Аслияб гьумералде

ДугIаялъ хисараб гIумру

ДугIаялъ хисараб гIумру

ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьабиялъул, Гьесде ﷻ хьул лъеялъул бищунго кIудияб шартIлъун ккола дугIа гьаби. Аллагьас ﷻ абун бугелъул хирияб Кьуръаналда: «Нужеца гьаре, Дица жаваб гьабила», - ян (Суратлул «Гъафир» 60 аят). Аллагьасда ﷻ гьари, Гьесде ﷻ мугъчIвай гьаби, Гьев ﷻ тун батIиясде хьул лъунгутIиги буго щулияб иман букIиналъул гIаламат.

Гьаниб рехсезе бокьун буго Аллагьас ﷻ дугIаялъе жаваб гьабиялъул хIикматаб къиса. - Дунги бетIергьанчиги данделъана 1968 соналда, - илан бицунеб буго СагIудиязул ГIарабиялдаса цо чIужугIаданалъ. - Дир рос вукIана берцинаб куц-мухъалъул, гIамал берцинав, гIумру хирияв, гIадамазда хIал рекъезабизе лъалев чи. Дун хIикмалъулаан гьес жиндирго эбелинсул гьабулеб адаб бихьун.

Дун кидаго Аллагьасе ﷻ рецц гьабулей йикIунаан гьединав рос дие кьуралъухъ. Ниж данделъун лъагIалиде, нижее Аллагьас ﷻ кьуна ясги. Гьелдаса хадуб заман иналде, дир рос хIалтIудаса цоги бакIалде, ай бакътIерхьул рахъалде витIана. Анкь базе гьев хIалтIуде рекIун унаан, хадусеб анкь гьесул эркенаб букIунаан. Эркенаб анкьалъ гьев рокъове вачIунаан ва нижеда аскIов вукIунаан. Гьедин ана лъабго сон. Нижер ясалъ ункъо сон балеб букIана.

Цо нухалъ хIалтIудаса рокъове вачIунаго дир рос тIад рекIараб машина авариялде ккана Эр-Риядалде щвараб мехалда (ЭрРияд - СагIудиязул ГIарабиялъул тахшагьар). Гьеб букIана 1972 соналъул рамазаналъул ичIабилеб къо. Гьеб авариялъул хIасилалда, цIакъ захIматаб хIалалда, рос больницаялде ккана. Тохтурзабазги ракI батизабулеб хабар бицунеб букIинчIо: 95 процент гIадалнахул клеткабиги хун ругин, хвалдаса вигьаниги гьесул гIумруялъе щибго мунпагIат букIунарин абулаан.

Гьеб лъугьа-бахъиналъ нижеде тIаде кIудияб къварилъи бегизабуна. Васасул хабаралъ херал эбел-инсул цIакъго ракI гурхIараб хIал букIана. Ункъо сон гурони гIумруялъул бачIей нижер гьитIинай яс Асмаца инсул рахъалъ кьолел суалаз букIана дирги ракI туризабулеб. БитIун гьеб авария ккелалде цебе гьелъие бокьараб расанкIо босилин рагIи кьун букIана инсуца.

Щибаб къойил ниж больницаялде хьвадулаан. Амма гьесул хIал тохтурзабазда цIехон гурони, тIаде балагьун нижеда лъазе рес букIинчIо ва кигIан заман аниги ниж рохизесеб хIалги лъугьунеб букIинчIо. Гьеб хIалалда ана щуго сон. Дида цоцояз абизе байбихьана къадиясухъеги ун, рос вугин цIар букIин гурони дие гьесдаса гьечIеб мунпагIатги бицун, ратIалъи тIалаб гьабейилан. Росасул гIадалнах хIалтIулеб гьечIолъиялда бан ва хадув гьев сахлъунгутIиги бихьун, шаргIалда ратIалъизе нух бугин абулелги камичIо. Дица киназдаго чIванкъотIун лъазабуна, дир росас хIухьел цIалеб бугебгIан заманалда жаниб гьев рехун тезе гьечIин абун.

Дирго тIолабго кIварги заманги дица гIун ячIуней ясалде кьезе байбихьана. Дирго рокъоб кьолеб тарбияталда ракI чIечIого, дица яс мадрасалде кьуна цIализе. Гьенибги хирияб Къуръан рекIехъе лъазабулеб бутIаялда тIад чIезе байбихьана. Ва анцIго сон гIумруялъул тIубалелде дир ясалъ Къуръан рекIехъе лъазабуна. Гьелдаса хадуб бицана дица тIоцебе ясалда гьелъул инсул ккараб жо. Инсул хIакъикъат лъан хадубин абуни гьелъ жеги гIемер бицине байбихьана гьесул. Зама-заманалда гьей ракI къварилъун лъугьунаан, гIемерисеб жиндирго рекIел къварилъи жанибго бахчунги йикIунаан.

АнцIго сон гурони гIумруялъул гьечIей Асмал диналдехун букIана кутакалда кIвар кьураб балагьи. Киналго паризаял жал гьелъ жиндир заманалда тIуралаан. Анкьго сон гIумруялъул бугеб заманалдаго Асма, сардил ахиралда, тагьажжуд базе яхъунаан. Дица кидаго Аллагьасе ﷻ рецц гьабула гьединай иман бугей, исламалда гIамал рекъарай яс куцазе диеги дир ясалъул хварал кIудиязеги рес кьуралъухъ. Зама-заманалда дица Асма инсухъе яккизе больницаялде ячине байбихьана. Гьелъ инсул цIаралдасан садакъаги кьолаан, кидаго инсуе дугIа гьабулейги йикIунаан.

