал, гьес абуна:

«Дуда бихьулищ ракI Аллагьасда хурхун бугеб мехалъ, кигIан аскIорегIан ругониги руччабаз дуе асар гьабичIеб», - ан.

Гьеб нухалъ зикруги хисун витIула ГIабдурахIман-хIажияв.

- Цо нухалъ ГIабдурахIманхIажияв ЦIоралде унаго, гьев нуха регIизе цадахъ вахъун вукIана ГIасаса гIалим ШагIбанил МухIаммад. ЖабрагIил афандиясухъе щведал, гьес ГIабдурахIманхIажиясда гьикъана:

«Мун нуха регIизе вахъун вукIарав, чIегIераб мегежалъул, ворхатав чи щив?» - ан. ГIабдурахIман-хIажияс жаваб гьабуна: «Дов дир гIагарав чи вуго», - ян.

Цинги ЖабрагIил афандияс абуна: «Мун кутакалда вокьулев чи вуго дов, нахъа дур лъикIав муридлъунги лъугьина», - ян.

Гьеб букIана жеги ГIабдурахIманхIажиясе изну кьелалде заман. Живго ГIабдурахIман-хIажиясги хъвалеб буго:

«Гьеб заманалъ дида ракIалдецин кколароан дун шайих вукIинин абун. Кин бугониги кинабго ЖабрагIил афандияс бицараб хIалалда ккана», - ян.

- Цо пуланав гIалимчиясда ракIалде ккана ЖабрагIил афандиясул хIал бихьизе. Гьес хIаракат бахъана чвантиниб хIамил ракги лъун, ЖабрагIил афандиясдаги гьесул муридзабаздаги цебе имамлъун как базе. Гьесул мурадлъун бугеб жо лъаниги, ЖабрагIил афандияс гьесда хъачIго рагIи абичIо ва жиндиего как бухьана. Салам кьун хадуб гьев гIалимас шайихасда абуна:

«Гьаб нилъер как бегьанищ?» - ан. ЖабрагIил афандияс абуна: «Дир как бегьана, щайгурелъул дица дуда хадуб какго бухьун букIинчIо, гьал муридзабазулги бегьана, щайгурелъул, дур чвантиниб бугеб хIамил рак гьазда лъалеб букIинчIелъул, амма дурго какил хIакъикъат дудаго лъикI лъала», - ян.

- ГIасаса ШагIбанил МухIаммадица бицана: «Цо нухалъ ниж ЖабрагIил афандиясда цадахъ жамагIат-как балел рукIана. Салам кьейгун устарас имамасда абуна:

- ГIасаса ШагIбанил МухIаммадица бицана: «Цо нухалъ ниж ЖабрагIил афандиясда цадахъ жамагIат-как балел рукIана. Салам кьейгун устарас имамасда абуна: «Ахирияб кIиябго ракагIаталда дур рекIелъе рехараб пикруялъ, диде кутакаб къасават бачIана, тIоцебесеб кIиябго ракагIаталда гIадин хIузуралда вукIаравани, дуе кIудияб макъам щвелаан», - абун. Хадуб гьес баян гьабуна, гьесул рекIелъе бачIараб батIулаб пикру.

ЖабрагIил афанди дунял тун ана гьижрияб 1308 соналъул, жумадул ахиралъул 12-абилеб къоялъ. Гьесул баракатаб зияратги Лакити росдал рагIалда буго.

ИСРАПИЛ МУХIУММАЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...