Аслияб гьумералде

Хиралъи тIадегIанав

Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев авараг. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда гьев рехсана вахIю инсанияталде щвезабулев авараг хIисабалда, цогидал аварагзабазул цIарал рехсечIого.

 

Гьесул ﷺ дагIват тIолабго халкъалде буго, гьев ﷺ витIун вуго гIадамазухъеги жундузухъеги. Гьесул ﷺ рахIмат киназего гIаммаб буго, Аллагьас ﷻ изну кьуразе гьесул кумек щвела. ГIадамазулгун гьоркьорлъабазулъги гIамал-хасияталъулъги гьев вукIана лъикIавлъун. Гьесул ﷺ къавм ккола къурайшиязул тухумалъул бищун лъикIаб. Гьев ﷺ ккола гьашимиязул тухумалдаса. Гьашим вукIана Аварагасул ﷺ кIудияв эмен, жиндирго сахаватлъиялъ ва хIажизабазул ургъел гьабиялъ машгьурлъарав чи. Гьесдасан щвараб буго тухумалъе «Бану Гьашим» абураб цIарги.

Аварагасул ﷺ сира, ай хьвада-чIвади лъазабиялъ Аварагасдехун ﷺ нилъер рокьи цIикIкIинабула. Гьединго нилъеда лъазе ккола Аварагасул ﷺ тухум, наслу, гIагарлъи, лъимал ва гь. ц. Аварагасул ﷺ букIана анкьго лъимер: ункъо яс ва лъабго вас. ГIаднаналде щвезегIан бусурбабазул гIалимзаби цо пикруялда руго. ГIаднаналдаса хадуб ИсмагIил ибн Ибрагьим аварагасде щвезегIан ва ИсмагIилидаса байбихьун Адам аварагасде щвезегIан гIалимзабаз абуна мугъчIвай гьабизе жо гьечIин. Гьелъие гIилла буго ГIаднанидаги ИсмагIил аварагасдаги гьоркьоб гIалимзабазул хилаф букIин. Гьединго ИсмагIил аварагасдаса байбихьун Адам аварагасде щвезегIан гIемерисел цIаразулъ гIалимзаби тIадрекъана, цо-цо цIаразулъ дагьабго дандеккунгутIи бугониги.

Ибну ГIаббас-асхIабасдасан бицана ГIаднанидаги ИсмагIилидаги гьоркьоб 30 лъаларев инсул цIар бугилан.

Аварагас ﷺ жиндирго наслуялъул рехсолеб мехалъ, ГIаднанидаса хадуб лъалхъи гьабун абуна: «Гьез наслуялъул хIакъалъулъ гьереси бицана», - ян.

Цо нухалъ имам Маликида гьикъула Адамиде щвезегIан аварагасул наслуялъул сияхI гьабулев чиясул хIакъалъулъ. Имам Маликие гьеб бокьичIо. Цинги гьез гьесда гьикъана ИсмагIилиде щвезегIан рехсолев чиясул хIакъалъулъ? Гьесие гьебги бокьичIо. Гьединго имам Маликидасан бачIана киналго аварагзабазде щвезегIан гIаммаб къагIидаялъ наслуялъул сияхI гьаби гьесие бокьулеб букIинчIин абунги.

Гьединлъидал, нилъеца Аварагасул ﷺ наслуялъул хIакъалъулъ ГIаднанидаса рикIкIад рехсечIого тезе беццараб буго. ДандеккунгутIи ва цIарал хиси бугелъул, гьеб дагIбаялъул ва цIех-рехалъул пайда дагьаб буго.

ГIаднаниде щвезегIан бугеб наслу гIалимзаби тIадрекъараб ккола.

Авараглъиялде щвезегIанго, ай 40 сон базегIан, гьев лъалаан божи бугев чилъун (Амин абун). ЧIахIияздаги гьитIиназдаги гьев лъалаан къадруяв чи хIисабалда. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев «лагъ» абун тIадегIан гьавуна, щайгурелъул, Аллагь ﷻ лъаялъул тIадегIанаб даража гьеб букIиналъ. Гьединлъидал гьев вуго киназдасаго камилав. Гьесул лагълъи гьаби мухIканлъидал, ай ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ хъулухъ гьабиялъул магIна, Аллагьас ﷻ гьесда хирияб Къуръаналъул чанго бакIалда жиндирго лагъ абун цIар лъуна.

«Лагъ» абураб рагIиялъул магIна ккола тIубанго Гьесие ﷻ мутIигIлъун хъулухъ гьабулев чи абурав ва жиндирго пикру букIунарев. Гьес тIаса бищула Аллагьасе ﷻ бокьараб. 

МухIаммад аварагасе «султIан авараг» яги «лагъ авараг» вукIине рес кьураб мехалъ, гьес тIаса бищана лагъ-авараглъун вукIин. Аварагас ﷺ ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бищун бокьулеб тIаса бищана.

Авараг ﷺ вукIана халкъалъе рахIматлъун, Живго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана гьедин. Гьев витIун вукIана халкъалъул тIабигIат рагIа-ракьанде щвезабизе. Гьелъул иш хирияв Аварагас ﷺ тIубазабуна ва халкъги гьелде ахIана.

Щай гIарабазул ракьалда МухIаммад авараг вахъарав? Гьелъие чанго гIилла буго. Доб заманалда гIарабазул рукIана гIемерал лъикIал хаслъаби, квешал цо-цо жал рукIаниги, хъанчазе гIибадат гьаби гIадаб. Амма гьез цIунун рукIана Ибрагьимил шаргIалдаса цо-цо гIадатал. Гьединлъидал Авараг ﷺ витIула гьезул рукIарал лъикIал тIабигIатал рагIа-ракьанде щвезаризе, лъикIлъизаризе ва гьезул гъалатIалги рацIцIад гьаризе.

Гьединго доб заманалда дунялалда кверщел гьабулеб букIана Византия ва Персия гIадал чIахIиял пачалихъаз. Гьезул яхI-намусги гIаданлъиги гIорхъодаса ун хвараб букIана. Жидерго империяги тун гьелъул церехъабаз Авараг ﷺ къабул гьави цIакъ захIматаб ишлъунги букIана.

Амма гьединаб ахIвал-хIал ГIарабиялда букIинчIо. ТIадегIанав, кинабго лъалев Аллагьас ﷻ тIаса бищана гьеб ракь ва Авараг ﷺ гьениса вахъинавуна. Ва гьедин байбихьана ислам тIибитIизе. Исламалъул берцинлъи бихьидал дунялалъулго гIадамазги байбихьана ислам къабул гьабизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...