Аслияб гьумералде

Кинабго тIаса уна, гьабги ина

Кинабго тIаса уна, гьабги ина

Кинабго тIаса уна, гьабги ина

Цо базарган, варанабигун даран-базаралъ унаго, шагьаралъул рагIалда захIматаб хIалтIи гьабулев лагъасе саламги кьун тархъула.

 

Базарганас гьесие гьекъезе лъим кьола, гьесдехун жиндирго бугеб гурхIел загьир гьабун. Базарганасе жаваб гьабун, лагъас абула «Кинабго тIаса уна, гьабги ина», - абун. Хадур кIиялго жиде-жидер ишалде руссуна.

Гьелдаса хадуб гIезегIанго заманги ун, базарган цIидасан гьеб шагьаралде щведал, гьес лъазабула дов дандчIван вукIарав лагъасул къисмат. Гьесие баянлъула дов чи ханасул вазирлъун тIамун вугеблъи. Гьев базарган шагьаралде щун жиндир къисмат цIехолев вукIин лъарав вазирас абула, гьев гьоболлъухъ вачеян ва гьесие жиндирго ккаралъул бицуна. Гьес бицаралъухъ гIенеккарав базарган хIайранлъула. Хадуб вазирас жиндир гьобол нахъе унелъул гьесие сайгъаталги кьола. Къо-лъикI гьабун базарган нуха регIулелъул, «Кинабго тIаса уна, гьабги ина» - абурал рагIаби такрар гьарула.

Гьелдасаги заманги ун, жиндирго даран-базаралъ иргадулаб нухалдаги добго шагьаралде щварав базарган, цадахъ рукIаралгун ва сайгъаталгун вилъуна дов вазирасухъе. Гьедин кIиясулго гIадат лъугьуна цоцахъе тIаде хьвадулеб. Амма вазирас щибаб нухалъ ратIалъулелъул абулаан долго рагIаби. Иргадулаб нухалда шагьаралде щварав базарганасда лъала вазир Аллагьасул къадаралде щун вукIин. Гьев вукъараб бакI цIехон, хабаде щведал, зонода хъван батула: «Кинабго тIаса уна», - абун. Гьеб мехалъ базарганас пикру гьабула: «Гьабни кибего инаро», - абун. Цинги вазирасе дугIаги гьабун, нахъе вилъуна.

Заманги ун херлъарав базарган гьанжеги даран-базаралъ сапаралде вахъиндал щола добго шагьаралде ва вазирасул хабаде зиярат гьабула. Амма хабалаби ратуларо. Щиб-кин абун цIех-рех гьабидал, бакIалъулал гIадамаз абула рарал хехал цIадаз чурун анин хабалалин. Гьеб мехалъ базарганас абула: «ХIакъикъаталдаги кинабго тIаса унеб букIун буго», - ян.

Гьелдаса босун, нилъ киналго гьаб дунялалда божун, гьалде мугъчIвай гьабун рукIине бегьуларо. Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсаралдаса баянаб буго гьаб дунял кIкIарадул кваркьидулгIанцин пайда гьечIеб бакI букIин. КъулецIмаса ГIали-афандияс абулеб букIана: «Гьаб дунял нилъер ВатIан гуро. Нилъ руго кIудияб сапаралъ ругел, цо лъикIаб бакIалда хIухьбахъизе жал чIарал чагIазда релълъун. Ва гьаб бакIалдаса нахъе ине ккола», - ян. ТIадегIанав Аллагьас дунял бижараб мехалъ, гьелдехун абун буго: «Дуда хадур рилълъараздаса мун лъута. Мун рехун таразда хадубги лъугьа», - ян. Даимаб жо буго ахират, лахIзат буго дунял. Аллагьас бичIчIи кьеги щивасе ахираталда пашманлъуларедухъ гIумру тIамизе.

 

 

Заирбег МухIаммаднабиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...