Аслияб гьумералде

Макка бахъи

Макка бахъи

«Ал-ФатхI» сураталъул 27-абилеб аяталда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагьас ﷻ жиндирго аварагасул хIакъаб макьу ритIухъ гьабуна: «ХIакълъунго, нуж Аллагьасе бокьани, Масжидул хIарамалде лъугьине руго божараллъун, нужеца нужерго бутIрулги кIкIван ва цо-цояз къунцIун, ва щибго жоялдаса нужги хIинкъулареллъун».

Гьесда лъана гьеб нахъбахъиялъулъ бугеб хIикмат, нужеда лъалареб жо. Гьесги гьабуна, гьеб Масжидул хIарамалде лъугьинегIан къотIи тIубазабун, гьезда гIагарда бугеб бакI бахъи (Хайбар), гьел муъминзаби гIодоре риччазаризе».

ГIаламалъул хирияв ﷺ Маккаялдаса гьижра гьабурал муъминзабазда гьеб рохел бицине гIедегIана. Мадинаялде гьижра гьабуралдаса жеги тIадруссине муъминзабазда кIолеб букIинчIелъул, нагагь кквезе щвани, мушрикиназ гIакъуба кьолеб букIиналда бан.

ГIемер заман иналдего гьеб макьуялдаса жиндирго Аварагасул ﷺ ракIчIей букIине жеги вахIюги рещтIана, Дур макьу ритIухъаб бугин абураб магIнаялда, бусурбабиги божараллъун, щибго хIинкъи гьечIого Масжидул хIарамалде лъугьине ругин абун.

ХIакъикъаталдаги гьоркьоб заман иналдего сиясатги кьучIдасанго хисула, бусурбабиги цебе рещтIараб вахIюялда рекъон бергьенлъигун Масжидул хIарамалде лъугьуна.

Амма гьаниб буго нилъеца хIисаб гьабизе кколеб бакI, доб «Ал-ФатхI» сураталъул 27-абилеб аяталда абулеб буго, Макка бахъилалде бусурбабаз цоги бергьенлъи босизе бугин абун. ХIакъикъаталдаги, 628-абилеб соналъ, аяталда бицухъе, бусурбабаз цин ягьудиязул милкалда букIараб Хайбар босула, хадуб Маккаги бахъула.

Хайбар бахъиялдалъун гъваридаб лъалкI тана жалго шагьаралда гIумру гьабун ругезе гуребги, Аварагасул ﷺ тушбабазегицин, хIатта гьел дандечIей гьабичIого кверде рачIунел рукIана. Хайбар бахъидал тIоцересел бусурбабазул къадарги цIикIкIана, дагь-дагьккун бусурбабаз жидерго хIукуматги гIуцIула.

Гьале цоги аятал Макка бахъиялъул хIакъалъулъ бусурбаби рохизарун рещтIарал:

«ХIакълъунго, Дица дуе рагьи гьабуна баянабго рагьиялъ. Аллагьас ﷻ дур цере арал ва нахъа ругел гIайибчIвай гIадал жал рахчизе гIоло ва Гьесги тIубазабизе дуда тIад жиндирго нигIмат, ва Гьес мунги тIовитIизе битIараб нухда. Ва Аллагьас ﷻ дуе кверги бакъизе бергьараб квербакъиялъ» («Ал-ФатхI» сураталъул 1-3 аятал).

«Ва гьев Аллагьги жинца гьезул (Маккаялъул капурзабазул) кверал нужедаса нахъчIварав вуго, ва нужер кверал гьездасаги, Маккаялъул жаниблъиялда нужер кверщел гьезда тIадги батизабун хадуб, нахъчIварав вуго. Ва Аллагьги нужеца гьабулеб жо Жинда бихьулев вуго» («Ал-ФатхI» сураталъул 24-абилеб аят).

«Ва гьел (Маккаялъул) ракьалдаса къватIиве гъезейилан рахъана. Гьедин къватIиве гъей ккараб мехалъ, гьел кватIиларо хилапалда дагьабго заманалъ гурони. (Гьединго гьезул иш кватIичIо Мадинаялде гьал щун цо сон арабго гьел Бадруялда гъурана)» («Исраъ» сураталъул 76-абилеб аят).

Авараг ﷺ гьижра гьабун микьго соналдаса тIад вуссана Маккаялде бергьенлъигун. Цоги кIиго соналдаса шагьаралда рукIанщинал, Аллагь ﷻ цо вукIиналдаги мукIурлъичIел, Аварагасдаги ﷺ божичIел мушрикинал Макка тун къватIире ана, аяталда бицухъе.

Гьаниб буго жеги нилъеца кIвар кьезе кколеб бакI: Аварагас ﷺ Маккаялде тIадруссиналъулги, бергьенлъи босиялъулги рохел бицана мугьажирзабазда (Маккаялдаса гьижра гьабурал), гьел цIакъ захIмалъиялдаги, къварилъиялдаги, Маккаялде тIадруссине хьулгицин гьезул гьечIеб хIалалъулъ рукIаго. Маккаялъул мушрикиналин абуни, гьедун рукIана тIокIав МухIаммадги ﷺ гьесул асхIабзабиги Маккаялде риччазе гьечIилан. Аварагас ﷺ вахIю бициндал, цо-цо иман загIипал гIадамал релъизецин релъула Аварагасда ﷺ божичIого.

Амма хIалкIолев Аллагьас ﷻ жиндирго Аварагасул ﷺ ритIухълъи, тIадегIанлъи, камиллъи загьир гьабула.

Аварагас ﷺ жинда тIадкъараб авараглъиги мустахIикъаб куцалда тIубазабуна, КагIба-рокъор рукIарал хъанчалги гъурана.

Гьаб кинабго иш, Къуръаналда рехсараб куцалдаса алхинчIого лъугьин ккола, Къуръаналъул хIикматлъун.

МухтарахIмад МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...