ТIаде щвана 1993 сон. Цо къоялъ росасухъе раккизе аралъуб дида ясалъ гьарана къаси жий инсуда аскIой тейин. Дун разилъуларого йикIана, кинго Асмаца тIаса йичIчIичIого гьаридал, гьабуна гьелъие бокьараб. Къаси инсуда аскIой теялъул хабар гьадин бицунеб буго Асмаца: «Дун инсуда аскIой гIодой чIана ва байбихьана «АльБакъарат» сурат цIализе. Дица гьеб цIалун бахъинабуна. Гьелдаса хадуб гъапуллъи бачIарай дун, кьижун ккана. Цо заманалдаса йорчIарай дида дирго гьумер гьимиялъул ва ракIги гIажаибаб парахалъиялъул цIун батана.

Дица какичурана ва Аллагьас дие тавпикъ кьуралгIан гIемер суннатал какал рана. Гьедин йикIаго диде тIаде хадубги гъапуллъи бачIана ва кьижун ккана. ГьебсагIатго дун макьидаса йорчIана цо гьаракьалъ абулеб гIадинги рагIун: «Яхъа! Кин дуда кьижизе кIолеб, гурхIулев Аллагь кьижун гьечIеб мехалъ? Кин мун кьижизе йигей, Аллагьас жинда цере ккурал кверал чIорого нахъчIвалареб сагIаталъ», - абун. ГьебсагIат дун тIаде яхъана ва цере квералги ккун Аллагьасде гьардезе лъугьана.

Бусада вегун вугев инсухъги балагьун, дир бадиса магIу чвахизе льугьана ва дица Аллагьасда гьарана: «Я, ГурхIулев, киналъего хIалкIолев Аллагь. Дир инсуде гьаб унти биччаравги мун вуго, амма сундухъго Дуе рецц гьабулел ва Дуца бихьаралде сабру гьабулел нижги руго. Я, Аллагь, Аюбие сахлъи кьурав, Муса эбелалъухъе тIадвуссинавурав, Юнус ччугIил чохьонив цIунарав ва хадуб хвасарги гьавурав, Ибрагьим цIадул бухIи цIороялдеги сверизабун чIаго нахъе тарав, Мун вуго БетIергьан.

Дир инсуде унти биччаравги Мун вуго, Аллагь. Гьасие сахлъи кьезе кIолевги цо Мун вуго, Аллагь. Гьелъие къуватги хIалги цо Дур гурони гьечIо, БетIергьан. Дурго рахIмуялдалъун дир инсул гьаб унти нахъе босе, хирияв Аллагь»! Гьеб бакIалдаги дун макьица кверде йосана. Ва рогьалил как ахIизегIан кьижун ккана. Цойидасан йорчIана: «Ясай, мун щий кколей? Дуца гьаниб гьабулеб щиб»? - ян абулеб гьаракьги рагIун. Дун сверухъ балагьана. Щивго чи гьечIоан. Гьаракь хадубги бахъана. Амма гьеб букIана дир инсул гьаракь.

Йохарай ва йиххарай дун инсуда хурхана ва къочана. Гьес абуни дун нахъе цуна, дида мун лъаларинги абун. «Эмен, дун дур яс Асма йиго»! - ян ахIана дица. ГьебсагIат дун къватIие ана ва тохтурзабазда эмен лъавуде вачIун вугин бицана. Риххун ккарал гьел инсуда аскIоре рекерана. Америкаялдаса тохтурас, гIараб мацIалъ, СубхIаналлагьин ахIана. Египеталдаса тохтурас Къуръаналъул аят цIалана: «Аллагь вацIцIадав вуго, турун хадурги рукьбузда рухI лъолев», - абураб магIнаялъул. Сверухъ лъугьунеб жо бичIчIуларев инсуца абуна:

«Аллагь вацIцIадав вуго Жиндие рокьарал лагъзал цIунулев. Авария ккелалде цебе дие зухIаялъул как базе бокьун букIана. Бан букIанадай дица гьоб»? - абун.

Гьаб гIажаибаб къиса гьадин лъугIизабулеб буго гьев гIарабиясул лъадуца: «Дир рос Абу Асма рокъове тIадвуссана. Гьанже гьесул буго 46 сон. Нижее гьавуна васги. Реццги шукруги буго гурхIулев БетIергьан Аллагьасе ﷻ гIемерал соназ хвараздаги чIагояздаги гьоркьов гьечIого вукIарав дир рос, щибго букIинчIебгIадин рокъове тIадвуссинавурав, нижер яс гьев сахлъизегIан сах-саламат берцинго хьихьун, кIудияй гIезаюрав ва гьелщинал соназ росасде бугеб божилъиги аманатги цIунун, Жинде хьулгун, исламалъул щулияб нухда дунги цIунарав», - ян абун. Кинабго хIалалъулъ Аллагьасде ﷻ аманат бухьи чара гьечIеб жо буго бусурбанчиясе. Аманаталда цадахъ дугIаги регIизаби, дугIаялъе жаваб Аллагьас ﷻ гьабизе букIиналда ракIчIараб божилъи букIинги кIудияб талихI буго муъминзабазе.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...