Аслияб гьумералде

Къуръан цIалиялъухъ гIенеккиялъул пайдаби

Къуръан цIалиялъухъ гIенеккиялъул пайдаби

Инсалги жиналги битIараб нухде тIоритIи.

Къуръаналда буго: «Рохел бице Къуръаналъухъ гIенеккулезда, гьелъул лъикIалда нахъги рилълъунезда. Гьел руго Аллагьас тIоритIарал гIадамал…».

 

ГIибадатлъун хъвай. Къуръан ккола жиб цIали гIибадатлъун рикIкIунеб гIамал. Гьелде гIинтIамиги гIибадат ккола.

РахIмат рещтIин.

Къуръаналда буго: «Нужее Къуръан цIалулеб заманалда нуж гьелъухъ гIенекке ва руцIцIун чIа, гьедин гьабуни нужеде Аллагьасул рахIмат рещтIина. Хирияб хIадисалда буго: «Цониги къавм Аллагьасул цониги рокъор Къуръан цIализе ва цоцазда малъизе данделъани, гьезде рещтIуна парахалъи ва гьел рахIматалъулъ тIерхьуна…», - ян.

Бадиса магIу бачIиналъе ва ракI тIеренлъиялъе сабаб.

Бичасул аварагас ﷺ ибну МасгIудида абуна жиндие Къуръан цIалеян. Дицайищ цIалилеб дуде рещтIараб Къуръанилан гьикъана гьес. Хирияв аварагас ﷺ абуна, жиндие бокьулин цогияс цIалулаго гIенеккизе. Цинги цIалана сурату «Ан-Нисаъ». Факайфа иза жиъна бика… абураб аят цIаларабго, гьанже тархъеян абунила гьес. Цинги жинда гьесул берал магIил цIунги рихьанила.

Балагьаздаса цIуни.

Инсан кинабниги квешлъиялдаса цIуниялъе рачIарал аятал цIалулев чи цIунаравлъун вукIуна балагь-къварилъабаздаса. Гьелги ккола сурату «ал-ФатихIа», суратул «Бакъараталъул» авалиял аятал, бакьулъел ва ахирисел, гьединго цоги аяталги.

Чорхое сахлъи щвей.

Къуръаналда руго сахлъи щулалъиялъул нияталда цIалулел аятал. Гьел цIалиялдалъун инсанасе сахлъи тIадбуссуна.

Ургъалаби тIаса роси. Гьелъул хасал аятал цIалани, ургъел тIаса босула ва гьеб тIагIуна.

 

СагIид АхIмадов, Гъизилюрт шагьар

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...